Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва

жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. ЦIияб Хушеталде гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

 

 

 

 

МухIаммад Мансуров, ЦIияб Хушет поселокалъул имам:

 

- Дун гьавуна ва гIуна Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ. Школалде ине байбихьараб ригьалда диниял дарсал росизе хьвадана росдал мажгиталде. Школа лъугIун хадуб, росулъ вукIарав мугIалимасул малъа-хъваялдалъун, цIализе лъугьана ДИУялде, МахIачхъалаялда бугеб мадрасалде. Мадраса лъугIун хадуб Москва, Иваново шагьаразда хIалтIана чанго соналъ. Гьениса тIадвуссиндал, аспирантураялде цIализе лъугьана. Гьеб лъугIидал, 2019 соналдаса нахъе, хIалтIулев вукIана Хушеталда. Цинги тана Гъизляр районалъул имамлъун. Дагьаб заманалъ магIарухъги вукIана. Гьениса витIун вукIана Башкириялде, дагIваталъул хIалтIи гьабизе, гьениб бана лъагIалидасаги цIикIкIун заман. ТIадвуссун щведал тIамуна Хушеталъул имамлъун, цадахъго МахIачхъалаялъул Ленинский районалда хIалтIи гьабиги буго дида тIадкъан.

 

- ГьабсагIаталда кин бугеб Хушеталда гьабулеб исламияб хIалтIул иш?

- АлхIамдулиллагь, берцинаб къагIидалда цебетIолеб буго. Нижеца гьабуна мадрасалда цIалулел рукIарал, амма гьеб рагIалде бахъинчIел гIолохъабазул къокъа. Гьезда гьоркьоб лъуна МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул «ШархIул Мафруз» ва ХIасан-устарасул «Васаилул Мурид» абурал тIахьал цIализе кколин абураб масъала. Гьелъул мурадги буго росдал цIаларал чагIи цоцалъ гъункун, къваригIараб къоялъ хIалае рахъунеллъун рукIин. Хадубккун риидалил курсазда лъималазе дарсал кьей бугониги, чIахIиязда ислам малъизе кканиги, цIаларал гIолохъаби хIадураллъун рукIине ккола.

Аслияб мажгиталда боголилги рогьалилги какда хадуб букIуна чIахIиял чагIазе дарс, гьелъул ракьалда буго Къуръан хIифс гьабиялъе хIалтIулеб мадрасаги. Жакъа щуго мажгит баялъе хIалтIиги гьабулеб буго.

Рамазан моцIалъ нижеца хIалтIи гьабуна жамагIатчагIаз АлхIам-АттахIиятуялъулъ гъалатIал риччалел ругищали.  

Руччабазда гьоркьобги хIалтIи гьабулеб буго. АнцIила кIиго мугIалимат йиго ясал-руччабазе дарсал кьолей. Гьал ахирал моцIаз, чанго соналъ хIалтIи гьабичIого рехун тараб гIадин букIараб мажгит, руччабаз цIигьабуна.

«Ас-салам» казияталъулги вуго росулъ вакил, хъван буго азаралда ичIнусгоялдасаги цIикIкIун газета.

КIудияб рохеллъун буго нижее поселокалда базе байбихьараб «Аль-Акъса» абураб кIудияб мажгит. Аллагьасе ﷻ рецц, гьарулел хIалтIабазулъ росдал гIолохъабаз кIудияб кумекги гьабулеб буго. Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги абуна бажарараб кумек гьабилин абун. Хасаб баркала буго жамагIатчи, балеб мажгиталъул жавабчилъи тIаде босарав ГIабдурахIмание, къаси-къад чIечIого хIалтIун кутакаб хIалтIи гьабулеб буго гьес. Хьулги буго гьеб мажгиталъ нижер жамагIат жеги гъункизабилин абураб.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

ГIабдурахIман Аюбов:

 

ЦIияб Хушеталда байбихьун буго исламияб комплекс базе. Гьениб букIине буго «Ал-Акъса мажгиталда релълъинабун бараб мажгит. Мажгит гуребги букIине буго мадраса, школа, колледж, руччабазул центр, спортивияб комплекс, парк ва цогидалги санагIалъаби.

 

Проекталъул хIаракатчагIазул цояв ккола ГIабдурахIман Аюбов.

- ГIабдурахIман, бокьилаан дурго хIакъалъулъ бицани.

- Дун гьавуна ва гIуна ЦIияб Хушеталда. Дун вуго гIадатияв жамагIатчи. БатIи-батIиял бакIазда хIалтIана. ГьитIинаб къоялдаса нахъего бокьулаан батIи-батIиял проектал, суратал рахъизе. Кинаб букIаниги иш тIаде босилалде дица Аллагьасдасан кумек гьарула, цинги байбихьула. Ният бацIцIадаб бугони, Аллагьас ﷻ кумек гьабула.

 

- Кин ракIалде бачIараб гьадинаб комплекс базе ккелин абураб пикру?

- АнцIила щуго соналъ цебего ракIалде кколаан гьаб бакIалда бусурбабазе пайдаяб жо базе кколин абун.

Доб мехалъ гьаниб щибго жо букIинчIо. Чанго соналдасан, бакIалъулаб мажгит гIатIид гьабиялъул бицине байбихьидал, гьеб пикру нахъеги тIадбуссун бачIана. Дица пикру гьабуна: щай гьитIинабго мажгит гIатIид гьабизе кколеб, аскIобго кIудияб бакI бугеб мехалъ? Щай гIадамазе кIудияб исламияб комплекс базе бегьулареб? Церехъабазда дандбана ва хIалтIи байбихьана. Гьелъухъги Аллагьасе ﷻ кIудияб рецц буго.

 

- «Ал-Акъсаялда» релълъараб мажгит баялъе сабаб кинаб, лъил пикру гьеб?

- «Ал-Акъса» ккола бусурбабазе цIакъ кIвар бугеб бакI. Палестинаялда ккарал лъугьа-бахъиназдаса хадуб гьеб пикру жеги гIагарлъана. Нижее бокьун буго гьеб мажгиталъ гIадамазда бусурбабазул цолъи ракIалде щвезабизе.

Гьеб букIине буго гIага-шагарго гьединабго кIодолъиялъул - щуазарго квадратияб метралде гIагарун. КъватIисеб рахъалъулги букIине буго гьединабго сипат ва купол. Амма гьаниб балеб мажгиталъул букIине буго кIиго тIала.

- Цоги щиб букIине бугеб комплексалъул ракьалда?

- Нижее бокьун буго гIицIго мажгит гуребги, кинабго ригьалъул гIадамазе пайда кьолеб бакIлъун букIине тIубараб исламияб центр гIуцIизе. Гьеб комплексалъ жанибе бачине буго мажгитги, мадрасаги, школаги, колледжги. Гьединго базе буго руччабазул центр, спортивияб школа, футбол хIалеб майдан, гьаб заманалъулаб спортивияб комплекс. Гьенире рачIарал гIадамазе рес щвезе буго паркалда тира-сверизе. Гьелдаго цадахъ машинаби лъезе санагIатал бакIалги рукIине руго. Гьединго ракIалда буго больница ва поликлиника базеги. Бокьун буго аварагзабазул тарихалъул бицараб музей базеги.

 

- Руччабазул централъул хIакъалъулъ бицани…

- Нижее бокьун буго руччабазе цIализе ва хIалхьи гьабизе санагIатаб бакI букIине. Гьенир рукIине руго классал, залал, батIи-батIиял пайдаял тадбирал.

 

- Щай цIикIкIун кIвар кьолеб спорталде ва гIолилазде?

- ГIолохъабазе къваригIуна лъикIаб сверухълъи. Нилъее хIажат буго дарсал кьей гуребги, спорталъе, цебетIеялъе, букIине кколеб тарбия кьеялъе шартIал чIезаризе. Гьединлъидал гьенир рукIине руго спортивиял майданал, спортшкола, интернат, спорткомплекс.

 

- Комплекс базе къваригIунаха гIарац…

- Кинабго балеб буго садакъа-хайраталдалъун. ГIадамаз гьабула кумек гIарцудалъун, техникаялдалъун, материалаздалъун ва жидерго захIматалдалъун. Цояз гIарац кьола, цогидал рачIуна Аллагьасе гIоло хIалтIизе.

 

- ГьабсагIат щиб хIажат бугеб?

- ГьабсагIаталда хIажат буго бакIал раялъул техника: экскаваторал, тракторал, бакIал раялда хурханщинаб жо.

 

- Дагъистаниязе щиб гьарилеб?

- Бищунго аслияб жо буго цолъи. Дие бокьилаан лъикIлъиялда, диналда, хIакъикъаталда сверухъ гIадамал цолъизе. Цолъи бугеб мехалда гIемерал масъалаби тIуразе бажарула.

 

 

 

 

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Рукъалъул мучари, гъаран

Гъаран (укроп) (латиназул мацӀалда Anethum ) — сельдереязул хъизаналъул лъагӀалилаб хералъул гъветӀ, гьелъул цохӀого цо тайпа ккола махӀ жиндаса бугеб гъаран (мугIрул мучари), яги хурул гъаран. ГӀалхул гъаран бижула ГьитӀинаб Азиялда, Шималияб Африкаялда, Ираналда ва Гималаязда. Бекьулеб ва...


Къурбан хъвей

Къурбан хъвеялъул хIукму   ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб къурбан хъвей муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб - шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго. («РахIматул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана     Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, школалъул нухмалъулевгун, мадрасаялъул ректоргун цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун. Гьезулгун...


Анищ тIубана

ДРялъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъ гӀахьаллъи гьабуна «Кумек» абураб бизнес-клуб рагьулеб мехалда тӀобитӀараб ва «Инсан» фондалъ гӀуцӀараб «Шкатулка желаний» абураб тадбиралда. Гьеб акция тIобитIулеб заманалда лъим кIанцIиялдалъун зарал ккараб...