Аслияб гьумералде

Инхоб цIи гьабураб гIадат

Инхоб цIи гьабураб гIадат

Гумбет районалъул Инхо росулъ цlи гьабуна базар. Гьеб сверана байрамалде ва лъугьана рохалил, цолъиялъул, цебесеб заман ракlалде щвеялъул къолъун.

Дагъистаналъулго батlи-батlиял росабалъа рачlарал гlадамазги, гьез жидерго миллияб хаслъи бихьизабиялъги цlакъго рекlее асар гьабулеб букlана. Гlадамазе баркала кьоларез Аллагьасеги кьоларин абухъего, тlоцебе баркала кьезе бокьун буго тlаде рачlарал гьалбадерие, Аллагьас гьаниб чlараб хlетl Алжаналда жаниб чlезе хъван батаги!

Гьединго районалъул тlадчагlазе, культураялъул хlалтlухъабазе, гьеб берцинго нухда бачаралщиназеги буго баркала. Гьеб къоялде хlадурлъи гьабурал росуцоязул бицинчlого, гьездаса бугеб чlухlиги рохелги загьир гьабичlого кин телеб, гьел мустахlикъал ругелъул баркалаялъе!

Гьалбадерие киналго шартlал гlуцlизе, базаралъе бакlал ва хlажатабщинаб гьабизе росдал бегавул Гlумарасхlаб Расуловгун цадахъ рахъарал гlолохъабазе кьеги сахлъи, рохел, халатаб гlумру! Гьединал гlолохъабазде нижер умумуз абулаан «росу къараб къед» абун.

Хасаб рагlи абичlого гlоларо инхдерил руччабазул хlакъалъулъги. Щибаб рокъоб гьабуна гьалбадерие умумузул квенал: цlоросаролъил, хъахlаб, багlараб ханждал хинкlал, белъараб бакъварабги цlиябги гьан, бакьал, цlурачадал, бахъухъ, панкъал, киназего бокьулеб хъухъанчадалги бухунжоги, могьол хьагал, хlатта цересел мучарабиги щаргицин - радал гьеб кинабго босун щвезабуна гьалбал кваназе хlадур гьабураб бакlалде.

Ясаз бахъана умумузул гъансиниса къватlибе ретlел, гlертlал, тlагlелал ва кlудияб гlелалъул бадиб рохалил магlу хулулеб куцалда ретlа-къан, гьалбадерие хъулухъалъе рахъун чlана.

Гlумруги талихlги кьеги гlун бачlунеб гlелалъе, гьедин умумузул нухги ккурал, адабалда куцун гlолел ругел, нижер кlудияб гlел цебеса аниги, росдал къадруги къиматги цlунизе ва ккараб къо борхизе кlолел!

Ватlан бокьи - иманалдасан бугин абурал камилал рагlаби гьеб къоялъги ритlухъ гьабуна дир росуцояз, щиб жо тlаде кканиги, гьез тlубана ракl-ракlалъ. Рагъул заманалда тылалда гlадин, «ракълил тылалдаги» руччабаз гьеб къоялде гьабураб хlадурлъи, гьенир гъорлъ рукlаразда гlадин лъаларо.

Базар рагьиялъул къо сверана пайдаяб мажлисалде: рухlияб тарбиялъул, гьалбал къабул гьариялъул, умумузул берцинал гlадатал ракlалде щвеялъул, цоцазда гьоркьоб рокьи-махlаббат цlикlкIиналъул, ватlан бокьиялъул ва гlемерал цогидалги пайдаби жинда жанир ругеб.

Щибаб росулъ цlилъаги цlодорал умумузул берцинал гlадатал!

ГIАЙШАТ НУРМУХIАММАДОВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...