«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Гьал къоязда «Ассалам» газеталъул редакция хӀалтӀул сапаралъ ун рукӀана Леваши районалъул Кутиша росулъе. Районалъул имамгун цадахъ ниж дандчӀвана гьеб росдал жамагӀаталъул цо-цо вакилзабигун. Гара-чӀвариялъул заманалда нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялде рачӀарал, гӀадатал ва росу цебетӀезабиялъул суалал. МухӀканлъи кьолеб буго хадусел гьурмазда.

ХIабиб Шамсудинов, росдал имам:
- Дун ккола Урма росулъа. Дир гьудулзаби рукIана мадрасалда ц1алулел. Гьезул букIараб берцинаб тIабигIатги рукIа-рахъинги бихьидал, диеги бокьана мадрасалде ине. Гьедин ана дун ГIасаб росдал мадрасалде. 6 соналъ ц1алана гьенив. Хадуб, ахирисеб соналъ МахIачхъалаялъул ДИУялдаги ц1алана.
- ХIабиб, мадраса лъугIидал хIалтIизе киве витIарав?
- ДИУялда ц1али лъугIидал нижер класс битIулеб букIана Европаялде, дагIваталъул хIалтIи гьабизе. Хадуб, виза бач1иналъул квалквалги ккун, районалъул имам АхIмадил гьариялдалъун, витIана Леваша районалде, рухIияб лъай кьеялъул отделалде. Гьенив хIалтIулеб заманалда Кутиша росулъ имам хисулевги вукIун, тIамуна гьаниве имамлъун.
- ГьабсагIаталда росулъ гьабулеб бугеб хIалтIи щиб бугеб?
- Аслияб кIвар буссинабун буго риидалил заманалда лъималазе дарсал кьеялде. Гьаб росдал лъимал руго ц1алдезе гъира бугел. КъанагIат гурони лъимер батиларо мажгиталде бач1унареб.
Ч1ахIиял чагIазе анкьида жаниб лъабго къоялъ лъола дарс. Гьабула хатму-салават. Школалъул ц1алул заманалда, ОПялъул хIалтIухъабиги рач1ун, гьарула вагIза-насихIатал. ТIоритIула руччабазул данделъаби.
Мажгиталда унеб буго дагьа-макъабго ремонталъулал хIалтIаби. ЖамагIаталда ракIалда буго росулъ ц1ияб, кIудияб, киналго ресал ругеб мажгит базе.
Кутиша росдал гIадамал руго цоцазе хIалае рахъунел, хIажат бугесе кумек гьабулел чагIи. Баркала буго бегавуласегун школалъул директорасе ва хIалтIухъабазе бажарараб кумек гьабулеб букIиналъухъ.
Аллагьас гьабулелда баракат лъеги.


Зиявудинов ГIали, росдал почтаялъул отделениялъул нухмалъулев:
Зиявудинов ГIали ккола 1950 соналъ гьавурав чи. 20 соналъ хIалтIана колхозалъул батIи-батIиял хъулухъазда. Гьелдаса хадуб ич1го соналъ росдае бегавуллъиги гьабуна. Гьанже гьев ккола росдал почтальон.
- Аргъвани росулъа кIиго вац къватIире ине ккун руго, - ян бицана гьес росдал тарихалъул баян кьолаго. - Гьев кIиявго вацас гIахъущдерил ханасе кIудияб кумек гьабун буго. Гьелдаса хадуб гьезда абун буго нужеего бокьараб бакI тIаса бищеян. Кутиша росу бугеб бакI букIун буго хьуц1 бугеб бакI. Абула чу биччан тедал, гьаниб бугеб магIарда гурони ч1олеб букIинч1ила, лъикIаб бакI букIиналъ. Гьанир гьел ч1еялдалъун дагь-дагьккун росу гIун буго. Гьаниб имам Шамилил аскар ч1ун букIана. Кутиша ккараб рагъилан абун гьелъул бицен тарихалдаги буго.
- ГIезегIан мехалъ росдал жавабиял ишазда вукIарав чи вугелъул, жамагIаталда щиб абилеб?
- Араб гIасруялъул 60-70-абилел соназда, хIалтIи тIалаб гьабун, гIемерав чи къватIиве ана. Сухокумскиялда нарт бахъулеб заманалдаги гIемерав чи гьенире ана. ГьабсагIат нижер чагIи Сухокумскиялда руго гIумру гьабун. Доб мехалъ районалда нижер росу гIезегIан кIудияб букIун буго. Гьанже абуни дагьлъун буго халкъ. ЖамагIат цоцалъ рекъараб, гъункараб буго. ЦохIо бегавулас гьабулеб жо букIунаро росулъ хIалтIи, жамагIатгун цадахъ гьабизе ккола ва гьедин гьабуни баракатги лъола.
- Почалъул хIалтIухъан вугелъул, кинаб хIал бугеб жакъа гьеб рахъалда?
- Цебе почалъ тIуразарулаан гIемерел ишал. Гьанже бокьараб жо интернеталдасан бичун босизе кIола. Гьединлъидал почалдасан ритIулел посылкабазухъги кагътазухъги гIемер щолеб жо гьеч1о. Гьедин бугеб мехалда абула къайи бичийилан. Къайи бичиялъги дагьабго мадар гьабула.

ПатIина Дациева, гьоркьохъеб школалъул директорасул тарбия кьеялъул рахъалъ заместитель:
- ТIоцебесеб иргаялда, нижеца кIвар кьола лъималазул гIадлу-низам букIинабиялде. Хадуб халгьабула дарсал гьоркьор риччалел лъимал ругищали. Гьединал ратани, эбел-эмен ахIула школалде ва гьабула тарбия кьеялъул рахъалъ хIалтIи.
Муфтияталъул хIалтIухъабиги рач1уна ц1алдохъабазул диналда хурхарал суалазе жавабал кьезе ва насихIатал гьаризе. Органазул хIалтIухъабиги гIахьал гьарун бич1ч1изабула терроризм, экстремизм щиб кколебали ва гьекъолеб жоялъулгун наркотиказул букIунеб зарал. АлхIамдулиллагь, гьединаб жоялде гъорлъе ккарал лъимал нижехъ гьеч1о.
- Диналъул бицун росдал руччабазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIи букIунищ?
- Дун йиго руччабазе рухIияб лъай кьеялъул хIалтIухъанги. Щибаб кварталалда жаниб тIоритIула руччабазул мажлисал, мавлидал. Гьединал тадбирал школалдаги гьарула.

Жамал ЖабрагIилов,
«Ас-саламалъул» росулъ вукIарав вакил:
- 2009 соналдаса байбихьана дица «Ас-салам» казияталъул хIалтIи гьабизе. Нижер росулъ подпискаялъул къадар бахунаан 125-200 экземпляралде. Гьел соназ батIи-батIиял лъугьа-бахъиналги ккана, амма гьабулелда баракат лъолеб хIалтIи батана.
Гьанже сахлъи гьеч1ого вуго, накуялъе гьабуна операция, как балелъул гIодов ч1езе бакIидаса пайда босизе ккола. Гьелъ, казияталъул хIалтIи гьабизе цоги чиги тана.
- Росулъ гуреб къватIиб хIалтIи
гьабизе кканищ?
- Ккана. Ахирал соназ щвана Юждагъалъул росабалъе. Гьединаб мехалда бич1ч1ула нижерго гьаниб бугебги, бакI-бакIазда бугебги хIал ва шукру гьабизе бач1уна нилъералдего.
- Дур буго «Ас-салам» абун ц1ар лъураб кафеги…
- «Ас-саламалъул» хIалтIи гьабизе лъугьараб 2009 соналдаго лъуна гьединаб ц1ар кафеялда. Гьединаб ц1ар лъеялъе гIиллаги букIана муридзабазе кваназе бац1ц1адаб бакI букIине бокьи.

Шамиль ГӀусманович, росдал школалъул директор:
— Шамиль ГӀусманович, бице гьаб школалда дурго хӀалтӀул нух кин байбихьарабали?
— Дун гьавуна ва гӀуна Кутиша росулъ, школаги гьаниб лъугӀизабуна. 2006 соналда дун хӀалтӀизе лъугьана учительлъун, ахирисеб 4 соналъ дица тӀубазабулеб букӀана директорасул иш. Исана 20 сон тӀубала дун гьеб школалда хӀалтӀизе лъугьаралдаса.
— Кутиша школалъул буго бечедаб тарих. Гьелъул цебетӀеялъул хӀакъалъулъ щиб абилеб?
— Нижер басрияб школалъе кьучӀ лъуна 1923 соналда, 2023 соналда нижеца кӀодо гьабуна гьелъул 100 сон тӀубай. 2008 соналда нижеца байбихьана школаялъе цӀияб мина базе. Гьанже гьанир цӀалулел руго 300 гIанасеб лъимер — гьеб ккола байбихьул, аслияб ва гьоркьохъеб тайпаби. Гъоркьисала нижеца рагьана химия, биология, физика ва техника гъваридго лъазабулеб "Точка роста". ЦӀалдохъабаз лъикӀал хӀасилал рихьизарулел руго: руго нижер меседил ва гӀарцул медалазда школа лъугIизабулелги, хадур цӀализе лъугьуна вузазде, гьезда гьоркьор тахшагьаралда ругелги.
— Лъай кьеялъулъ эбел-эмен кин гӀахьаллъулел?
— Гьезул квербакъи гьечӀони, хӀалтӀул хӀасил букӀине гьечӀо. Хъизаназулгун нижер лъикIаб бухьен букӀуна: араб соналдаса нахъе ниж руссана электронниял дневниказде, гьединлъидал эбел-инсуда кидаго лъала лъималазул цебетӀей. Нижеца гьел ахӀула школалъул тадбираздеги — гьел жигарго гӀахьаллъула школалъул гӀумруялъулъ.
— Кинал тарбия кьеялъулал тадбирал нужеца тӀоритӀулел?
— Наркоманиялде, терроризмалде ва коррупциялде данде профилактикиял гара-чӀвариял. Нижеца гьенире ахӀула низам цӀунулел идарабазул хIалтухъаби, имамзаби — киназго лекция цӀалула. КӀвар бугеб жо ккола лъималазда гьелъул бугеб хӀинкъи бичӀчӀи ва жалго цӀунизе лъай.
— Нужеца кьола светияб лъай. Кинаб пикру бугеб лъималазе цадахъго мадрасабазда динияб лъай щвеялъул?
— Дица рикӀкӀуна инсан кинабго рахъалъ цеветIуравлъун вукIине кколин. Гьес дунялалъулаб лъайги, динияб лъайги, спортги цолъизабуни, гьеб ккола жамгӀияталъе идеалияблъун. Нилъер улкаялъе къваригӀун руго цӀодорал, яхӀ-намусалъул ва чорхол рахъалъ къуватал гӀадамал. Гьеб гуребги, балагьани, диналъ гьукъарал гӀемерал жал къануналъги гьукъарал руго. Гьединлъидал цоялъ цогидалъе квал-квал гьабуларо, тIадеги камил гьабула.
— Коллективгун гӀаммаб пикру кин дуда батараб?
— Дие бигьалъана, щай гурелъул дунгоги цӀалана гьеб школалда, 20 сон буго цадахъ хӀалтӀулелдасаги. Гьезда дун лъала, дида гьел лъала — гьелъ кумек гьабула дир хӀалтӀуе.
— Школалда учительзабазул гIунгутIи бугищ?
— ГьечӀо, нижер гьединаб къварилъи гьечӀо. Гьелъул гӀаксалда, росулъа учительзаби мадугьалихъ ругел школазда хӀалтӀизецин хьвадула.
— Нижер газета цӀалулезе дур кинал мурадал ругел?
— Дица цолъиялъул рахъ ккола. Школазул директоралги, росабазул администрациязул бутӀрулги, имамзабиги цадахъ рекъон хӀалтӀани, жамгӀият щулалъизе буго. Цадахъ нилъеда кӀола жеги цӀикӀкӀун церетIеялъе хIаракат бахъизе.

ХIасангIалиев ГIисакъади Хизриевич, Леваши районалъул Кутиша росдал бегавул
– ГIисакъади Хизриевич, кигIан замана бугеб Кутиша росдаца дуде жидерго росдае бетIерлъи гьабизе божилъи гьабуралдаса ва сундаса байбихьараб тIоцебесеб хIалтIи?
2020 соналъул ноябралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан вугоха. ТIоцебесеб хIалтIи байбихьана хобалазул гIадлу гьабиялдаса, гьел рац1ад гьариялдаса. Нижер гIадат буго росулъ гьабурабщинаб хIалтIи кагътиде босулеб ва видеоялде бахъулеб.
– ЖамагIаталъулгун гьоркьоблъи берцин гьабизе, гьезул божи дуде бач1инабизе кин дуда бажарараб?
Гьеб суал ц1акъ битIараб буго. Амма жаваб кьезе, ай гьеб гьоркьоблъи рекъезабизе ц1акъ захIматаб масъала буго. ТIоцебесб иргаялда 100 проценталъ кинавго чи ващад гьавун бажаруларо. Дир гIумруялъул буго 58 сон. Армиялда вукIараб кIиго сон гурони росу бахун къватIивехун дун вукIинч1о. гьелде щвезегIан дун хIалтIулев вукIана милициялъул оперативнияб частаалда. Гьаб росу дида лъала ц1орода гъорлъан бихьулеб кинниги. КIиабилеб иргаялда дица щивго чи ватIа гьавич1о.
БатIалъи гьеч1о дун вищулаго данде вукIарав вукIаниги, щивго чиясдехун батIияб бербалагьи дица гьабич1о. Ришиязде балагьун дица хIалтIи гьабун букIарабани гьаб жамагIат цебего шушахъ балаан.
КигIан кутакав къуватав чи вугониги, кигIан ресалда вугев ватаниги, кигIан гIемераб лъай-хъвай бугев чи вугониги жамагIаталъул мугъч1вай ва кумек гьеч1ого цониги чиясул хIалтIиги цебе билълъунаро. Дир бугеб анищ буго ресалда ва бажариялда рекъараб къагIидаялда росдае пайда щвезаби. Гьелъул цо щуго процент тIубан батизеги бегьула, тIокIаб батиларо.
– ХIалтIуде вач1аралдаса нахъе кинал хIалтIаби гIумруялде рахъарал? ТIубазариялъул нухда кинал ругел?
Дун вач1аралдаса гьабуна ц1ияб ФАП. Гьале гьаб бакIалда цебе буго росдал гIадамаз хIухь бахъизе гьабураб лъималазул площадка-парк. Ц1ад бараб заманалда нухал холел рукIарал бакIазда бетон тIун къач1ана. Гьелъиеги хIукуматалъул кумекгун цадахъ гIадамазулги букIана лъикIаб гIахьаллъи. Гьединго ц1игьабун къач1ана кIудияб ватIанияб рагъда хваразе гьабун букIараб памятник. Цоги гьабизе ракIалда бугеблъун ккола, гьале тасдикъги гьабун буго гьеб проект, гьебги ккола росу байбихьараб бакIалдаса бахъараб школалде щвезегIан тротуарги, нухда канлъиги гьаби. Гьал къоязда байбихьизе буго гьебги.
– Росдал жамагIаталъулгун, имамасулгун букIунищ хурхен?
Цоцалъ рекъон, цадахъ хIалтIич1они щибго жо цебехун билъунаро. Росулъ гьабулеб хIалтIи дица дандбала росдал мажгиталъул жамагIаталда имамгун цадахъ. Гьедин гьабуралъул хIасилалги лъикIал ратана.
– Нужер росдал СВОялъулгун кинаб гIахьаллъи бугеб?
Нижер росулъа мобилизовать гьавун ана 12 чи. Гьел киналго рукIана жидеего бокьун арал. КъватIир ругел ругониги, гьанир росулъа ратаниги Кутиша росулъа СВОялда гIахьаллъи гьабулеб буго 62 чияс. Гьезул анкьгоясе Аллагьасул къадарги щвана. ВатIаналъе гIоло рухI кьурал гIолохъаби ракIалде щвеялъе нижеца гьабуна гьезул ц1аралда аллея. Гьезул хъизабазеги гьабула кумек. Кидаго гьезулгун бухьенги буго.
Гьенир рагъде аразе нижеца гуманитарный помощь адресно битIана 12 нухалда. Гьезие къваригIаралъе хIалтIизабизе гьанисан босун машинги битIана росдал жамагIаталъ.
СВОялда ругел гIолохъабаз росулъе битIун бач1ана Донецкиялъул байрахъ жидерго гъулбасалгун. Гьале кабинеталда жаниб бан буго. Цоги гьединабго школалдаги буго. КIудияб ватIанияб рагъул нижер росулъгIадаб памятник цоги росабалъ бати щакаб буго. Нужеда бихьун батила гохIде бахинабун танкги буго, гьелда цебе кIиго пушкаги буго рагъулъ гIахьалъи гьабураб. Гьединго школалда цебе бугеб памятникалда кIиго кIудияб гIарадал гильзагун, кIиго каскаги буго памяталъе лъураб.

Чилдинов СагIид, росдал жамгIияв хIаракатчи:
Дида ц1ар ккола Чилдинов СагIид. Гьавуна дун 1962 соналъ. Школаги лъугIизабун ана Хасавюрталде ц1ализе лъабго соналъ гьенив ц1алун росулъе тIаде вуссана. Гьелдаса хадув росулъго гIумру гьабун вуго. Колхоз бугеб заманаялъ гьенивги хIалтIана.
-Росдал жамагIаталъул хIаракатчи вугилан абуна мун. Гьелъул бицеха?
-Росулъ вугев мехалдасаго буго хIаракат бахъулеб росулъ гьабулебщинаб хIалтIулъ гIахьаллъи гьабизе. Дида бажарараб жо гIарцулъ рахъалъ букIа, квералъ букIа мажгиталъе кумек гьабула.
-Дин биччан хадуб нужер гьаниб мажгит кин рагьараб?
-Совет хIукуматалъул заманаялъ дида лъалеб бакIалдаса умумузул мажгит букIараб бакI клубалде сверизабуна. Хадуб 1990 соназ, дин биччан хадуб, гьеб бакI ц1идасан мажгиталде сверизабуна. Нижехъ вукIана херав чи ГIисал МухIаммад абун, лъималги рукIинч1о гьесул. Гьев вукIана иццал къач1алев чи. ХIамида тIад цементги лъун, чабахги бакIарун иццал къач1алаан гьес. Гьес байбихьана тIоцебе дин биччайдал клуб бугеб бакI мажгитлъун гьабизе. Гьев вукIана росулъ жиндир рагIи билълъарав чи. Гьелдаса хадуб мажгит хIалтIулеб буго.
-Нижеда рагIана ц1ияб мажгит базе ракIалда бугин нужеда.
Гьанже ракIалда буго ц1ияб мажгит базе гьаниб гъоркьегIан. Гьаб басрияб мажгит росулъ гохIда тIадегIан ккола. Херал чагIазе ц1акъ санагIат гьеч1о тIаде рахине ва гIун бач1унеб гIелги бугелъул ракIалде ккана ц1ияб мажгит базе. Машинабазе санагIалъи букIине буго. Басрияб мажгиталде тIаде рахине захIмалъула ва бакIги гьеч1о. Аллагьас ﷻ гьабулеб иш тIубазабеги нилъер.
Цебе Кутиша росу центрлъун букIана. Хадуб гьаб бакI нухда гьечIилан абун Леваши центрлъун гьабуна. Левашиялда росулъа чагIи дагь гурони гьеч1о, гIемерисел руго тIаде рач1арал. Леваши ц1ар баккун буго нухлулазда Ле ваши абун ахIулеб букIун буго. «Ваши» даргиязул мац1алъ «вач1а» абураб магIна буго.





