Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

ГIалиев ГIали ккола Гьолокьа тарихчи. ГьитIинго вукIаго инсуца малъана ГIалида Къуръан цIализе.  ГIелму цIализе цин росдал мударисазухъе хьвадана, гьелдаса хадуб чанго батIияв гIалимчиясухъги цIалун, ГIасаб бугеб мадрасалде ана цIализе, гьелдаса хадуб росдае чанго соналъ имамлъиги гьабуна.

 

 

 

 

- ГIали, бокьилаан Гьолокь росдал ва росулъа рахъарал гIалимзабазул бицани?

- Бакълъухъ, Къорода ва Гьолокь ккола цIакъго некIсиял росаби. Гьеб лъабабго росдал мацIги буго релълъараб. Бицен буго гуржиял чIун рукIараб росу бугинги. Амма гьел нахъе ун руго гьаниса. Гьезул хIакъалъулъ инсуда цIехедал, гьес абулаан: «Гуржияв исламалда вачIараб мехалъ гуржи мацIалъ кIалъала, эрменияв исламалде вачIиндал эрмениязул мацIалъ кIалъала, жугьутIав исламалде вачIиндал жугьутI мацIалъ кIалъала. Цинги гьаб росулъе магIарул мацI киса бачIараб жоха», - абун. БакI-бакIалда гьел рукIараблъи ва гьаниса нахъе ин хIакъаб буго.

Нижер росдае баракаталъе вугев чи ккола ГIали-шайих. ГIумру вехьлъуда ун буго. Вехьлъун вугев чи рузман базе росулъе вачIиндал, гIадамаз гьесда цIехола рехьед лъида божун тарабилан абун. Гьесги абула бацIазда божун танин абун. Кидаго цого жаваб гьаби чIалгIиндал, цо нухалъ рохьдохъ балагьизе чи витIун вуго. ХIакъикъаталдаги бацIал ратунги руго.

Цоги бицуна, сардилъ рокъове вачIунелъул боцIул лълъурдузда чирхъалги ракун вачIанин гьевилан абунги. Гьеб гIажаиблъи бихьараз гьесда гьарула вехьлъиги тун мун рокъов чIайилан абун. ХвезегIан хъулухъги гьабилин. ГIали-шайихас гьеб гьари къабул гьабуларо. МацIги черхги цIунараб гIалахгIан пайдаяб жо дие букIинарин абула. Шайихзабазул, вализабазул караматалда мугIтазилатаз гурони инкар кколаринги хъван буго имам Шигьабудин Рамалияс «Фатава Рамлиялда».

ГIали-шайих вукIана Аллагь ﷻ лъаялде щварав вали. МачIада росулъа тарихчи ШехмухIаммадица бицана ГIали-шайих вукIанин шазалияб тIарикъаталдаса гIаркьел араб жазулияб тIарикъаталъул муршидин.

Инсуца бицунаан: «ГIолохъанаб заманалда Гьолокь гIумру гьабун вукIарав ГIуриса Элдарбег абурав васги вачун ХIусенил МухIаммад-афандиясухъе щвезе ине къватIире рахъана. Нухда унаго шайихасул гьаракьалъ «нахъвуссаян» абулеб рагIана. Дагьалъ цере индал, гьебго гьаракь бахъана ва дуда рагIанищин абун Элдарбегида цIехана. РагIанин, амма мун, гIинги тIамичIого, цеве унев вугин абуна гьес. ЦIакъ рахIатхвана, амма ракIалъ тIадвуссине къабул гьабичIо. Устарасухъе щведал ккара-тараб бициндал, гьес абуна: «МахIниги ракIбакъваге, дир вас. Шайихасул гьаракьги гьабун иблисалъ ахIун буго, диналде вуссарав гIолохъанчи къосинавизе кIвелародайин», - абун. Хадубги ХIусенил МухIаммад-афандияс абуна: «Дагъистаналъул вилаяталда Гьолокьа ГIали-шайихасул макъамалде вахарав вали гьечIевха, дир вас. Гьесухъе ине дир изнуги буго дуе, гьесухъе зама-заманалдаса зияратги гьабе», - ян.

Гьединго, Къелеса ГIусман-хIажияс бицана ГIабдурахIман-хIажи ГIасалияс абун бугин: «ГIасаса вукIана ГьитIинав МухIаммаддибир абурав вали. Абулмуслим-шайихасул макъамалдаса тIадегIанаб буго ГьитIинав МухIаммаддибирил макъам, Абулмуслимил макъамалдаса тIадегIанаб бугеб ГIали-шайихасул макъамалда хадув гъезе кIвечIоха», - абун. Гьединав, кIиго муршидас нугIлъи гьабурав чи вуго ГIали-шайих.

Нилъеда лъала гIемерал гIалимзаби ккун рачун араблъи. Гьезул цояв вукIана Шейхамир абун гIалимчи. Гьев цIалана МуртазагIали ГIурадиясухъ. МутагIиллъун вугеб мехалъ АхIмадин абурав мутагIилгун Шейхамир цIул бахъизе гIурухъе индал, гIор кIодолъизе байбихьун буго. Цинги гьалмагъас абун буго дун гIорул доб рагIалде унев вугин, амма мун хадув вачIунгеян. Довехун щведал дица гьанивехун цIалин мунилан. Гьалмагъ доб рагIалде щвелалдего Шейхамирги хадувго кIанцIун вуго. ТIерхьун-ваккун вукIаго тIинде ине байбихьун буго Шейхамирица. Цинги, цо лахIзаталдасан къватIиве рехун вачIун вуго. АскIове щун, щиб лъугьарабин цIехедал, гьес абун буго: «Гъанкъун тIинде анин ккедал, ракIалъ ГIабдулкъадир Геланиясухъе ахIана ва гьебсагIаталъ дунги къватIиве рехана», - ян.

Шейхамирил васги, васасул васги гIалимзаби рукIана. Гьезул зонода хъван буго Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулел чIахIиял гIалимзабиян.

Нижер росулъа гIалимчи ккола ХIасан-устарасул заманалда гIумру гьабун вукIарав ГIабдуллагьил ХIажимухIаммад. МухIаммадгIариф-афанди кIиго соналъ гьесда цеве цIалана.  ХIажимухIаммадил букIана гIелмиял тIахьазул кIудияб библиотека. Амма минаги тIун бачIун, гьесул гIемерисел тIахьал гьелда гьоркье ккана. Гьезул дагьалго тIахьал диеги щвана. Гьезда жаниб дида батана гьесул эмен ГIабдуллагьихъе цо гIалимчияс хъвараб гьадинаб кагъат: «Гьев дур вас ХIажимухIаммад вуго нилъер рахъалдехун ругел гIалимзабазул сайид. Гьев дуца кьерилазда цадахъ хьвадизеги, гIадада заман тIамизеги виччаге. ВукIахъе нижехъе тадрисалъе нахъвуссинаве. Гьев чи гIадада хвезе тани, Аллагьасда ﷻ цебе дуца жаваб кьела», - ян.

Росулъ имамлъиги гьабуна гьес. ЦIакъ берцинаб гьаракьалъул, кIудияб черхалъул инсан вукIана. ХIасан-устарас абулеб букIун буго шазалияб хатму кин гьабулебали бихьизе бокьарав чи ХIажимухIаммадихъе Гьолокье айин.

КIудиял гIалимзаби ГIумархIажиявги ГIумардибирги рукIана нижехъа. Кутакалда хIеренав, хIалимав чи вукIана ГIумархIажияв. КIудияв ХIажимухIаммад дибирлъун вугеб мехалъ ГIумархIажи вачIиндал тIаде вахъунев вукIун вуго. Гьедин вахъунев ХIажимухIаммадил ясалда бихьидал, гьелъ инсуда гьикъун буго: «Я, эмен, мун кIудиявги вукIаго, росдал дибирги гIелмуги духъги букIаго, ГIумархIажи вачIиндал тIаде щай вахъунев?» - илан. ХIажимухIаммадица абун буго: «Я, дир яс, дур инсухъ гьечIеб гIелмуялда гIамал бугев инсан вуго ХIажимухIаммад», - илан. ГIалимзаби рачун унеб мехалъ гьев кIиявгоги ана рачун ва туснахъалъубго къадарги щвана.

Имамасда цадахъ гъазаваталда вагъулев вукIарав Халатав Лабазан абурав чиясулги росдацаго гьабула бицен. ХIажимурадил бицун гьес абулеб букIун буго: «Щив чи гьев, къехь, ХIажимурад. Рагъухъанищ гьев кколев?» - абун. МацI гьабун гьел рагIаби ХIажимурадихъе щвезарун руго. СалтIа гъазават бугеб мехалда ХIажимурадида вихьизавун вуго дол рагIаби дуде абулев вукIарав чи гьав вугилан. Цинги ХIажимурадица абун буго: «Валлагь гьев чияс дида гьел рагIаби абуниги бегьила», - ян. Гьединав лебалав, бахIарчияв рагъухъан вукIун вуго гьев.

 

 

 

 

Большевиказул заманалда Гьолокь шагьидлъарав бахIарчи ккола Ражабгъазияв. Гьалмагъгун цадахъ хуриса вачIунаго, лъимерги баччун гIодулаго ячIуней цо чIужугIадан дандчIван йиго гьезда. ЦIех-рех гьабидал гьелъ бицун буго гIурус армия тIаде лъугьун, гьез инжит гьайизехъинги йикIун, гьезухъа лъутун ячIуней йигин абун. Чуги кьун гьалмагъги валагьизавун, Ражабгъазияв, чIужугIаданалда цадахъ уна. Гьелда кьоги бахинабун, нахъвуссунев гьесда хабалахъе щолелъув гIурусал дандчIвала. ТIаде вачIа-вачIарав чIвалев вукIун вуго гьес. Цинги цо хIалихьатица, зонода нахъасанги ваккун, нодо бакьулъ жоги речIчIун чIван вуго гьев.

ХанмухIаммад Малик абун вукIана кутакалда хатI берцинав цоги гIалим. Гьев цIалана Ракьув, Муслим ГIурадиясухъ, ГIуриб, катиб ГъазимухIаммаддибирасухъ, Бухараялде ун, гьенивги цIалана. ХIалтIана Генув мугIалимлъун.

МухIаммад ибн ГIабдулмажид, абурав вукIана цогиги гIалим, гьесул рокъоб букIун буго кIудияб библиотекаги. Гьесул зонода хъван буго «ГIалиму Накъшубанди» абун, ай накъшубандияв гIалимчиян.

Гьонодаса вачIун, нижер росулъ имамлъиги гьабун, гIумру гьабун гьанивго чIарав вукIана Мамадибир абурав жегиги гIалим. Гьев ккола дир эмен ХIажимухIаммаддибирасул мугIалимги.

Аллагьасул ﷻ дин тIибитIизабизелъун, гIада-мазда шаригIатгун тIарикъат бичIчIизабизе бищун хIажатаб заманалда ватарав чи ккола гьев. Росулъ гуребги, ТIелекь, Гьонода, ГьоцIалъ росабалъги имамлъи гьабуна гьес. ЦIакъ пагьму бугев, тIарикъат ккурав, гьелъул лъай бугев чи вукIана Мамадибир.

Ахиралда росу хIебтIизе тIаде ккарав чи вукIана дир эмен ХIажимухIаммаддибир. ГIелму цIалулаго тIоцебе тIарикъат босизелъун ГIуриве щведал ХIосенил МухIаммад-афандияс гьесда цIехон буго мун лъил кколевилан абун. Гьес бициндал, устарас абун буго: «Дуда цIар лъурав кIудияв ХIажимухIаммаддибиргун вацгIаллъиялъул гIагарлъи букIана дир. Мун нижер насабалъул чи кколев вугоха», - ян. Цинги устарас абун буго росулъ вугев имам Мамадибирида абейин дуда тIад хIалтIи гьабейин ва тарбия кьейин абун. Инсуца бицунаан кида устарасухъе аниги, бищун цебе гIелмуялъул цIехолаанин абун.

КIудияв ХIажимухIаммад-дибирахъа васият гьабун тIахьалги щвана дир инсуе. Эмен тIарикъаталде лъугьун хадуб, къокъаб заманалда жаниб, киналго муракъаби лъугIизаруна. Мамадибир хун хадуб гIелму тIалаб гьабун хьвадизелъун устарас лъикIавлъун вихьизавуна ДатунатIаса ГIумарил МухIаммад. Гьесдаса хадув цIалана Гъогъолъа ГIабдулкъадирихъ. Инсуца росулъ 25-гIан соналъ имамлъиги гьабуна ва гьелъухъ щибниги мухьги босичIо. Гьес бицунаан КГБялъул хIалтIухъабазги хIалхьи толеб букIинчIилан. Инсул баркаталдалъун росулъ вагьабиялин абурал чагIиги лъугьинчIо. Исламияб лъайги, тIарикъаталъул хиралъиги, устарзабазул баракаталъулги ниж, жеги гIисинал чагIи ругеб мехалъго, инсуца бицунаан. Кутакалда устарзабазде игIтикъад букIунаан инсул. Унтун вугониги, вачIарав чиясул мурадги кидаго тIубалаан.

Аллагьас чIахIиял чагIазул баракат камун нилъ тогеги.

 

 

 

 

 

1995 соналда школаги лъугIизабун, Элдарбегил Салман цIализе лъугьана ДГУялде, математикаялъул факультеталде. Гьеб лъугIидал хIалтIизе лъугьана Гъогъолъ росдал школалде. Гьелдаго цадахъ хIалтIулев вукIана ЗагIиб ва Гьонода росабазул школаздаги. 2019 соналъ, «Точка Роста» кабинет рагьидал, Гьолокь росдал школалде вачIана хIалтIизе. Лъабго соналъ учительлъунги хIалтIана. 2023 соналдаса хIалтIулев вуго директорасул заместительлъун.

 

 

 

 

- Салман, байбихьуда рачIана гьеб «Точка Росталъул» бицине…

- «Точка Роста» ккола школалъул аслияб цIалуда хурхинчIеб, тIаде бачIараб лъай кьеялъул цIияб гIуцIи. Гьелда гъорлъе ккола робототехника, программирование, ОБЖялъул ва Технологиялъул рахъал. Гьеб гIуцIиялъ лъималазе кумек гьабула школалда цIалулел рукIаго жидеего рекъараб нух тIаса бищизе. Хасго жакъа, СВОялда хурхун, цIакъ хIажатаблъун лъугьана оператор-беспилотника абураб махщел. Гьелдаго цадахъ дизайналъул ва 3D моделированиялъул рахъалги руго. Лъимал кIудиял гIедал, бищун хIажатаб ва чара гьечIого къваригIунел хIалтIаби малъула гьениб. Лъималазулги гъира букIуна гьеб лъазабизе. Кутакалда пайдаяб кабинет буго.

 

- ЦIалдохъабазул цIала-къалиялъул иш кин бугеб? ГIадлу хвезабулел лъимал кколищ?

- Нижер школалда 181 цIалдохъан вуго. Байбихьул классазда ва 7 классалде щвезегIан цIалул иш лъикI букIуна. ЧIахIиял классазде рахъиндал байбихьула цIали нахъе ккезе. Гьеб буго киса-кибего бугеб унти. 10-11 классазда хутIулел руго хадубккун цIализе ине ракIалда бугел цIалдохъаби.

ГIадлу хвезабулел лъимал, Аллагьасе ﷻ рецц, школалда гIемер гьечIо.  ЦIакъ гъункараб ва цоцалъ рекъараб учительзабазул коллективги буго.

- Лъималазе кинал тадбирал гIуцIулел?

- Киналго байрамал нижецаги тIоритIула. Масала, тIоцебесеб сентябрь - Лъаялъул къо, Учителасул къо, Эбелалъул къо ва цогидалги. Щибаб моцIалъ РДДМалъул (Российское движение детей и молодежи) данделъабиги рукIуна. Гьелдаго цадахъ лъималазул рухIияб рахъги цебетIезелъун росдал имам ва муфтияталъул хIалтIухъаби рачIуна вагIза-насихIатал гьаризе. КIиябго цадахъ бачиндал, лъикIаб хIасилги ккола. Нилъер диналда чарагьечIого лъазе тIадал суалал рорхун, мех-мехалда гьарула конкурсалги.

 

- Школалда спортивиял кружокал ругищ?

- Нижер школалда ва росулъ гьечIо спортзал. Амма гьава-бакъ хинлъаралдаса къватIир рукIуна волейболалъул, футболалъул ва цогидал спорталъул кружкаби. Гьелдаго цадахъ росдал волейболалъул командаялъ кидаго бергьенлъабиги росула. Гьале нижер школалдаса футболалъул рахъалъ районазда гьоркьосеб лигаялде кIиго классалъул цIалдохъабазул командаби рорчIана. Баркала буго физрукасе. ЦIакъ ракI унтун гьабула гьес жиндирго хIалтIи. Росулъ цIияб школа баялъе хIаракат бахъулеб буго росдал администрациялъ. Хьул буго гьебги спортзалги росдае щвезе батилин абураб. 

- Ахираб заманалда Дагъистаналдаго бугеб балагь ккола лъималаз рахьдал мацI рехун толеб букIин. Нужер школалде щун бугищ гьеб «унти»?

- Лъималазе тарбия телефоназ ва телевизораз кьолеб бугебгIанаб мехалъ, гьеб балагь нилъеда тIаса ине гьечIо. КигIан регIун гьечIониги рокъор нилъ лъималгун рахьдал мацIалда кIалъазе ккола. Къаси свакан рокъоре щведал нилъгоги руссуна телефоназде. Нилъедаса мисал босиларищха лъималазги. Гьединлъидал, цо сагIатгIаги лъималазда цадахъ тIамизе ккола. Заман гьечIин бачунеб гIиллаги гьереси буго.

Рахьдал мацI бициналъул нижер школалда щибго къварилъи гьечIо. Цо нухалъ ккана гьадинаб иш, иргадулаб дарс бичIчIизабулелъул цо цIалдохъанас абуна учитель, бегьулеб батани гьеб бакI магIарулалъ бичIчIизабе абун.

 

- Ахиралдаги, казият гьоркьобккун, щиб гьарилеб?

- Жакъа Дагъистаналда ругел унтаби руго лъавукълъиялъул гIаламатал. Гьединлъидал гьарила лъай босизе тIалаб гьабейин абун.

Аллагьас ﷻ Дагъистан тIегьазабеги. Нилъер церехъабаз малъараб гьабизеги гьезул адаб цIунизеги киназего тавпикъги кьеги. ГIун бачIунеб гIелалъул гIелмуялде рокьи бижаги, гьезда гIелму малъулел учительзабазе сабруги кьеги.

 

Кутакалда пайдаяб буго «Точка Росталъул» кабинет

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...