Аслияб гьумералде

ЦIияб къагIидаялъул цIияб мадраса

ЦIияб къагIидаялъул цIияб мадраса

ЦIияб къагIидаялъул цIияб мадраса

ЖамгIият талихIабгун баракат бугеб букIине бокьани, гIун бачIунеб гIелалда исламияб дин малъизе ккола. Гьелда жаниб буго инсанасул гIумруялъе хIажатабщинаб. Адаб-хъатирги, гъваридаб лъайги, гIумруялъул магIна бичIчIиги, магIишат-яшав гьабиялъе кантIиги, кинабго жанибе бачуна исламияб гIелмуялъ. Инсан дунялалде вачIаралдаса ахираталъул рокъове инегIан, чара гьечIел малъа-хъваял руго гIелмуялда жанир.

 

Дагъистаналъул щибаб росулъ мадраса камураб бакI батиларин абизе бегьула, гьебги буго шукру гьабизе тIадаб нигIмат.

Гьаб гIагараб заманалда цIияб мина бан лъугIана Гъизилюрт районалъул Гелбахъ росулъ. Нижеда рагIана гьениб лъималазе лъай кьолеб бугин заманалда рекъарал технологиялги хIалтIизарун. НахъбахъичIого сапар бухьана Гелбахъалде редакциялъул хIалтIухъабазги. Мадрасалъе нухмалъи гьабулев, гьенир цIиял къагIидаби ургъиялда тIад хIалтIулев вуго гIалим, программист, чанго соналъ росдае имамлъи гьабурав Абубакар Дациев. Чанго суал гьесие кьуна нижецаги.  

 

- Абубакар, Гелбахъалда цIияб мадраса баялъе щиб гIилла ккараб, цебеккун росулъ мадраса букIанищ?

- Мажгиталда цебе букIана гьитIинабго мадрасалъул бакI, мажгит гIатIид гьабун цIияб балелъул биххана гьебги. Цинги мадраса букIинчIо, гьеб гьечIого гIолареблъи бихьидал, диналъул цо вацас бичун босана мажгиталда мадугьалихъ букIараб ракь ва кьуна мадраса баялъе.

 

- Гьеб баялъе кинал сана-гIалъаби хIалтIизарурал, рес бугел гIадамазул кумекалдалъунищ яги жамагIатго бахъун цадахъищ?

- Базе бакI щведал, хIукму ккана, ресалда ругел чагIаз тIаде босун гуреб, киназго гIахьаллъи гьабун базе. Гьедин гьабиялдалъун хадубккун цIализе лъималги ритIизе жалгоги рачIине киназулго гъира букIуна. Щайин абуни, щивасда бихьизе бугелъул жидецаго гьабураб ва киназего гIахьалаб бакI мадраса букIин.

Гьедин гьабидал, гьалеха, кIиго сонгIанасеб заман гурони инчIо. Хасав спонсорги гьечIого бан лъугIараб мадраса буго, киналго гIахьаллъана ва щивас жиндаго рекъараб гьабуна кумекги. Ккана цо-цоял жидецаго хасаб жо тIаде босун гьабуралги, гьедин цо диналъул вацас гьабуна киса-кибго облицовка.

Нижер жамагIаталъул цо-цо чагIи руго аскIор ругел росабалъги гIумру гьабун, гьезулги гIахьаллъи ккана.

БукIуна цоги гьадинаб жоги, щивав чиясе гуро гьанивеги вачIун, квер багъарун хIалтIизе щолеб, гьединал чагIаз гIарцудалъун гьабуна кумек.

- Нужецаго бан бугоха гIезегIан кIудияб мадраса. Дур пикруялда, цоги росабазул гIадамазда бажаризе бугищ жидерго сурсатаздалъун рекъараб мадраса базе?

- Гьаб мадрасагIанасеб мина гIезегIан чиясул буго росулъ. Цо чиясухъа гьеб бан бажарулеб мехалда, росдал жамагIаталъухъа мадраса базе бажаричIого кин букIинеб?

Амма гьабулеб ишалъулъ аслияб жо бараб буго цевехъанасда, ай гьелъул жавабчилъи тIаде босарасда. Гьесул тирха-кIичи, гьабулелъе тадбир гIолеб бугони, гIадамал аскIор чIола, кумекги букIуна.

 

 

 

 

 

 

- ЖамагIат кумекалъе бахъинабиялъе батаниги, гIарацгун сурсатал ралагьизе кин бажарараб?

- Жакъа гьабулеб жоялъе кумек гьабула телефоналъ. Телефоналдасан видео рехун, цевехъанас бихьизабизе бегьула жакъа гьабизе буго пуланаб хIалтIи ва къваригIун буго гьабги-гьабги гьабун бажарулел чагIи абун. Жакъа гьабулелъе цоясул махщел букIуна, метер гьабулелъе цогиясул батула. Гьелъ, дагьаб багъа-бачари гьабуни, хIасил ккола. 

Цоги, мисалалъе, кIудияб харж ун гьабулеб хIалтIуе хIадур гьаруна сертификатал, мисалалъе, монолит тIеялъе унеб букIана бащдаб миллионалдасаги гIарац. Бахъун видеороликгун лъазабуна, гьадинаб иш буго, щивас ресалда рекъараб квадратура тIаде босизе бегьулин абун. АнкьгIанасеб заманалда жаниб хIажат букIаралдасаги цIикIкIун данделъана гIарац. ХIатта г1урус чиясгицин бачIана рехун карточкаялде гIарац. Гьединабго къагIида гьабуна къадал раялъе кирпич босулелъулги.

 

 

 

 

 

 

- Нужер мадрасалда бугин рагIана дарсал малъулеб батIияб къагIида. Кин ва щиб хIисабалда гьеб бугебали баян гьабуни бокьилаан?

- Нижер гьаниб малъулел дарсал ва методика буго муфтияталдаса бихьизабураб. Амма нижеца гьабизе байбихьун буго, жакъасеб къоялъ ругел церетIурал технологияздаса, ай компьютераздаса пайдаги босун, хIалтIи. Гьелъул кумекги буго. Щайин абуни, дир пикруялда, тIахьаздаса цIализе малъулелъул цо-цо масъалаби руго росабалъ. Щибин абуни, цо-кIиго гурони гьечIев мугIалимасе, тIубараб школалъул лъимал мадрасалде рачIун гьезда, бакъанидаса хадуб дагьаб гурони гьечIеб заманалда жо малъун бичIчIизабизе ккараб мехалъ, дагьаб хадубгъей гьечIого букIуна. Хадусеб, школалда букIуна киназего цо тема, школалда гIадин мадрасалда цого жо киназдаго малъун рачине ккараб мехалъ захIмалъула. Гьелда тIадеги, щибаб къойил гуро лъимер гьанибе бачIунеб. Гьелъ, кутакалда кумек кьолеб буго гьаб нижеца гIуцIараб къагIидаялда компьютер цадахъ хIалтIизабураб мехалъ. Кинин абуни, дир руго видеороликазда кинабго бичIчIизабун хIадур гьарурал интерактивиял доскаялдаса гьаракьгун цадахъ гIуцIарал дарсал. Цин партабазда нахъа гIодор чIезарун, цIияб дарс дица бичIчIизабула.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...