Аслияб гьумералде

Аллагь разилъиялде нух

Аллагь  разилъиялде нух

Аллагь разилъи ва гьедин гIамал гьаби буго нилъедаса шаригIаталъ тIалаб гьабулеб жо. Дин гьабулелинги рукIун, амма гIамал бугони гIицIго загьиралда бугеб, гьелъ чиясе пайда гьабуларо. ГIамал букIине ккола загьирги батIинги Аллагь тIаде валагьун вугев кинниги, рекIелъ Гьевги I ккун гьабулеб. Гьедин гьаби буго БетIергьанас лагъасул гIамал къабул гьабиги.

Рехсей гьабизе бокьун буго имам Гъазалияс «ИхIяалда» рехсарал чанго пишабазул.

КIиго пиша буго чиясулъ жиб даимлъулареб: гIолохъанлъи ва къуват. Щивасе мунпагIат гьабулеб кIиго пиша: тIабигIат берцинлъи ва напсалъул сахаватлъи. КIиго пиша буго жидеца чиясул къадру борхизабулеб: гIодове виччай ва гIадамазул хIажатал тIурай.

КIиго пиша буго жидеца балагь нахъчIвалеб: садакъа ва гIагарлъиялда гьоркьоб хурхен щулаго кквей. Аллагьас щивав хира гьавеги гьал сипатаздалъун ва гьабулеб гIамалалъулъ Жиндасаго хIинкъигун лъикIаб гIамалги кьеги, иманалъул нухдаги чIезареги.

ГIали асхIабас абун буго: «ГIадамазул бищун квешав чи вуго цогияздехун жиндилъ бугеб мекъаб пикруялъ, цонигиясда жив божуларев. Жиндилъго бугеб квешаб гIамалалъ цогиялги гьесда божуларев», - ан.

Лукъманул ХIакимил васас инсуда цIехон буго: «Я дир эмен, чиясдаса щиб пиша бугеб бищун лъикIаб?» - ан. Лукъманица жаваб гьабула: «Дин буго», - ян. «Пишабазул кIигояб бугони, щиб букIунеб?» - ан гьикъидал, Лукъманица жаваб гьабула: «Дин ва боцIи буго», - ян. «Лъабгояб буголъидал щибха бугеб?» - ан цIехедал: «Дин, боцIи ва нич буго», - ян абула. Ункъояб бугони щиб букIунебин гьикъидал, «дин, боцIи, нич ва тIабигIат берцинлъи буго», - ян жаваб гьабула. «Щугояб бугони, щибха букIунеб?» - ан абидал, Лукъманица жаваб кьола: «Дин, боцIи, нич, тIабигIат берцинлъи ва сахаватлъи буго», - ян. «Анлъгояб бугони», - ян васас цIехедал, Лукъманица абула: «Я дир вас, чиясулъ рехсарал щуялго пишаби данделъидал, гьев вукIуна вацIцIадавлъун, БетIергьанасдаса хIинкъулевлъун, Аллагьасул валилъун, шайтIаналдасаги вацIцIадавлъун», - ан. Аллагьас кьеги щивасе гьел пишаби кквезе тавпикъ ва гIамал бацIцIалъи.

КIвар бугел пишаби

Гьал ункъояздехун дуца хиянат гьабуге: дурго БетIергьанасде, расуласде, диналде ва ватIаналде. Дуца хъачIлъи бихьизабуге: дурго инсуда, эбелалда, вацасда ва яцалда. Сахаватлъиялдаса махIрум гьаруге: дурго чIужу, лъимал, гIагарлъи ва гьудуллъи.

СогIлъи, гьумер букIкIин бихьизабуге: ятимзабазда, мискинзабазда, пакъирзабазда ва унтарал чагIазда. Дур ццин бахъунге: гIалимзабазда, лъикIаб-квешаб малъулев мугIалимасда, Аллагьасдаса хIинкъарал ва санаде рахарал чагIазда.

Дуца къотIун ккезабуге: как бай, Къуръан цIали, зикру бачин ва гIагарлъи хурхинаби. Дуца гьабуге: мунагь, гукки, хIасад ва ракIхъублъи. ТIадчIей гьабе: сабруялда, хIилмуялда, гIелмуялда ва сахаватлъиялда. ЦIуни гьабе: шайтIаналдаса, напсалдаса, шагьваталдаса ва квешав гьудуласдаса.

Гьалмалъи ккоге: гьереси бицунесулгун, цIогьорасулгун, хIасад ва мацI гьабулезулгун. Гьоркьоблъи ккве: ракIбацIцIадасулгун, къотIи тIубалесулгун, сахаватав ритIухъасулгун.

ГIемер гьабе: садакъа кьей, дугIа гьаби, мунагьалдаса ракIбухIи ва аварагасде r салават битIи. Дагь гьабе: кьижи, кванай, калам ва кIухIаллъизе черх тей. Чорхолъе биччаге: пашманлъи, гIажизлъи, бахиллъи ва хьул халалъи.

РикIкIалъе: жагьиласдаса, дагIбадуласдаса, тохасдаса, щибго ишалда гьечIесдаса. Лъута: хьандолесдаса, рекIкI гьабулесдаса, дагIбадулев мунапикъасдаса. Аллагьас кумек гьабеги.

АхIмадул Бадавияс абун буго: «ГIелму гьечIев чиясул дунял-ахираталда къимат букIунаро. ХIелму жиндилъ гьечIесеги гIелмуялъ мунпагIат гьабуларо. Сахаватлъи жиндилъ гьечIесул боцIиялъулъги талихI букIунаро. Аллагьас бижаралда ракI гурхIи гьечIесе, Гьесда аскIобги шапагIат гьечIо. Сабру жиндилъ гьечIесеги гьабулеб ишалъулъ битIккей гьечIо. Такъва жиндилъ гьечIесеги Аллагьасда аскIоб даража гьечIо. Гьал пишабаздаса гIицIавлъун вугесеги алжаналда бакI гьечIо», - ян.

Аллагь гурхIаги щивасда ва Гьев разилъуледухъ шаргIалъул нухда хьвади ризкъилъун кьеги нилъее! Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...