Аслияб гьумералде

Къо бихьун гьабуралда гурищ баракатги букIунеб

Къо бихьун гьабуралда гурищ баракатги букIунеб

Аварагзабазул хIалтIи

Инхоса ГIалихIажиясул машгьурал рагIаби руго «ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хур» абурал. Гьаб заманалъе цIакъ рекъон кколел рагIаби руго гьел. Щайгурелъул, щибго къо бихьичIого гIемераб магIишат щвезе бокьарал гIадамал гьанже гIадин киданиги рукIун ратиларо. ЗахIматаб хIалтIи бугин абун хурухъанлъи рехун тун, гъин бихьулеб бугин абун вехьлъи гьабичIого унеб буго нилъер гIумру. ГIемер рагIула росулъ боцIуда тезе вехь щолев гьечIин абулебги. Щайин цIехедал, абула гIолохъабазе бокьулеб гьечIин захIматаб хIалтIи букIиналъилан.

Амма гIезегIан гъин баччун хIалтIулев Ибрагьимов МухIаммад абурав гIолиласулгун дандчIвай ккана нижер гьал къоязда ЛъаратIа районалъул Гъведиш росулъ. «Сугъралъ» агрофирмаялъул гIиял рехъадул биргадирлъун хIалтIулев вуго гьев. Гьесулгун ккараб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.

– МухIммад, мун гьаб хIалтIуде кин ккарав?

- Дир эмен (мунагьал чурад) вукIана гIумруялъго вехьлъи гьабурав чи. КIиабилеб классалда вугев чи, рии-риидал, гьесда цадахъ вукIунаан дун. 9-абилеб классалдаса нахъе гьабулаан вехьлъи. Школа лъугIун хадуб цIализе лъугьун вукIана росдал магIишаталъул институталде. КIиго курс лъугIидал, ана мадрасалде. Гьенисаги ана армиялде. ТIадвуссун хадуб хIалбихьана батIи-батIиял хIалтIабазул. Дидаги лъалеб, дунгоги ругьунаб вехьлъиялде тIадвуссана ахирги.

– Мун биргадир вугелъул, дурго хIалтIул хIакъалъулъ бицани бокьилаан?

- Дица жаваб кьезе ккола рехъадул, ралагьизе ккола гIухьби ва цогидабги къваригIараб-тараб. ГьабсагIат вехьасе нижеца кьолеб мухь ккола 36 бетIер гIиял. Гьединго моцIрое квание 16 кг гьаналги. Жеги 200 тук харил ва 60 кг пиринчIалъул. Гьедин бугониги гьаб заманалда гIухьби ралагьизе захIмат буго, гIолохъабазе гьеб иш бокьулеб гьечIо. Гьелде тIадеги, риидал рехъен гочуна нижер магIарде. ТIубараб рииялъ гьел речIчIун хIан бахъизеги рес букIуна гIухьбузе. Гьел магIарде риччаралъухъ жамагIаталъе хасаб мухьги букIуна.

– ГIи бечIчIиялъул низам кинаб букIунеб?

- 1500-2000 бетIер бугеб рехъада гьоркьоса бищула 500-600 бетIер лемагалъул. Гьезул гьабула хасаб рехъен. Цогидаздаса ратIа гьарун хьихьула гьел. Цудунго радал кваназеги риччан, бакъ эхеде бахиндал, рачуна речIчIизе. Гьеб рехъен бечIчIула лъабго чияс. Гьенибго къала хIанги. Цинги, рокъобеги босун, рекъараб къадаралда цIамги бан, хIадур гьабула бичизе. Нижехъ гьелъул цо килограммалъул багьа буго 500-700 гъурущ. БитIараб бицани, гьеб буго гIезегIан къо бихьулеб хIалтIи. Цогидаз гIадин порошоказда гьабуларо, умумузул къагIидаялъ бурукьалда гьабула хIанги.

– МухIаммад, цебе умумуз хIан цIунулаан чахъдал тIомол гьабураб жоялда жаниб. Нужеца кин гьабулеб?

- КъанагIат руго гьедин гьабулел гIадамал. Нижеца бочкабазда жаниб цIамул лъелъе рехула гьеб. ТIомода жаниб цIунаралда цо-цо рас-муч камуларо, гьанже гIадамазе гьеб бокьулеб гьечIо. ГIи бечIчIулеб заман ахиралде щолеб мехалда (гьел речIчIи сентябралда тола) рахь букIуна бакъияб, беэнлъи цIикIкIараб. Гьединаб рахьдал гьабула ччутI, ай хинкIал ччулеб жо. Гьеб букIуна гIадатияб, бетараб рахьгIадаб жо. 5 литралъул шишаялъубе рахьги тIун, гьелде гъорлъе цIамги бан тола. Цо заманалдаса гьелъул лъуна хинкIал ччвизе бегьулеб лъамалъи. Цебе заманалда гьебги тIомалда жаниб гьабулаан. Гьениб гьабураб гьеб дагьабги лъикIабги лъугьунаан, щайгурелъул, гьелда гьоркьоса риди бецIун бачIунаан ва жаниб хутIулаан дагьабго бакъияб лъамалъи. Гьанже гьебги шушбухъ гьабула.

– Дур хIалтIи кинаб бугеб, захIматабищ яги бигьаябищ?

- БитIараб бицани, дие цоги бокьараб хIалтIудаса гьаб бигьаяб буго. Щайгурелъул, тIубараб къоялъ кабинеталъув компьютералда нахъа вукIинегIан, дие гьабго бигьаяб буго. ТIубараб къоялъ кодор чIумалги ккун гIияда хадув вукIиналдаса лъикIаб жо дида бихьуларо. Амма гьеб лъаларев чиясе захIматаб букIина. Дир ракIгъей ва мугъчIвай букIуна гIи хьихьи аварагзабазул пиша букIиналдалъун, гьединго устарзабазги гьабураб хIалтIи букIиналъ, баракатаб иш буго.

– Гьанжесел гIолилазда щиб абилеб?

- Нижер росулъ ругел гIолохъабаздаги абула дица, рилълъайин риидалгIаги гIияде яги гьел речIчIизеян. Щибго гьабичIого рокъор рукIиналдаса лъикI бугин нужее абун. Гьеб бокьулел гIемер кколаро. Балагье, щуго къоялъ рехъаде ани нижеца кьола цо къоялъ бечIчIараб рахь. Гьеб ккола 30 кг хIанил. ГIемераб гIарац гьечIониги, щибго жо гьечIого рукIинегIан, лъикI гьечIищ. Россиялде ва цогидал бакIазде хIалтIизе уна гIолохъаби. Гьелдаса кигIанги лъикIаб буго росулъго бугеб магIишат. Гьале нижер жамагIаталъул гIалахалъул бащадабцин хIалтIизабулеб батиларо, гьелъие гIураб боцIи гьечIо. Гьединал ресал ругониги, дагьабниги къо бихьун гьабулеб хIалтIи бокьулеб гьечIо. Къо бихьун гьабуралда гурищ баракатги букIунеб.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВАС

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар

Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.   Къецги тIобитIун букIана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевасул хIарака-талдалъун, жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезариялъул хIурматалда. Гьеб тадбиралде данделъана...


ГIузру бугесе бигьалъи

ТIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугелдасан ккола как. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккола букIине кколеб куцалда как базе, ай киналго шартIалги цIунун. Гьединго цIунизе какилъ рихьизарурал суннатал гIамалалги.   Фикъгьиялъул тIахьазда хъван буго как балелъул вахъун чIезе бажарулеб...


Луганскиялде сапар

ДРялъул делегация дандчӀвана Луганск шагьаралъул администрациялъул вакилзабигун ва рехсараб шагьаралъул бетӀерасул ишал тӀуралей Яна Пащенкогун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев; Россиялъул бусурбабазул цӀиял ракьалда...


Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?   Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма киназдасаго цо как бан тIубазабуниги щибго гьукъараб жо гьечIо. Амма щибалъе батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъугьиналдалъун гӀемераб заманги бан...