Къурайшиязул кIалгIа
ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.
Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас АхIмадица. Гьес бихьизабуна ва бицана кинабго тарих. ГьабсагIаталда гьенир гIумру гьабулел гIадамал хутIун гьечIо. 1944 соналъ гьеб росулъ рукIаралщинал гочинарун руго Чачаналде. Гьениса дагьа-макъал чагIи тIадги руссун, 1980 соналде щвезегIан рукIун руго гьенир гIумру гьабулел. ГьабсагIаталда гьенир хутIун руго цохIо къадал. ХIакъикъаталдаги гIумруялъул шартIал захIматаб бакI буго гьеб. Росулъ гьечIо ицц, цебе заманалда лъим баччулеб букIун буго кьурул аххада бугеб, 3-4 километралъул манзилалъ рикIкIадаса, лъарахъа.
Гьеб росу буго гIемерго борхатаб гьечIеб магIарда тIад. Гьанжеги гьенибе машинадул нух гьечIо. Гьенибе буго кIиго рахъалдасан нух. Сверун руго кьураби. Хъалаян гьелда аби битIараб буго, щайгурелъул, кIиго гурони нух гьечIеб, сверун кьураби ругеб росу букIиналъ.
Дагъистаналда ислам тIибитIизабизе рачIарал гIарабаз, ай къурайшияз гIуцIун бугин гьебин буго биценазда. Гьелдаса хадуб лъугьун буго Хайдакъалъул ханлъиялъул уцумийлъун, ай тахшагьарлъун. Гьенир руго уцумиязул ханзабазул хобалги. Гьединго гьеб росулъ руго Дербенталдаго гIадал тIад кIудиял ганчIал ругел цоги хабалабиги. Рес буго гьенирги долго гIарабал ратизе, гьелъул тарих лъидаго лъалеб гьечIо.
Гьеб росдал гIадамаз Чачаналдаса руссун хадуб гIумру гьабулеб буго Дербент районалъул Мамедхъала росулъ. Къалакъурейшалда цIигьабун къачIан буго цебе букIараб басрияб мажгитги. ЦIакъго некIсияб, гIажаибаб куцалда бараб мина буго гьелъул. Мажгиталъул хIубал гьарун руго гьоркьохъев чиясул лагаялда бащадал ганчIазул.
Цере рукIарал минаби ран ругоан кьурул сирталда тIад. Гьезул гIемерисезул къадал жеги риххичIогоги руго.
Тарихияб баяналда рекъон, уцмиязул ханлъиялъул тахшагьар цогидаб бакIалде гочун буго, гьанжесеб Башлыкент абураб росулъе. Амма Къалакъурейшалъул росдал гIадамал гьенирго хутIун руго гIумру гьабун. Чачаналъе хIукуматалъ хIал гьабун гочинаризегIан, гIумруялъул кигIан захIматал шартIал ругониги, гьениб гIумру гьабун букIун буго росдал агьлу.
Сверухъ ругел росдал гIадамал гьезул хабзалазде зияраталъ хьвадула гьанжеги. ЛъагIалида жаниб риидалил заманалда гьениб тIобитIула исламияб мажлисги. Гьенире ракIарула сверухъ росабалъа гIезегIанго бусурбаби. Гьенибе тIаде машина бачине нух гьечIелъул, лъелго рачIуна сверухъ ругел росабазул харабиги.

Къалакъурейш
Къалакъурейш, ай къурайшиязул кIалгIа, ккола VII гIасруялдаса бахъараб XIX гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялде щвезегIан Дагъистаналда букIараб Хайдакъ абураб ханлъиялъул тарихиябгун маданияталъул ва административиябгун интеллекталъулаб центр. Гьеб росулъ буго гьоркьохъел гӀасрабазул байбихьуда букӀараб Дагъистаналъул бищунго некӀсиял диниял памятниказул цояблъун кколеб мажгитги (рузман балеб мажгит).
Тарихиял хIужабазул нугIлъиялдалъун Къалакъурейш абураб цIар щвеялъе налъулаблъун ккола гIарабазул къурайш абураб тухум, жалги Дагъистаналда ислам тIибитIизабизе рачIун рукIарал. Гьез гIуцIараб росдае щвараб цIарги ккола гьеб, ай къурайшиязул хъала абун.
Гьеб росуги лъугьана Дагъистаналда рукIарал ханзабазул цоялъул центрлъун, гьебги ккола хайдакъазул уцумийлъи.
Росулъе букIун буго цо каву, жинда сверун рорхатал къадалги гьарурал. Гьединго кьурал рагIалда рарал минабазул къадал руго къватIибехун горду лъечIого, хъалаялъул хIисабалда гьарурал.
Гьеб комплексалда хасаб бакӀ ккола Жума-мажгиталъ. Гьеб буго росу бакьулъ, гьитӀинабго майданалда цебе, гьенире рахине бегьула ганчӀил гьабураб чанго болъоялдасан. Мажгиталъул къадал гьарун руго бакӀалъулал ганчIаздаса, гьоркьоб хIарщги бахун. Бакъбаккул рахъалъул къадал халалъи буго 9,4 метр, бакътӀерхьул рахъалъул - 10,1 метр, жанубияб рахъалъул - 12 метр, шималияб рахъалъул - 12,2 метр. Мажгиталъул тӀох бан буго 3,7 метр борхалъиялъул, ункъо композитияб формаялъул ганчӀил хӀубиялда тӀад. Югалъулаб къедалъул борхалъи - 7,2 метр, шималияб рахъалъул - 4,2 метр. Борхалъиялъул батӀалъи букIиналъ бичӀчӀизабулеб буго мажгит лабалаб, ай битIараб гуреб бакIалда бан букIараблъи.
Мажгиталъул цебесеб рахъалда симметриялъул къагӀидаялъ лъураб кӀиго рагьуги буго. Шималияб къадалъ бугеб кӀиго нуцӀаялъ рачуна залалде. Хронологиялъул рахъалъ цоцада релъарал Жума-мажгиталъул цӀулал нуцӀбиги руго (гьел гьабсагӀаталда руго Тарихиябгун архитектурияб музеялда).
Мажгиталъе бищунго кIудияб берцинлъи кьолеб жолъун ккола гьениб бугеб михIраб. Гьелъул борхалъи буго 3,2 метр. Гьеб къачIан буго гипсалъул ганчIида тIад гьабураб хъвай-хъвагIаялъ ва бергьун берцинго рахъарал накъищаз. Гьелда сверун хъван руго Къуръаналъул аятал. ГьабсагIат гьеб михIрабалъул нахъе хутIараб жо кодобе щун гьечIо, буго гIицIго сурат. Рехун тун заман индал басарлъун, бортун, гьединго, гьенире хьвадулел рукIараз нахъе росун, гьелъул тIагIелал кодоре щун гьечIо.
Амри ШихсагIидов,
материал хIадурана ГIабдуллагь МухIаммадовас