«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Казбек районалъул Хубар росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, имамгун, школалъул нухмалъулевгун, ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун.
Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. Начаде гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

Камилпаша ХIайбулаев, Хубар росдал бегавул:
- Нижер росулъ къан букIана почалъул отделение. Дица хIаракат бахъана гьеб рагьизе. Цебе росдал гIадамал Дилималде ине кколаан газалъухъ, токалъухъ гIарац кьезе. Гьанже гIадамазе рес щвана гьеб иш росулъго тIубазе.
Гьабуна лъималазе расандизе рес бугеб майдан, футбол хIазе стадион, тIадеялъул рагIалде бахъине буго росулъе щвезегIан 8 километралъ ва росу бахун 4 километралъ нухде хъил тIеялъул иш. Рищни-къул рехулеб бакIалдаги гьабуна саламатаб хIалтIи.
Росдал гIадамазе бищун аслияб жо буго газги токги. Лъел суалги букIана тIубазабизе кколеб хIалалда. Аллагьасе рецц, гьеб иш рукIалиде бачIинабуна.
Нижер росу буго хасало кутакалда гIазу балеб ва гьелъул хIасилалда нухазе зарал кколеб бакI. Нижеца хIаракат бахъана гьениса хьвадулезе квалквал ккеларедухъ нух къачIазе. Нух къачIаялъул рахъалъ баркала кьезе бокьун буго росдал хIаракатчи ГIабдулмуслимов МухIаммадие. Кинабго рехсечIониги, гIемер хIалтIи гьабуна жамагIаталъе санагIалъаби чIезариялъул мурадалда.
СВОялда гIахьаллъи гьабулеб буго росулъа 50-ялдасаги цIикIкIун чияс. Гьезиеги гьабула бажарараб кумек, буго киназулгогун бухьен, зама-заманалдаса битIула гуманитарияб кумек. Чанго гIолохъанчи гьенив къадаралдеги щвана, Аллагьас ахират лъикIаб кьеги гьел бахIарзазе.

ГIисакъов МухIаммад-расул, росдал школалъул директор:
- Дир мугӀалимлъиялде сапар байбихьана учительзаби хӀадур гьарулеб колледжалдаса. ЦӀалана Буйнакскиялда, Хасавюрталда. Армиялдаса вуссиндал лъугIизабуна ДГПИ. Лъай кьеялъул хIалтIуда вуго 1976 соналдаса нахъе. Исана 50 сон тӀубала учительлъун хӀалтӀизе лъугьаралдаса. Директорлъи гьабулеб буго 18 соналъ.
- Школалда тӀоритӀулищ рухӀиял ва яхӀ-намусалъулал темабазда тарбия кьеялъулал гара-чӀвариял. Гьезда исламиял гӀалимзаби гӀахьаллъулищ?
- Нижеца хӀалтӀи гьабула рухIияб лъай кьеялъул хIалтIухъабазул гIахьаллъигун. Нижеца щибаб классалда данделъаби гӀуцӀула. Дир пикруялда, гьединал гара-чӀвариязул пайдаги гӀезегӀан кӀудияб буго. Гьез гӀолилазе тарбия кьола, хасго наркотиказул хӀинкъи, экстремизм, эбел-инсул ва учительзабазул адаб гьабиялъул бицарал темабазда хурхун.
Гьедин цадахъ рекъон хӀалтӀиялъ хIасил кьола. Цадахъ хӀалтӀараб мехалда иш цебе уна. Гьедин гьабула нижеца. Нилъер имамас абухъе, батӀалъи гьечӀо, мун гӀадатияв чи вугониги, хӀукуматалъул хӀалтӀухъан вугониги, динияв цевехъан вугониги – киназго цоцазе квербакъи гьабуни, цадахъ рекъон хӀалтӀани, пайда цӀикӀкӀун букӀуна.

- Чан цӀалдохъан вугев школалда, учительзабазул къварилъи бугищ?
- Нижер школалда вуго 216 цӀалдохъан. Учительзабазул рахъалъги къварилъи гьечIо. Масала, исана хӀалтӀуде восана лъабго цӀияв учитель.
- Цере рукIарал цIалдо-хъабаздаги гьанже ругездаги гьоркьоб батIалъи бугищ?
- Буго. Цебе кӀудияс цо щиб бугониги жо абуни яги гьикъани, гьеб хехго тIубазабулаан. Гьанже гьедин гьечIо. Адаб-хӀурмат дагьлъун буго. Дица кидаго абула гӀолилазда, жакъа дуца адаб-хӀурмат гьабуни, херлъидал дурги гьабулин абун.
Школалде унев вукIарав цӀалдохъанасда данде чIварав херас абула оц балагьизе кумек гьабеян. Гьев вас, сумка херасда аскӀоб тун, оц балагьизе уна. Школалде кватӀун вачIиндал ва ракӀбацӀцӀадго учителасда ккараб бициндал, мугIалимас лъикIаб иш гьабун бугинги абун, рецц-бакъ гьабула гьесие. Гьединаб букIана цебесеб гӀел.
- Школалъул гӀумруялъулъ цIалдохъабазул эбел-инсул гIахьаллъи букIунищ?
- Щибаб классалъул руго умумузул комитетал. Гьезул кумекги букIуна. Амма цебе гIадин лъималазул лъаялда хадур чIей гьечIо. Кин бугониги ниж данделъула ва церечIарал суалал тIуразаризе цадахъ хIаракат бахъула.
- ГIолеб гIелалъе щиб гIакълу кьелеб?
- Воре, заман гӀадада хвезабуге! ГӀолохъанго рукIаго цIале, хадуб рес щвезе гьечӀо.

Хасбулатов МахIмуд, 93 сон, хъизангун:
- 10 сон баралдаса нахъе вуго дун гIияздагун гIачиязда. Дица 10 сон байдал хвана эбел ва инсуца цадахъ вачана гIи-боцIул иш гьабизе. Колхозалъул гIияздаги вукIана, хъаравуллъиги гьабуна. ГIемераб гIакъуба бихьана. Цо нухалъ гIигун дунго цохIо магIарда хутIана ва гьенив унтана. Квеш-лъикI гIиязе къварилъи ккечIого ворчIана.
- «Ас-саламалъулгун» хурхен кинха ккараб?
- Хурхен ккана казият къватIибе бачIаралдаса байбихьун. 30 соналъ хъвалебги цIалулебги буго. Дие гьеб бокьула. Казият дие хъизамалъ цIалула ва дун гIенеккула. ГьитIинго гIи-боцIиялде вуссун вукIиналъ, цIалдезе гIемер щвечIо.
- ГIибадат гьабизе захIмалъулищ?
- Бажарараб куцалда гьабула. Цо-цо мехалъ жамагIат-каказдеги хьвадула, амма рузманалъул как биччаларо.

ГIабдурахIман ПирахIмаев, жамагIатчи, хъизангун:
- ГьитIинаб къоялдаса нахъего гъин бихьун гьабуна бажарараб хIалтIи. ХIалтIана колхоз-совхозалда. Рукъалде руссинаруна кIиго васги кIиго ясги. АлхIамдулиллагь, нижго коммунистазул заманалде кканиги, гьел Аллагьасул нухда, исламияб тарбия кьун, берцинаб гIумруялде куцана, цояв вас хIалтIулев вуго муфтияталда.
Советияб заманалда цIакъ захIмат букIана исламалъул хIалтIи, шаргIалъ тIад къарал ишал тIуразаризе. Къан рукIана мажгитал, мадрасаби. КIудияб мажгит букIана колхозалъул складалде сверизабун. Гьеб бараб бакIги ккола имам Шамил гьаниве вачIиндал, гьес рещтIен гьабураб, гьесул ишараялдалъун бараб. Цинги исламалъе эркенлъи щведал, ресалда рекъараб хIалалда жанисанги къачIан, рукIалиде бачана гьеб. Дин гьабизе рес щведал ккана тарикъаталъул устарасулгунги лъай-хъвай.
«Ас-саламалъулгун» гьалмагъи ккана росулъе газета бачIине байбихьаралдаса нахъе. Гьел букIана 1997 сон. Гьелдаса нахъе гъираялда цIалана газета ва гIемераб пайдаяб лъайги щвана гьелдаса. Газета щивасухъе рокъобе щвезабун, гIаммаб къагIидалда киназго хъвазе байбихьидал, росулъ гьелъул вакиллъун вихьизавуна ГIабдулвахIид ва нижеца росу бикьана чанго бутIаялде, цинги, щибаб авалалда вакилги тун, гьабизе байбихьана хIалтIи.
Киназего гьарула цолъи ва гьебги букIине ккола исламияб диналда сверун. Гьедин ругони нилъер цебетIей букIуна. Исламалъул мурадлъунго гьечIел рикьалаби гьаруни, жидерго напсазе гIоло батIи-батIиял къокъаби гIуцIани, хIасил кколаро. ГIакълуялда борцун гьабизе ккола кинабго. Щивасе гьарула сахлъи, гьабулелъулъ икъбал.

ГIумаханов Пайзула, хъизангун:
- Дир гIолохъанаб гIумру ана совхозалда, тракторалда хIалтIулаго. Гьеб биххун хадубги хIалтIана тракторалда. Цебе заман дагьаб бигьаяб, ургъел дагьаб букIанин ккола. Цебе гьава-бакъги лъикIаб букIана, бекьараб жоги бачIунаан. Гьанже цIакъ хисун буго, хасало цо ххвалие гурони гIазуги балеб гьечIо. Гьединлъидал ракьалъ регьелги кколеб гьечIо.
«Ас-салам» казиятги кидаго хъвала, цIалула, гьелде ракIгъунги рукIуна.

Сайбика ШагIбанова, фельдшеразулгун акушерлъиялъул пункталъул нухмалъулей:
- 1983 соналда Буйнакскиялда лъугIизабуна медучилище. Цинги хIалтIана нижерго районалъул централияб больницаялда. Гьениса йитIана росулъе ва гьале хIалтIулей йиго гьаб пункталъул нухмалъулейлъун.
Нижер аслияб хIалтIиги буго унтаразе хехаб кумек гьаби. Дир нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел руго лъабгоял: ЖабрагIилова Мавлидат, ГIалиева Мавлидат ва Ибрагьимова ГIайна. Гьез хIаракат бахъула унтаразе бажарараб кумек гьабизе.
Киназего гьарула сахлъи, цоцазе хIалае ратизе къуват, цолъи.


МухIамадов Абулмухтар, 76 сон, хъизангун:
- Пенсиялде инегIан хIалтIана совхозалда. Доб заманалда букIана гIадатияб, гIодобе биччараб гIумру.
- Мун ккола Совет улка биххилалде цебеги хадубги гIумру бихьараб гIелалъул чи. Кинаб заман лъикIаб букIараб?
- Советияб заманалда низам букIана. ГIадамал рукIана ритIухъал, хIеренал, гIамал-хасияталъул рахъалъ лъикIал. Амма букIана цо кIудияб гIунгутIи: букIине кколедухъ дин гьабизе рес букIинчIолъи. Гьеб цIакъ кIвар бугеб иш буго бусурбанчиясе. Гьединлъидал дица гьаб заманго тIаса бищила.
- «Ас-салам» газеталъулгун лъай-хъвай кидаха ккараб?
- Гьеб басмаялда бахъараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе. Гьеб къватIибе биччазе байбихьидал, дица гьебсагIатго подпискаги гьабуна.
Пайдаяб информация букIуна - гIолилазеги, чIахIиязеги, киналго бусурбабазе, хассго бокьула цIиял харбал ва суалал-жавабал цIализе. Щибаб байрам къоялъ газеталда бахъула нилъер муфти АхIмад-афандиясул саламги. Дие кидаго рохеллъун букIуна гьеб цIализеги.
- ГIадамазе щиб гьарилеб?
- Дие бокьун буго киналго бусурбабазе ва дагъистаниязе цолъи гьаризе.
«Ас-салам» газеталъе подписка гьабе. Гьелда жаниб батула нужее къваригIарабщинаб жо - дунялалдаги ахираталдаги рухI хвасарлъиялъе пайдаяб лъайги, жавабалги, насихIаталги.

ГIумаханов Сулейман, Хубар росдал имам:
- Дун гьавуна ва гIуна Хубар росулъ. 1998 соналъ цIализе лъугьана мадрасалде. КIиго соналъ цIалана, гьелдаса хадуб армиялде ана. Гьениса вуссиндал, мадрасалъул ректорлъун тIамуна. Дун гьенив хIалтIана, цинги витIана Санкт-Петербургалде, дагIват гьабизе.
Санкт-Петербургалда бана 11 сон. Дица лъималазда малъулаан исламалъул аслаби, кьолаан дарсал, гIахьаллъулаан жамагIаталъул хIалтIулъ. Дица хIаракат бахъулаан кIвараб къагIидаялъ гIадамал лъикIлъиялде ахIизе. Рокъове вуссун хадуб дун тIамуна нижерго росдал имамлъун.
- Кин гIуцIун бугеб жакъа Хубаралда динияб гIумру?
- Нижер росулъ буго 250-гIанасеб цIараки. Амма гьаниб динияб гIумру чIагояб буго. Росулъ лъабго мажгит буго. Централияб мажгит ккола дица имамлъи гьабулеб бакI. Гьенир тIоритIула лекциял, мажлисал, мавлидал, узухъда, рамазан моцIалъ рала таравихIалъул какал.
Нижеца мажгиталда гьоркьоса къотIичIого тIоритIула какие чуриялъул ва какил дарсал, гIадамаз букIине кколеб къагIидаялъ гIибадат гьабизе рес букIине. Нижер мадрасалда жаниб 70-гIан чи - лъималги, чIахIиялги, руччабиги, хералги - камичIого цIалдолел рукIуна. ГьитIинаб росдае гьеб ккола цIакъ лъикIаб иш.
Нижер руго цоцалъ рекъон хIалтIулел кумекчагIазул къокъа: имамасул кумекчиги, будунзабиги, «Ас-салам» газеталъул ва «Инсан» фондалъул вакилзабиги. Гьеб ккола гIагараб команда, щивас хIаракат бахъула жидерго ресалда рекъараб гьабизе.
Дица кидаго абула жакъа нилъеца церехъабазул нух кквей ва гьдин хьвади дида яги нилъер гIелалда бараб жо гурин. Гьеб буго умумуздалъун нилъехъе бачIараб баракат.
Нижеда лъала нижер росдал гIадамал имамзабазда хадур рукIин, Къуръаналъ амру гьабулеб бугелъул: «Я, гьал иман лъурал гIадамал! Нуж Аллагьасе ﷻ ва Гьесул Расуласе мутIигIлъе. Ва нуж мутIигIлъе нужеда гьоркьоса нужеда тIад амру-нагью гьабизе тарал гIадамазеги». (Сура «Ан-Нисаъ», аят 59)
ХIакъаб жоялдалъун амру гьабулев, шаргIалда рекъон хьвадулев тIад тарав чиясе мутIигIлъизе тIадаб буго.
Тарихалъ бицуна нижер росдал гIадамал Шамил имамасда хадур рилълъанин, захIматаб заманалда гьесда аскIор чIанин, кIвараб кумек гьабунин абун.
Нижер росдада аскIоб буго Эндирей росу. Шамил имамасул заманалда гьенисан букIун буго магIарухъе нух. Гьеб нухдасан пачаясул аскарал цере унеб мехалъ, Салатавиялъул рагъухъабаз сангар лъолеб букIун буго гьел унгутIизе. ТIахьазда рехсон буго гьениб букIараб рагъул хIакъикъатги.
Гьеб нухдасан имам Шамил унелъул, салам кьезе къватIире рахъана. Имамас жиндирго чу биччана, гьеб чIараб бакIалда сордо базеги чIана. Чу ГIусманилги Салманилги рокъоб чIана. Гьез имамасе гьоболлъи гьабуна. Хадуб гьез гьеб ракьул бутIа бихьизабуна мажгиталъе вакъфулъун. Жакъа гьеб бакIалда буго мажгит.
ГIусманги Салманги Шамил имамасул муридзабилъун лъугьана, гьесда хадур рилълъана ва шагьидазул хвелги гьезие насиблъана. Имамасул разведчикалги рукIана нижер росулъ -Нугъамирза ва Юсуп абун. Гьезул цояв чIаго тIадвуссун вуго, цогидав хвана. Гьеб кинабго буго нилъер тарихалъул цо бутIа.
Гьединлъидалин дица абулеб: жакъа нилъеца ккураб нух бугин нилъер умумуз жидерго мисалалдалъун нилъее тарабилан абун.
- Школалъулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабулищ?
- Гьабула. Нижеца кIвар бугел темабазда тIасан лъималазулгун гара-чIвари гьабула. Гьелъ лъикIал хIасилалги кьола: лъималазда имам вихьула, суалал кьезе рес щола, диналде гъира бижула.
- Дагъистаниязе щиб гьарилеб?
- Бищунго аслияб жо ккола цолъи цIуни, цоцазул адаб-хIурмат гьаби, диналъул тIадкъаял тIуразари. Биччанте щивас жиндаго кIвараб гьабизе. ГIадамал лъикIлъиялъ цолъараб мехалда, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ баракат лъола.

КIиявго МухIаммадхIабиб, Жабраиловгун МухIамадов, мадрасалъул мугIалимзаби:
- Мадрасалъул хIалтIи бажарухъе бачуна. Нижер руго васазе кIиго мугIалим, ясазеги кIиго мугIалимат. Школалдаса рачIаралго рукIуна дарсал. Бажарараб кIвар кьезе хIаракат бахъула гьезул цIалиялде. Риидал курсалги гьарула лъималазе. Гьенибги лъикIаб чIаголъи букIуна. Росулъ цIалун хадуб исламиял институтазде ун цIалулелги, гьенир цIалун рахъаралги руго гIезегIан. Руго рахъ-рахъалда дагIваталда ругел гIолохъабиги нижер мадрасалда цIаларал.


ХIасанов ГIабдула, гIолохъабазул нухмалъулев:
- ГIолохъабазулгун гьабула бажарараб хIалтIи. Кинаб рахъалда гIолохъабазул кумек хIажат бугониги, гьениб гIахьаллъи гьабула. Гьединго имамасул ишараялда рекъон, хIалтIула. Гьоркьоблъи цIунун букIуна росулъа къватIир ругел гIолохъабазулгун. Гьоркьо-гьоркьор гIуцIула батIи-батIиял турниралги, гIахьаллъи гьабула спортивиял къецазулъги.


Мурадис МухIаммадов, жамагIатчи, хъизангун:
- Дун гьавуна 1953 соналда. Буго ункъо лъимер: кIиго яс ва кIиго вас. Хубаралъул совхозалда хIалтIана гIезегIан заманалъ. Гьениб техника, алат къачIалаан. Тракторалъ 400 литр соляркадул бухIидал, гьелъул техникияб рахъалъухъ халгьабулаан. Гьедин къачIалеб техникаги гIемераб заманалъ хIалтIиларищха. Харж букIана 105 гъурущ. ГIезегIан заманалъ гьеб хIалтIуда хутIана, гьелдаса хадуб бригадирлъун тана. Гьелда тIадеги, жеги инженер-механиклъунги вукIана. Дир нухмалъиялда гъоркь вукIана 48 хIалтIухъан.
- Нуж ругоха цебесеб гьанжесебги заман бихьарал чагIи…
- Доб мехалъ гIаданлъи ва гъунки букIана. Дагьаб язихъаб заман букIаниги, инсанасул къимат гьабулаан. Цоцазул цIикIкIун ургъелги букIана. Доб мехалъ 16 кепекалъухъ чед щолаан ва 16 гъурщиде ханждал хъапги. Гьанже абуни гIемераб жо къваригIун буго ва гIолебги гьечIо. Нилъеца рекъезабун бачани гурони, цIакъго хъантIун данде кколаро. БоцIи-мал буго гIолареб жо. Нилъеца инсанасул къимат гьабизе ккола.
Диналъул рахъалъ абуни, гьеб мукъсанго букIана. Аслияб мажгиталъуб склад гьабун букIана. 1990-абилел соназул байбихьуда, чIахIиял чагIазул хIукмуялда рекъон, байбихьана мажгит цIи гьабизе.
- «Ас-салам» газеталъулгун хурхен кин ккараб?
- Гьеб къватIибе биччазе байбихьаралдаса нахъе цIалулеб буго. Хас гьабун дицаго гьелдаса пайда босула, къваригIараб жоялъе жавабги гьениб батула. Бищун бокьула суалал-жавабал цIализе. Жеги цIализе бокьула «Гьикъизе нечараб, бицине намусаб» абураб гьумерги. КIудияб баркала гьелда тIад хIалтIулезе ва гьеб тIибитIизабулезе.

ГIиса МухIаммадов, «Инсан» фондалъул вакил:
- Ункъ-щугониги сон буго дир росулъ «Инсан» фондалъул вакиллъун вугелдаса. «Продукты в каждый дом», «Собери детей в школу» абурал гIадал программабазда рекъон гьарула акцияби. Цебе кумек гьабизе кколезул къадар цIикIкIун букIана, гьанже хIукуматалъ рихьизарурал выплатаби щвезе байбихьидал, гIезегIан чагIазе бигьалъи ккана. «Красная зона» абураб категориялда ругел чагIи хутIун гьечIо.
Рамазан моцIалъ, «Инсан» фондалъул цIаралдасан, щибаб къоялъ гьарула ифтIарал, кIалбиччанкъоялде бахъулеб сахI, гьединго, закагIат бакIари ва Къурбан къоялъ хъурал жалазул гьан, бачIун бугони, бикьи гIадал ишал тIуразарула нижеца. Хехаб кумек хIажалъарав чи вугони, гьесие гьеб гьабула. ХIаракат бахъула росулъа къватIир цIалулел мутагIилзабазеги, хIажатаб жо бугони, бажарараб кумек чIезабизе.
СВОялъул гIахьалчагIазул лъималазда хурхунги рукIуна гьарулел данделъаби, акциял, хIалтIаби.



Давудов ГIабдулвахIид, Хубаралда вугев «Ас-саламалъул» вакил:
- Дица лъугIизабуна юридикияб факультет. 2001 соналъ росулъ вуссиндал байбихьана «Ас-саламалъул» вакиласда тIадал ишал гьаризе. Гьале 22 сон буго гьеб хIалтIи гьабулеб бугелдаса нахъе.
- Цебе кин букIараб подписка гьабиялъул иш?
- Почалдасан хъвалаан 60 газета ва нижеца - 80. Доб мехалъ росулъ гIадамал гIемер рукIана. Гьанже гIадамазул къадар дагьлъаниги, подписка гьабиялъул иш квеш гьечIо. ГьабсагIат почалдасан хъвалев чи дагь вуго. Подписка гьабула рокъо-рокъоре хьвадун. Киназго кумекги гьабула гьеб ишалъе. Гьанже росулъе 180-гIанасеб газета бачIуна. Росулъин абуни буго буго 250-гIанасеб цIараки.
- РагIана росулъ 20-25 соналъ казият хъвалел чагIи ругиланги…
- Гьединаб ункъо-щуго хъизам буго. Руго хIатта 30 соналъ гьелъулгун гьудуллъи бугелги.
- Гьеб гIадамазухъе гIужда щолищ?
- Гьелъул къварилъи гьечIо, кватIизе толаро. ГIемерисеб мехалда дицаго щвезабула, амма руго кумекалъе гIолохъабиги. Гьединго дир лъималазги кумек гьабула рокъо-рокъобе щвезабизе.
- Подписка гьабуразда гьоркьоб къецал гьарулищ?
- Гъоркьиса гьабун букIана. Исанаги гьабизе ракIалда буго. Гьелда бергьаразе батIи-батIиял тIахьалги кьун рукIана.


Мазакова Маржанат, Хубар росдал библиотекаялъе нухмалъи гьабулей

Хубар росдал ясли-ахалъул хIалтIухъаби гьитIичалгун цадахъ