Аслияб гьумералде

Устарзабазулгун хурхен ккурав

Устарзабазулгун хурхен ккурав

Умумузул хьвада-чIвади, рукIа-рахъин, гьез гьабулеб букIараб дин лъаялъ гIун бачIунеб гIелалъул гIумруялъе лъикIаб дарс кьола. Умумузул рукIа-рахъин лъаялъ гIолохъанаб гIелалъе бигьа букIуна жидер гIумру нухда бачине.ЦеречIарал масъалаби тIуразариялъулъ гьел нахърилълъуна умумузул гIумруялъул хIалбихьиялда. Хасго гьаб заманалда нилъее чара гьечIого хIажатаб буго умумуз гьабулеб букIараб дин, гьелда жаниб бихьулеб букIараб захIмат лъазе ва бичIчIизе. Гьеб мурад гIумруялде бахъинабизе букIине нижеца яхI бахъана гIумруго тIарикъат хIалтIизабиялда, шаргIалъул хIукъукъал тIуразариялда тIамурав Хьаргабиса ХIамзат-хIажиясулгун дандчIвай гьабизе. Гьесулгун ккараб хабаралъул хIасил цIализе бегьула гьоркьехун.

- ХIурматияв ХIамзат, тIарикъаталъулгун хурхен кин ккараб?

- Дун армиялде ана 1960 соналда. 3 соналъ хъулухъ гьабуна Украинаялда. Как-кIалалъе доб заманалда гIемерго рес букIинчIо, амма рес ккарабго бачIогоги толароан. ГIадада чIун вукIинчIого, армиялда вугеб мехалъги, кидаго кIалалъ Аллагь рехсолев, дидаго ритIизе лъалел салаватал ритIулев вукIунаан. Амма рекIее парахалъи букIинчIо.

Цо къоялъ гIажаибаб хIал бачIана тIаде. Цинги рекIелъе рехун бачIана гьаб ракьалда Аллагьасде нилъ рачунев устар вукIуна, гьев устар валагьичIого дицаги толароян абураб жо. Армиялдаса вуссиндал гъира-шавкъ букIана устарасухъе ине.

Дин гьабизе заман гIемерго лъикIаб букIинчIелъул, лъида цIех-рех гьабилебали лъаларого вукIана. Цо къоялъ гьудуласда бицана дирго анищалъул хIакъалъулъ. ГIажаибго дихъги валагьун, гьес абуна: «Дир эмен гурищ вугев устарасухъе хьвадулев чи», - ян.

Цинги рилълъана инсухъе. РекIелъ бугеб бициндал гьес абуна цо къоялъ вачинин абун. Ана къоял, амма къватIире рахъине ругин абураб жо кинго рагIулеб букIинчIо. МоцIгIанасеб заман гьоркьоб индал, вачIана дихъе ва абуна метер къватIире рахъине ругин. Устарасухъе инегIан гьаризе кколелщинал адабалги малъана гьес.

Гьеб заманалда дир букIана кIиго бер бугеб мотоцикл. Радакь рахъун бухьана сапар. Нухда рукIаго гьес гьикъана: «ХIамзат, лъабго устар вуго. Мун кинасухъе вачинев?» - илан. Дица КIудиясухъе вачейин абун.

Гьедин щвана ГIуриса устарасухъе. Рокъове лъугьиндал цо нухалда устарасухъ валагьи гIуна дие гьесул сипат-сурат ракIалда чIезабизе. ХIакъикъаталдаги гьесухъ валагьиялъ кIудияб асарги гьабуна. Гьеб къоялъ устарас кьуна дихъе накъшубандияб тIарикъаталъул вирдал.

Гьедин ккана тIарикъаталъулгун бухьен. ГIуриса КIудияв ахираталде накълолъидал, ХIамзат афандиясухъа босана вирд. Гьесда хадуб - Инхоса КIудиясухъа.

- ХIалтIи-иш щиб дур букIараб?

- ГIолохъанаб мехалдаса нахъе шоферлъун хIалтIана. Кутакалда бокьула дие гьеб хIалтIи.

- Мурид устарасдехун кин вукIине кколев?

- Муридасе жиндирго устарасдехун бугеб таслим кквей, ракIчIей ва гьесдехун бугеб рокьигIан лъикIаб жо дида батичIо. Устарзабаздаса кашфу-караматалги нилъее къваригIунаро. Бищун кIудияб карамат истикъамат, ай кидаго шаригIат кквей бугелъул. Гьаб ракьалда гIажаибал жал дида гIемер рихьана, амма гьезул цонигияб гьечIо машаихзабаздехун муридасул бугеб рокьиялдаса лъикIаб.

Машаихзабаздехун муридасул бугеб рокьиялдаса лъикIаб жо гьечIо…

- Цебе муридзабазул цоцадехун кинаб гьоркьоблъи букIараб?

- Цебе муридзаби кутакалда цоцалъ гьуинго рукIана. Муридасда мурид дандчIвайдал, устар дандчIваравгIан рохулаан, хIатта вац-васаздасацин цIикIкIун рокьи букIунаан, ургъел бикьулаан, рекIелгъей букIунаан.

Жакъа абуни цоцазул гIунгутIаби ралагьизе журан руго. Загьир къачIан буго, амма батIин басралъизе тун буго. Устар вуго муридасулъ гъветI чIолев чи. Гьеб гъотIоде лъим биччайги къачIайги бараб буго муридасда.

Машаихзабаз нилъеда тIадкъала бищун дагьаб щазалияб нусго, амма муридас анкьнусго гьабун бажарани, жиндиего лъикIаб букIинарищха. Гьаб заманалда киназего бигьалъи къваригIун буго.

- Казият гьоркьоб ккун гIун бачIунеб гIелалъе щиб насихIат гьабилеб?

- Жакъаялдаса метер, метералдаса сезе, сезеялдаса лезе, ай тIаде бачIунеб заман захIматаб, къваридаб, ургъел цIикIкIараб букIине буго. Гьеб киналдаго цIарги тIамун, жиндирго напсалъулгун жигьадги гьабун, живго цIунизе ккола. Устарас малъарабги гьабе, чияр гIунгутIабиги цIехоге, къваригIел гьечIеб бакIалдеги хьвадуге.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...