Аслияб гьумералде

Мушавара гьаби

Мушавара гьаби

Хирияв аварагасул заманалда гIакълу дандбай букIана ритIухълъи балагьиялъе ва хIукму къотIиялъе кумек гьабулеб алатлъун. Гьединаблъун гьеб букIана ГIумар-асхIаб бусурбабазул амирлъун вугеб мехалдаги.

Гьелъие гIоло нахъчIвалароан батIи-батIиял пикраби, гIадамазул рагIухъ цIакъ кIвар кьун гIенеккулаан, хIатта цохIо чиясул пикру букIаниги, гьевги цо кIудияб пикруялъул бетIергьанлъун рикIкIунарев чи вукIаниги. Цо нухалъ ХIузайфа ГIумарасхIабасухъе щвараб мехалъ гьесда гьев бадиб магIу хулун, цIакъ пашманго ватула.

Гьеб мехалъ ХIузайфаца гьесда гьикъула: «Я муъминзабазул амир, дуе щиб лъугьараб?», - илан. ГIумарица жаваб кьола: Дун хIакъикъаталдаги хIинкъун вугеб жо бицинищ дуда? Дун хIинкъун вуго гьаб халифаталъул бетIерлъиялде ккедал дихъаго гIемерал гъалатIал ккелилан ва нужецаги дир адаб гьабулебилан, дун кIодо гьавулевилан дир гъалатIазде дандечIейго гьабиларилан», - абун.

ХIузайфаца жаваб кьола: «Валлагьги, мун ритIухъаб хIакъаб жоялдаса кьурулев вихьани, нижеца дуда гьеб абичIого ва гьелда дандечIей гьабичIого теларо», - ян. ГIумар-асхIаб воххун, разилъун лъугьуна ва абула: «Аллагьасе рецц буго, дие гьадинал, дун гьетIаризе лъугьунеб мехалъ дандечIолел гьалмагъзаби кьурав», - абун.

Цо нухалъ ГIумар кIвар бугеб амру бусурбабазе баян гьабизе минбаралде вахун вукIун вуго. Аллагьасе рецц гьабун хадуб гьес жиндирго хутIба байбихьула: «Я нужеда Аллагь гурхIаял, гIенеккея цо», - ян абураб каламалдалъун.

Гьеб параялъ цо бусурманчи тирщун тIаде вахъун вачIуна ва «Валлагьги гIенеккиларо ниж … Валлагь гIенеккиларо», - ян ахIун дандечIола. ГIумарица гьесда хIеренго, сабуралда гьикъула: «Щайдай, дир вац, Салман?», - абун.

Салманица жаваб кьола: «Дуца гьаб дунялалда нижералдаса дурго напс кIодо гьабулеб буго. Дуца нижер щивасе кьуна цо-цо ретIел, дуегоян абуни босана кIиго». Халиф ГIумар цере чIарал гIадамазул кьеразде кIвар кьун балагьана ва гьикъана: «Кив вугев ГIумарил вас ГIабдуллагь?», - абун. Гьесул вас ГIабдуллагь тIаде вахъана. «Гьале дун, я муъминзабазул амир!» ГIумарица гьесда гьикъула: «Гьеб кIиабилеб ретIелалъул бетIергьан щив кколев?». «Дун ккола, я муъминзабазул амир», - ян жаваб кьола ГIабдуллагьица.

ГIумарица гIадамаздехун, гьездаго гьоркьов Салманидехун вуссун абула: «Нужеда киназдаго лъала дун халатав чи вукIин ва дица босараб ретIел ва гьебги бацIцIун дица дирго ретIел халалъизабуна». Роххалил магIуги чваххулаго Салманица абула: «АлхIамдулиллагь… гьанже бице, ниж духъ гIенеккун руго ва ниж дуе мутIигIлъула, я муъминзабазул амир!» - абун.

ГIумарие бищун тIадегIанаблъун букIана ритIухъаб, хIакъаб рагIи. Гьединлъидал цо хIукму гьабуни ва гьелъие дандечIейги лъугьани, ва гьеб дандечIей гIадилав халифасда лъани, гьес абулаан. «Биччанте нилъеда гьоркьоб хIукму цогидаз къотIизе», - ян. ГIумарил я ццим бахъунароан, я бачIинахъего нахъ чIвалароан, гьеб цIакъ воххун къабул гьабулаан.

Гьесда лъалаан жив витIарав вугони, хIакъаб жо ритIухъ гьабизе кумек щолеблъи, мекъи вугони, ритIухъаб нухдеги ккезавулеблъи. РитIухъаб хIукму къотIизе лъихъе иневали тIаса вищизе ихтиярги дандечIарасухъе толаан. Цо нухалъ ГIумарида аварагасул имгIал ГIабас дандчIвала ва гьесда абула: «Дида рагIана Аллагьасул Расулас живго хвелалде цебе, жиндирго мажгит гIатIид гьабизе бокьун букIин загьир гьабулеб.

Дур рукъ буго гьеб мажгиталда цун, гьеб рукъ нижехъе мажгиталда тIаде жубазе кьезе ккела, дица дуе гьелдаса гIатIидаб рукъ кьела», - ян. ГIабасица жаваб кьола: «Кьоларебха дица дир рукъ лъиего», - ян. ГIумарица абула: «Гьедин батани, гьеб духъа къуваталдалъун бахъизе кколаха», - ян.

«Гьеб дур рукъ гуро, биччанте дидаги дудаги гьоркьоб ритIухъаб хIукму цоги чияс къотIизе», - ян жаваб кьола ГIабасица. Дуца щивха гьелъие тIаса вищулев?», - ан суал кьола муъминзабазул амирас. «Ямаматил вас ХIузайфа вищула», - ян абуна ГIабасица.

Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIумарги ГIабасги ХIузайфахъе рилъуна ва гьесда цере гIодорги чIун жидерго рагIи данде ккечIеб суал гьесие баянги гьабун ритIухъаб хIукму къотIеян гьарула. ХIузайфаца абула: «Дида рагIана жинда Аллагьасул салам лъеяв Давуд аварагасе ва цо-цо гьесул асхIабзабазе бокьун букIанила Байтул Мукъаддас гIатIид гьабизе, амма мажгиталда аскIоб цо рукъ букIанила.

Гьеб рукъ букIанила цо ятимасул ва гьез гьесдаса тIалаб гьабунила гьеб рукъ. Амма гьев ятимас инкар гьабунила. Давуд аварагасе бокьанила гьесухъа гьел рукъзал къуваталдалъун рахъизе. Гьеб мехалъ гьесда Аллагьас вахIю рещтIун бичIчIизабунила: «Гьеб рукъ зулмуялдаса рикIкIад гьабе, гьеб рукъ дир рукълъидал», - абун.

Давуд ятимасдехун букIараб тIалабалдаса вуссанила ва рукъ бетIергьанасе танила. ГIабас ГIумарихъ валагьанила ва «Гьанжеги мун дихъа рукъ къуваталдалъун бахъилин абураб пикруялда, хисичIого вугищ», - ан гьикъанила. ГIумарица гьечIин абунила. Гьанже ГIабасица абунила: «Гьедин батани, дица дирго рукъ дуе кьолеб буго, дуца гьеб Аллагьасул Расуласул мажгит гIатIид гьабиялъе хIалтIизабиялъул мурадалда», - ян.

Гьеле доб жиндир гъалатI битIизабун ритIухъаб нухде ккезавурасда гурхIулев, жиндаса Аллагь разилъаяв халиф ГIумарил тIадегIанлъи ва къадруяб хасият! Нилъеца мисал босизе бакI.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулаева ХIалимат, 7 сон, Зило росу. ГIабдурахIманова Меседо, 8 сон, КIудиябросо. ГIабдулгIазизов АхIмад, 6 сон, Ленинаул росу. Дадаев Исрафил, 11 сон, Хубар росу. Давудбегова...


Кверги кумекги битIарав

Тохтурзаби рукIуна лъабго батIиял: Аллагьас кверчIварал, Аллагьасда мугъчIварал ва Аллагьас жидедаса цIунаял. Гьел ратIа рахъизеги захIмалъуларо, чанцIулго рихьун лъала кинав гьев вугевалиги, гIадамаз хехго мустахIикъаб къиматги кьола. Жакъа гьаниб жиндир бицен гьабулев тохтур, ЛъаратIа...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.   Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб...