«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Шамил районалъул ГIуриб росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, имамгун, мадрасаялъул директоргун, школалъе нухмалъи гьабулейгун, ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун.
Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. ГIурибе гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

ГIуриса XIусенил МyхIаммад-афанди (къ. с.)
Накъшубандияб ва шазалияб тlарикъатазул устар, гІалим, мубарак Xlусенил Мyхlаммад-афанди гьавуна 1862 соналда, ГIуриб росулъ.
Xlусенил Мухlаммад-афандиясул тIoцевесев тIaри-къаталъул устар вукIана ГІасаса ГІабдурахІман-хІажияв. Гьединго гьесие тарбия кьуна мубарак Сайфуллагь-къадияс, КъахIиса Xlасан-афандияс, Гьандихъа ХІумайд-афандияс.
Гьесул хъизан - ПатІимат, машгьурав гІалимчи, Дибир-хlажиясул яс йикIана. Гьезие гьаруна ясал: Марям, Загьидат, ГьитІинапатІимат, Xlaписат, Умакусум ва цо васги - Мyxlаммад.
ГІуриса КІудияс лъеберго соналъ бахчун буго ХIасан-афандияс жиндихъе, 1920 соналда кьураб, ижаза. КидаллъизегІан гьеб бахчун толебин абун, 1950 соналъ ХІумайд-афандиясул рахъалдасан бачIана гьесухъе жеги ижазаялъул амру. Гьесул рагIабазе жаваб гьабун МухIаммад-афандияс абуна: «ГьитIинаб кIартида кIудияб гьир къанаха дуца», - ян.
Мубарак ГIуриса КІудияс ижаза кьуна КъахІиса МyхIаммадгІариф-афандиясухъе, Лъахъа ХІамзат-афандиясухъе, Инхоса ГІабдулхІамид-афандиясухъе.
1944-1957 соназ ГIуриб росу Чачаналде гочинабидал, ХIусенил Мухlаммад-афандица гlумру гьабуна Гъогъолъ росулъ. ГIемерал соназ Гъазданущив мажгиталъул будунлъунги хIалтIана.
Жиндир баракат киназего щваяв шайих ХIусенил МухIаммад-афандияс абадиялъе берал къанщана 1967 сональул 5 декабралда, маркIачIул гIужалъ, 105 сонил ригьалда.

Малаев МухIаммад, ГIуриб росдал имам
- МухIаммад, дурго хIакъалъулъ бицани бокьилаан.
- Дун гьавуна 1992 соналда. 11 класс лъугIун хадуб цIализе лъугьана мадрасалде. Гьанже лъабабилеб сон буго росдал имамлъун вугелдаса.
Мажгиталда лъималазе лъола дарсал. Къаси-къаси чIахIиязе кьола дарсал. Нижеца тIоритIула мажлисал, мавлидал, данделъула Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе ва Аварагасул ﷺ гIумру ракIалде щвезабизе.
- Жакъа имамасул аслиял масъалаби щал?
- Имам ккола росуцоязе насихIатчиги, гIакълучиги, мугIалимги, хIатта кIудияв вацгицин. Дица хIаракат бахъула гIадамалгун цадахъ вукIине, дие щвараб лъай гьездаги малъизе. Нижер хIалтIул кIвар бугеб бутIа ккола гIолилазе тарбия кьей. Ниж гьоркьоса къотIичIого щола школалде, гара-чIвари гьабула цIалдохъабазулгун. Эбел-инсул ва чIахIиязул адаб гьабизе кколеблъиялъул бицуна. БитIараб лъай ва хIалалаб хIалтIи букIинеселъул кьучI букIин баян гьабула. ГIолилал ккола нилъер букIинесеб, гьезул ракIал квешлъиялдаса рацIцIадго цIунизе ккола.
- «Ас-салам» газеталъулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб?
- Щибаб соналъ нижеца тIубала газета хъваялъул план. «Ас-саламалъ» гIадамазе кьола лъай, лъай-хъвай гьабула такъваялъулаб гIумруялъул мисалазулгун. Жакъа, киналго рахъаздасан информация чвахулеб мехалда, гIадамазе хасго кIвар бугеблъун ккола канлъиги хIакъикъатги босун бачIунеб, божизе бегьулеб сурсат гьеб букIин.
- Ахиралдаги щиб гьарилеб?
- Гьарила киназего щулияб иман, цолъи ва рекъел. Биччанте нилъер хъизамазда рекъелги талихIги букIине, лъимал гIезе гIамал-хасият берциналлъун, лъай бугеллъун, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулеллъун. Нилъеца цIунизе ккола нилъерго рахьдал мацIги, умумузул гIадаталги, гIамал-хасиятги, гьеб бугелъул нилъер кьучI. Аллагьас нилъ лъикIал гIамалазулъ къвакIизареги. Бищунго аслияб жо, ракIбацIцIадаб къасдгун гIумру гьаби ва ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъиялъе хIаракат бахъи.

Сиражудинов Садрудин, ГIуриб росдал бегавул:
- Садрудин, дуца росдае нухмалъи гьабулеб буго кIиабилеб болжалалъ. Кин нужеда кIолеб нужерго жавабчилъиялдаги гIадамазул хьулаздаги гьоркьоб гьоркьоблъи цIунизе?
- Росдал бегавуллъун дун хIалтIулев вуго 2017 соналдаса нахъе. БитIараб бицани, нухмалъулесул хIалтIи цохIо дида бараб жо гуро. Кинабго бараб буго жамагIаталъул квербакъиялда. ГIадамаз кумек гьабуни, администрациялъул хIалтIи цебе уна.
- РукIуна хIалтIаби, администрациялъул квер щвечIого хутIаралги. Гьединал хIалтIабазе жамагIаталъ кумек гьабулищ?
- Гьеб рахъалъ нижер щибго къварилъи гьечIо. ГIадамаз жигараб гIахьаллъи гьабула: къед балеб букIа, нух къачIалеб букIа, тадбиразде хIадурлъулеб букIа, субботникалъул къоял гIуцIулел рукIа. Руго унго-унгоял хIаракатчагIи, кидаго цере рахъун, росдае кумек гьабулел. Гьеб буго нилъер гIаммаб бечелъи.
- ХIукуматалъул кинал программабазда гIахьаллъизе кIвараб?
- ГьабсагIат нижер аслияб хьул буго росулъ цIияб школа баялъул программаялде гъорлъе ккелин абураб. Ниж ралагьун чIун руго генералияб план тасдикъ гьабиялъухъ ва гьеб проекталда тIад хIалтIулел руго. Цоги кIудияб масъала ккола, нухал къачIай. Нижер росу мегIералъул тIогьиб бугелъул, гьелъ лъел рахъалъ захIмалъаби руго. Амма нижеда батана гьелъулги хIалбихьи: бан буго чанго хIавуз, гьенибе рикIкIадасан лъурал турпабаздасан бачIуна лъим ва гьениса бикьула рукъзабахъе.
- СВОялда гIахьаллъарал гIолохъаби ругищ росулъа?
- Нижер росулъа 43 чи ана СВОялде. Гьезул лъабгоял рагъул майданалда бахIарзаллъун хвана. Гьеб буго нилъер унтиги чIухIиги. Кинабго росдаца бакIарана гуманитарияб кумек, квербакъана нижер гIолохъабазе. ГIадамаз бихьизабуна унго-унгояб цолъи.
- Аслияб къагIидаялъ росдал гIадамаз сундалъун гIумру гьабулеб бугеб?
- ГIадатияб къагIидаялъ хур-хер бекьиялдалъун ва гIи-боцIи хьихьиялдалъун. Гьел хIалтIаби хутIулел руго нилъер гIумруялъул кьучIлъунги, хайир щолеб бакIлъунги.
- Газета цIалулезе ва росдал гIадамазе щиб гьарилеб?
- Гьарила цолъи ва щулалъи. Аллагьас цIунаги хъизамал, кьеги нилъее рекъел ва аваданлъи. Нилъ цоцалъ гъункун, цоцазе кумек гьабун, цадахъ рекъон хIалтIани, Дагъистан цебетIезе буго. Нилъер умумуз нилъее тана къвакIиялъул мустахIикъаб мисал. Гьеб цIунизе нилъеда тIадабги буго.

ГIалиев ГIумарасхIаб, «Унисервис» ОООялъул генералияв директор, РФялъул мустахIикъав бакIал ралев:
- Исана дун вахана 70 сонил борхалъиялде. БетIергьанас дир гIумруги хурхинабуна бакIал раялда. Дица нухмалъи гьабулеб идараялъ гIезегIан бакIал рана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIиб. ГьабсагIат ралелги руго. Аллагьас кьураб ресалда рекъон, кIвараб кумек гьабуна росабалъ ва МахIачхъала шагьаразда мажгитал, мадрасаби разе. ГьабсагIат балеб буго мажгиталъул имамзабазе жанир рукIине бакIал. Гьединго къачIана нижер росулъ бугеб ГIуриса ХIусенил МухIаммад-афандиясул зиярат.
Дир анищ буго дагьаб гIатIидаб бакIалда мадраса базе. Гьаб заманалда дир рекъелъ къараб жо буго нилъер гIун бачIунеб гIелалда жидерго рахьдал мацI лъалеб гьечIолъи. Дир хьул буго гьеб мадрасалда магIарул мацIалда кьезе ратилин дарсалин абурабги. МацI тIагIани, тIагIуна миллат, тIолабго магIаруллъи.

Рамазан МухIаммадов, ГIуриса КIудиясухъ муракъаби лъугIарав мурид:
Гьавуна 1933 соналда ва захIматаб заман букIаниги гIакълуялъул бацIцIалъиги иманалъул щулалъиги цIунана.
- Сахлъиялъул иш кин бугебали бицани бокьилаанха? Мун 92 сонил ригьалдеги вахун вугелъул.
- АлхIамдулиллагь, Аллагьасе рецц, дир сахлъи квеш гьечIо.
- ГIумруялда жаниб щиб хIалтIи гьабулеб букIараб?
- 47 вехьлъун хIалтIана. Дир гIум-руялда жаниб цониги къо букIинчIо боцIи-панз яги гIиялъажо гьечIеб. Узухъда, гIолохъанаб мехалъ гIадин гьанже гIи-боцIи гIемер гьечIо. Дида гIалимзабаз бицунеб рагIана гьеб хIалтIи аварагзабазги гьабураб бугин абун. Аллагьасул Расуласги, гIолохъанаб мехалда, вехьлъи гьабуна.
- ГIуриса устарасухъе кин ккарав?
- ЗахIматаб заман букIана, гIемерал чагIи гочинаруна. Амма хадуб гIадамазе изну кьуна умумузул росабалъе тIадруссине. ТIадруссаразда гьоркьов вукIана нижер устарги. Гьедин ккана устарасулгун хурхен.
- Дуе динияб лъай щванищ?
- ГIелму цIалана мадрасалда ва рес кканщинахъе лъазабулеб букIана. Дун кидаго гIалимзабигун вукIунаан.
- АхIмад-афандиясул хIакъалъулъ щиб абилеб?
- Гьев вуго унго-унгояв инсан. ГIадатиял гIадамазда ккезе бегьула гьев нилъеда релълъарав чи вугилан, амма жанисан тIубанго батIияб даражаялъул чиха дов вугев.
- Газета цIалулезе щиб гьарилеб?
- РакI-ракIалъ гьарула талихIаб гIумру. Гьарула щулияб сахлъи. Ва бищунго аслияб жо, гьарула киназего ТIадегIанав Аллагь разилъи. Дица Гьесда гьарула тIолабго умматалъе рахIмат, гурхIел ва мунагьал чури. Аллагьас нилъ хIакъикъияб нухде тIоритIаги, ракIал иманалда щула гьареги.

ХIусен-хIажи МухIаммадов:
- ЦIалана Хьаргаби росдал мадрасалда, цинги ДИУялда. Гьелдаса хадуб дарсалги кьуна ДИУялда. Шагьаралда ругел цо-цо мажгитазда имамлъиги гьабуна. Росулъе тIадвуссиндал тIамуна имамлъун. Саламатал соназ росулъ имамлъи гьабун хадуб тIамуна мадугьалихъ бугеб Микьигьориб росдал имамлъун. ГьабсагIат гьеб хъулухъ тIубазабулев вугоха.

ГIамирхIамза ГIамирхIамзаев, ГIуриб росдал мадрасалъул директор:
- 1993 соналда росулъ ичIго класс лъугIидал ана дун Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ букIараб мадрасалде цIализе. ЦIалана 1999 соналде щвезегIан. Цинги, муфтияс дунги дунгIадиналги ритIана Дагъистаналъул районазде имамзабилъунги мугIалимзабилъунги хIалтIизе. Гьедин дун ккана Дербенталъул рахъалде. Гьениса вачIун хадуб дагьаб заманалъ «Ас-саламалъул» хIалтIи гьабулев вукIана.
Цо къоялъ АхIмад-афандияс абуна Гъогъолъ росу бугила ГIуриса КIудияв 13 соналъ жанив вукIараб бакI, гьениве ине кколилан. СайидмухIаммад-хIажи чIаго вугеб заманалда ЛъаратIаги бан букIана цо лъагIел.
Гъогъолъ кIиго сон бана цинги вачIана гIагараб росулъе. Нижер гьаниса вукIана ГIабдулхIамид абураб кIудияв гIалимчи. Гьаниве щведал росдал чагIазул хабар батана гьесул мина-рукъ бугеб ракьги ирсилаздаса тIалаб гьабун, гьениб мадраса баялъул. Гьеб ракь ГIабдулхIамидил гIагарлъиялъ вакъфуялъеги бихьизабун, бана гьениб мадраса. Гьелдаса нахъе мадрасалъул жавабиявлъун тIамуна дунги. Мадраса буго росдал лъимал цIалулеб бакI. Школалъул цIали лъугIиялда цадахъго лъималаз гьениб цIалулаан «ФатхIул мугIиналде» щун тIахьал. Гьанже магIарул росабалъ бугеб масъала бугелъул гIадамал эхере гочин, нижер гьанибги дагьлъана лъималазул къадар.

Абакарова ГIаишат, ГIуриб росдал школалъул директор:
- ГIаишат, кигIанасеб заман бугеб школалда хIалтIулей йигелдаса?
- 39 сон буго дун школалда хIалтIулелдаса. Дица гIурус мацIалъул ва адабияталъул дарсал кьолаан. Гьал къоязда дун тIамуна директорасул ишал тIуралейлъун.
- Кинаб къимат дуца кьолеб школалъул цебетIеялъе ва бергьенлъабазе?
- ЦIалул хIасилал квешал гьечIо. Школа лъугIун къватIире аразда гьоркьор руго гIемерал машгьурал гIадамал, гIелмуялъул докторалгун кандидатал. Нижер выпускниказул лъабгояв хIалтIулев вуго Уфаялда, гьезул цояв ккола Россиялъул техникиял гIелмабазул академиялъул член-корреспондент. Цо выпускник вуго МахIачхъалаялъул пуланаб школалъул директорлъун. Гьединго руго тохтурзабиги, инженералги, мугIалимзабиги.
- Кинал захIмалъаби ругел школалда?
- Бищунго кIудияб масъала буго росулъа гIадамал гочунел рукIин. МагIарухъ гIумру гьабизе захIмат бугинги абун, гIолохъаби унел руго гIатIиракьазде. ГьабсагIаталда нижер школалда цIалулев вуго 50-гIан цIалдохъан. МугIалимзабазулги буго къварилъи: физикаялъул ва химиялъул махшелчагIи нижер. Гьелдаго цадахъ пачалихъалъ гьабулеб квербакъиялда рекъон, гъоркьиса, масала, нижеца босана ункъо компьютер.
- Жакъа росабалъцин буго рахьдал мацI цIуниялъул масъала. Нужехъ кин бугеб?
- ГIурус мацIалъул ва адабияталъул мугIалим йигониги, дица кидаго абула: лъимералда рахьдал мацI лъалеб гьечIони, букIине кколедухъ гIурус мацI лъазабизеги кIвезе гьечIоян. Гьанже гIемерал лъималазда лъаларо рахьдал мацIалда рукъалъул къайиялъул цIаралцин. Рокъоб эбел-инсуца рахьдал мацI бицунеб гьечIони, ахIвал-хIал жеги квешлъизе буго.
- Школалъул гIумруялъулъ гIахьаллъи гьабулищ эбел-инсуца?
- Эбел-эмен рачIуна, батIи-батIиял тадбирал гIуцIизе кумек гьабула. Гьелъ бихьулеб асар гьабула цIалул хIасилазеги, гIадлу-низамалъеги.
- Дарсал лъугIун хадуб лъимал мадрасалде хьвадиялда щиб абилеб?
- Гьеб лъикIаб иш буго. Кинаб букIаниги лъай ккола - канлъи, жагьиллъи - бецIлъи. Нижер гIемерисел цIалдохъаби мадрасалде хьвадула. Гьенибги малъулелъулха лъикIабщинаб.
- Газета цIалулезе ва росдал гIадамазе щиб гьарилеб?
- Гьарила рахьдал мацIги умумузул гIадаталги цIунеян. Эбел-инсуца кIвар кьезе ккела лъималазде. Лъай тIалаб гьаби, нилъерго умумузул адаб гьаби буго нилъ цIунулел гIамалал.

МухIаммад-хIажи ГIалимухIаммадов, росдал харабазул советалъул председатель:
- Дун хIалтIана колхозалъул бухгалтерлъун, бегавуласул кумекчилъун. Гьанже дир хIалтIи буго росдал бегавулгун ва имамгун цадахъ вахъун жамагIаталъе пайдаялъе бажарараб гьаби, дирго гIакълуялда рекъон лъикIаб-квешаб гьабулелъулъ малъа-хъвай гьаби.
Дагъистаналъул росабалъ харабазул советалъул председатель ккола росдал рухӀияв цевехъан, рекъел ва гӀадаталгун гIаданлъи цӀунулев чи.
Гьес гьабула, ветераназул ургъел, дагIба-рагIи ккараб бакIалда маслихIаталде бачин, гӀолохъанаб гIел яхI-намусаб тарбия кьун сахал гIадамаллъун рахъинариялде кантIизари, диниял, пачалихъиял ва росдал байрамал берцинаб къагIидалда тӀоритӀи, гӀадаталгун рахьдал мацӀ цӀуни.





