ГIелму тIалаб гьабизе киданиги кватIун букIунаро

Китаялде унги лъай тIалаб гьабеян абула. ГIелму тIалаб гьабиялде нилъ Къуръаналъул аятазгун аварагасул хIадисазги ахIула. АлхIамдулиллагь, нилъер заман буго кирего инчIониги щибаб бакIалда мажгиталги рагьун, гьенибго гIелмулъай тIалаб гьабизе рес бугеб.
Дагьал церегIан къоязда редакциялде вачIарав пуланав чиясдаса нижеда рагIана Каспийск шагьаралда, СагIид афандиясул цIаралда бугеб мажгиталда, ругин чанго соналъ мажгиталдеги хьвадун, гIелму тIалаб гьабулел ригьалде рахарал чагIазул цо къокъайин абун.
Гьел бахIарзазул ахIвал-хIал цIехон Каспийскиялде щварал нижеда, мажгит батана унго-унгоги чIагояб, гIелму-лъай тIалаб гьабизе рачIунел гIисинал лъималазгун чагIиял чагIаз жанисан берцин гьабураб. Гьеб сапаралда нижее рес щвана гьезулгун дандчIвай гьабизе ва чангоясулгун кIалъа-балъайги гьабуна. Гьелъул ккараб хIасил кьолеб буго гъоркьехун.
Сиражудин, краналда хIалтIулев чи, 83 сон:
Дун ккола Болъихъ районалъул ГIортIаколоса КъурамухIаммадил вас. Исана май моцIалда дица базе буго 83 сон. Шоферлъун хIалтIизе цIалунги вахъун, 1960-абилеб соналъ вачIана дун Каспийск шагьаралде. Гьелдаса нахъе хIалтIана МахIачхъала-Каспийск маршруталда хьвадулеб автобусалда. Армиялдаса вуссиндалги цIидасан байбихьана гьебго автобусалда хIалтIизе. Шоферлъиялдаса нахъе ун хадув хIалтIана батIи-батIиял магIишатазда. Гьанже лъабабилеб сон буго МахIачхъала-Каспийск шагьаралда гьоркьоб балеб бугеб рухIияб централда автокраналда хIалтIулев вугелдаса.
– ГIелму цIализе мажгиталде кин ккарав, сунца гьесизавурав?
– Дун гьитIинав чи вугеб заманалда росулъ ункъо класс гурони букIинчIо. Гьебги лъугIун, 1953 соналъ дун цIализе витIана аскIоб букIараб росдал школалде. Гьенир рукIана нижер гIагарлъиялъул чагIи. Гьезул цо-цоязда лъалаан Къуръан цIализе, инсуца абун букIана жиндиейила гьасул школалъул цIали хIажат гьечIила, бажарани Къуръан цIализе малъейила гьасда. Гьедин, гьенив вугеб заманалда дагьа-макъаб жо лъан букIана, бугониги цебетIураб жо лъугьун букIинчIо.

Шагьаралде вахъиндал цадахъ вукIарав Бакълъухъа васас абулеб рагIун букIана нилъеца гьабулеб гIамал, балеб как букIине кколедухъ лъалеб гьечIони къабул гьабуларин абун. Гьеб рагIаралдаса нахъе ракIалда букIунаан киндай гьеб лъай цIикIкIинабилаян абун. Гьеб лъазе ккани хIажат букIунаха мугIалимасда аскIовеги ун, къалеб къан, цIалеб цIан, мухIкан гьаби.
Гьанив вачIиналъеги ккана гьадинаб жо: цо нухалъ МестIерухъа чи ккана дида цадахъ машинаялда. КIалъа-балъай гьабидал гьес абуна жив унев вугин цо херав чиясе дарс лъезе. Диеги бегьуларищ гьеб лъезеян абидал, вачана цадахъ ва гьедин ккана дарсиде. Гьале исана анкьабилеб сон буго гьениве хьвадулелдаса.
– Ригьалде вахарав дуе цIали гьабизе захIмалъи букIинчIищ?
– Кин дица гьеб босарабали лъаларо, ракIалдегицин кколароан гьадин хIарпал рахъизеги цIализеги лъалин абун. Аллагьас кумек гьабун батила, шукру БетIергьанасе, бажарана, рагIалде бахъунеб буго.
ЗахIмалъи букIанищ абуни, букIинчIо. «МугIалиму-сани» абураб тIехьалдаса байбихьана дица, гьеб лъазабизе бигьалъана, хадусеб жибго дагь-дагьккун бачIана. Гьале цIалулеб буго Къуръан, гIараб мацIалда «Нурул гIуюн» абураб тIехь ва как мухIканлъизабиялъе лъабабилебги тIехь.
– ГIолохъанаб гIелалда ва гьезул эбел-инсуда щиб абилеб гIелму тIалаб гьабиялда хурхун?
– Бажариларин ккун яги батIи-батIиял гIиллаби рачун чIечIого, паризаяб жо лъазе тIалаб гьабичIого тоге, малъулесда аскIоре цIализе рачIа, лъималги ругьун гьаре. Гьабизе бокьани, гъираги бугони, байбихьун хадуб бажарулареб жо букIунеб гьечIо.

Набиюла ГIалиев, ХахитIа росу, 75 сон:
- Каспийскиялде дун гочана 1986 соналда. 2014 соналда гьаб мажгит рагьун хадуб, дир гьалмагъ Магьдилас абуна гIелму лъазабизе мажгиталде рилъаян. Гьеб калам кутакалда бокьана дие, Аллагь разилъаги Магьдиласдаса. Гьедин байбихьана анкьида жаниб кIиго къоялъ Къуръаналъул дарсал росизе. Гьале 7 сон буго гьениве хьвадулелдасаги.
- ЦIали захIмалъулеб бугищ?
- БитIараб бицани, байбихьуда хIинкъун вукIана бажариларин абун. Дида ккола гьеб бугин шайтIаналъ рекIелъе рехулеб хIинкъийиланги. ЦIализе араб къоялъго гIезегIан бигьалъи ккана. МугIалимасда цIикIкIун лъала нилъехъа хIадурун бажарулеб къадар. Гьес малъараб босула ва лъазабизе хIаракат бахъула. РакIалда буго Къуръан мухIканго цIалулеб бугин мугIалимас абизегIан гьениве хьвадизе.
- Ригьалде рахарал цо-цояз абула бажаруларин, захIмат букIунин абун. Гьелде бан дуца щиб абилеб?
- Киданиги букIунаро кватIун. Дида ккола гIемерисев чи нечон чIолев вугин абун. Гьаниве цIализе лъугьинегIан дида кколеб букIана рузманалдеги хьвадани ва къойил щуябго какги бани гIелин абун. Пикру гьабидал, лъалеб жо дагьаб батана. Дарсал росизе байбихьаралдаса нахъе рекIее рахIатги лъугьана. Аллагьасде тавакал тIамидал, гьабулеб хIалтIи-пишаги данде билълъунеб букIун буго. ГIадада гурелъул гIалимзабазги абулеб, «Аллагь ккурав Аллагьасги кколин» абун.
- ГIолохъанаб гIел бачIунищ дарсазде?
- РачIуна. Риидалил каникулазул заманалда цIакъго гIисиналги рачIуна. ГьитIинго гIелму малъани, кIудиял гIедал нилъеда гьелъул пихъ бихьила. ГIелму бугев чиясулгун хабар бицинеги бигьаго букIуна. ГIелму загIипал гIадамалин абуни мугIалимзабазда, гIалимзабазда, имамзабазда гIайибал чIвалел рукIуна, жалгоги жагьлуялъ ккун рукIиналда цадахъ. Мунагьал чураяв дир вацгIалас абулаан: «Гьадаб гъотIада тIамах балароан Аллагьасе бокьани гурони», - абун. Гьелдаса бичIчIула гьаб дунялалда лъугьунеб кинабго Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун букIунеблъи.
МухIаммадгIариф ГIумаров, «Дагдизель» заводалъул хIалтIухъан, 63 сон:
– Дун ккола Шамил районалъул КъахIиб росулъа. ГIумруялъул буго 63 сон. ГIолохъанаб заманалда хIалтIулев вукIана заводалда. ТIоцебе байбихьулеб заманалда механиклъун лъугьана. Доб заманалда Буйнакскиялда букIараб кооперативияб техникумги лъугIизабуна. Совет улка бихун хиса-баси ккедал, хIалтIул бакIалги хисана. Гьанже «Дагдизель» заводалда вуго.
– Мажгиталда кьолел дарсазде кин вачIарав?
– Дир инсул яц йикIана диналъул кIвар бугей чIужу. ГьитIинаб къоялъго гьелъ малъун букIана дида как базе ва цогидал ишал тIуразе. Доб заманалда нижер эмен вукIана учительлъун хIалтIулев. Совет пачалихъалъул заман букIаралъул дин гьаби дагьаб гьукъараб, гьеб гьабулел толареб, лъаларо инсудаса хIинкъунищ яги кин ккарабали, гIемерго кIвар гьабун дида малъулев чи ккечIо. Бугониги, хадуб инсуцаги байбихьана, ункъгIалалъ малъун, дица тетрадалда хъван букIараб как балеб къагIида бихьизабураб жо цIалун гьеб базе.
Гьаниб мажгиталде вачIинегIанго дица цоги бакIалде унги байбихьун букIана дарс босизе. ХIалтIудаса лъугIун гьениве унелъул, маршруткалда кватIулев вукIун, машинагицин босун букIана. Гьаб мажгит бан лъугIидал байбихьана гьаниве вачIине. Гьадин хьвадулелдаса исана микьабилеб сонги буго.
– ГIолохъанаб гIел дарсиде гьесизабиялъе щиб абилеб?

– Дир эбелалъ кидаго как балаан, кIал кколаан, эменги бажарараб гьабулев чи вукIана. АлхIамдулиллагь, лъималги умумузул нух ккурал руго, гьелде дица гьел куцазеги куцала. Чанго чагIазул букIунеб батила ине рес рекъолеб гьечIин, заман гIоларин абурал гIадал гIузраби рачун нахъбахъун тей. Нужеца лъимал лъай тIалаб гьабиялде ругьун гьаре, малъулесухъе ритIе. Дица васасда абулаан дуца цин байбихье, рес рекъараб заманалда дарсидеги а, хадуб дурго гъира балебин гьелдейилан. Гьелъухъего, бищун аслияб жо буго байбихьи лъей.
– «Ас-салам» казияталъулгун лъай-хъвай бугищ?
– «Ас-салам» казият дица цебегоялдаса нахъе хъвалеб буго. Цо соналъ гьаниве хьвадулевги вугин, гьеб тIубанго цIалун бахъинабизе заманги букIунеб гьечIин ккун, «Нурул ислам» хъван тун букIана. Гьаб нижер классалъул цо-цо чагIи руго гьанир активистал хIисабалдаги. Гьезул чангояс дида абуна казияталъе подписка букIине ккелин. Гьелъул бугеб кIвар бихьун, дида ккана хадубккунги хъвачIого бегьиларин.
АсадгIали АхIмадов, ТIелекь росу, 83 сон:

- Дун гьитIинго бесдаллъана. Диеги ва ункъавго вацасеги кIудияв инсуца лъолаан Къуръаналъул дарсал. Школалде цIализе ине заман щведал, Дербенталда букIараб интернаталде витIана. ЦIалул идараги лъугIизабун, районалда ветеринарияв тохтурлъун хIалтIана. КъахIиса ва Гьидалъа гIадамал рукIана дида цадахъ хIалтIулел. Гьел сабаблъун диналде рокьиги цIикIкIана. Дир хъизан квешаб унтиялъ унтун йикIана. Гьеб унти сабаблъун гочине ккана шагьаралде. Гьелда хадуб дунгоги унтана. Гьаниб мажгиталда аскIобго буго дир рукъги. Как ахIулеб ва Къуръан цIалулеб рагIанщинахъе черх гIажаибго чIаголъун бачIуна.
- Мажгиталде, ай дарсазде хьвадизе кида байбихьараб?
- ГьитIинаб мехалдаго Къуръан цIалун букIаниги, сонал анагIан гьеб кIочон толеб букIана ва берцинго цIалунги бажарулароан. Гьединлъидал бокьана Къуръан мухIкан гьабизелъун ва махражалда гьеб цIализелъун дарсал росизе мажгиталде хьвадизе. Аллагьасе рецц, гьале гIезегIан заман буго хьвадизе байбихьаралдаса. Кутакаб гъираги букIуна цIия-цIиял сураби цIализе. МугIалимги вуго нижер кутакалда цIодорав, лебалав чи. Аллагьас гьесие сахлъиги ва кIиябго рокъоб талихIги кьеги.
- РагIана, аварагасул гIумруялда тIасан букIараб конкурсалда Каспийск шагьаралда мун тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъанинги.
Дунгоги гIажаиблъана гьеб лъугьа-бахъиналдаса. ГIолохъанал, цIодорал васал ва ясал рукIана гьелда гIахьаллъун. Аллагьас дие хъван букIун бугоха бергьине.

- Конкурсалде хIадурлъизе захIмат букIанищ?
- Дун гIолохъанаб мехалъ рукIинчIо гьадинал конкурсал. Дин гьабизе гьукъунги букIинчIо, амма тIибитIизабун загьир гьабизе гьукъун букIана. Гьанжейин абуни рагьун динги гьабизе тола, дин тIалаб гьабизе мажгитал, мадрасаби ва аскIоре ине кигIан бокьаниги гIалимзабиги руго. Киналго шартIал кьун руго ТIадегIанас нилъее. ЗахIмалъи кин букIинеб, аварагги вокьун гьесул баракат щвезелъун хIадурулеб конкурсалъе? Дир кутакалда гъира букIана аварагасул гIумру тIубанго лъазабизе. Баркала буго гьадинал конкурсал гIуцIаразеги. Аллагь разилъаги. Гьанже конкурсалъул лъабабилеб этап букIине буго МахIачхъала шагьаралда. Гьелде хIадурлъулев вугоха.
ГIалиев Рамазан, бакIал ралев чи, 60 сон:
- Дун ккола ГIалиев Рамазан, Хьаргаби районалъул КIикIуни росулъа. Бана 60 сон. ГIумру гьабун вуго Каспийск шагьаралда. Дица лъугIизабуна бакIал раялъул техникум ва хIалтIана бакIал раялда. Гьанжеги гьабула гьебго хIалтIи. СагIид афандиясул цIаралда бугебги цогидабги мажгиталда зовхозлъунги хIалтIулев вуго.

- Мажгиталде гIелму цIализе вачIине сунца гьесизавурав?
- 2012 соналда хIежалде индал рихьана нилъер гIалимзаби кин кIалъалел ругелали гIарабалгун. ЦIакъ берцинго, бигьаго гIараб мацIалъ гьелгун кIалъалел рукIана. Гьедин гъира ккана гIелму лъазабизе. ХIежалдаго ният гьабуна цIализе ине вугин абун. Анкьида жаниб лъабго нухалда уна цIали гьабизе.
- ЦIализе захIмат бугищ?
- Щибго ракIгъей гьечIеб заман бачIун буго. РакIгъей цохIо нилъерго хъизамалдаги гIелму цIалиялдаги гурони гьечIо. ХутIараб жоялда жаниб пасалъи тIибитIун буго. Метер щиб ккелабали лъалареб хIал лъугьун буго. Аллагьасе рецц буго гьеб чороклъи нахъе бацIцIунел, гIелму тIибитIизабулел чагIи рукIин.
- Лъимал цIализариялде ахIун эбел-инсуе щиб гIакълу дуца кьелеб?
- Нижеда гьанжецин бихьула кватIун гьечIеблъи. Киданиги кватIунги букIунаро. ГIолохъанаб заман гIадада биччаге, гьеб буго дир гьари. Хадуб бокьаниги бокьичIониги ракI бухIизе буго. Эбел-инсудаги абила лъимал гIелму цIализе ритIеян. Дунялияб гIелму цадахъ бачинеги лъицаниги гьукъун гьечIо. Нилъ хIинкъизе бегьуларо. Рикъзи Аллагьас кьола, амма вегун вукIаян абураб магIнаги гьеб гуро. ГIемераб хIарамаб магIишаталдаса, дагьаб хIалалалда жаниб баракат батула.
МустIафаев Магьди, 81 сон:

- Дида цIар буго МустIафаев Магьди. Бана 81 сон. Дун ккола Лаваши районалъул ХахитIа росулъа. ГIолохъанаб заманалда гьабуна даран-базар, гьаниве цIализе вачIинегIан вехьлъунги вукIана. Жакъа дармилъ гIемерлъун буго хIилла-рекIкI. Амма хIалалаб даран гьабуни, гьелъулъ баракат батула.
- Мадрасалде цIализе вачIине сунца гьесизавурав?
- Сунцаго гьавичIо. РакI бухIун букIана гIолохъанаб заманалда гьеб цIаличIого теялдаса. Коммунистазул заманалдаги, бокьани, цIализе рес щвелаан. Чияс жиндиего къваригIараб жоялде нух бахъула. Гьанже цIализе вахъана заман щун бугинги абун. Гьадин цIалулаго щуго сонги буго.
- Цо-цояз абула кIодолъун вугин, бажаруларин абун. Дуца щиб абилеб?
- Дидаги гьедин ккун букIана. Амма цIализе лъугьиндал дагьдагьккун бачIунеб батана гъира. Баракат буго гIелму цIалиялда жаниб. Аллагьас тавпикъ кьеги.
- ГIолохъанаб гIелалда щиб абилеб?
- Гьелги цIализе рачIани лъикI букIинарищха. Цо-цо нижецаги бицуна гьезда рачIине кколин. ГIолохъанаб заман гIадада биччагеян. Нижги рукIаралъулха гIолохъанго. ГIемерисезда гIолохъанлъиялъул къимат бичIчIуларо.

- «Ас-салам» газеталъулгун лъай-хъвай бугищ?
- БукIинарищха, гьеб къватIибе биччазе байбихьаралдаса нахъе цIалула. ГIемераб пайдаги батула гьелда жаниб. Хасго цIалула «Суалжавабал».