Аслияб гьумералде

Кин цIунилеб?

Кин цIунилеб?

«Ле, иман лъурал гIадамал, нужеда тIадкъан буго кIал кквезе, нужеда цере рукIаразда тIадкъан букIарабго гIадин, нуж Аллагьасукьа хIинкъарал динияллъун лъугьинелъун». (суратул «Бакъара», 183 аят).

 

Щибаб соналъ рикIкIен гIемерал бусурбаби гъираялда балагьун чIун рукIуна рамазан моцI тIаде щвеялъухъ. АлхIамдулиллагь, исанаги гьеб хирияб моцI гьале бачIана нилъехъе. Гьаб моцI ккола кванил нигIматаздаса ва гьекъолеб жоялдаса инкар гьаби гуребги, тIубанго рухIияб рахъ лъадарун щула гьабиялъул заман, муъминзаби жидерго Халикъасде ﷻ гIагарлъулеб, рахIмуялъул каваби рагьулеб гIуж.

Гьаб моцI буго авлахъалда гьоркьоб къотIун букIараб цIад гIадаб жо. Гьелъ бакъван букIараб ракьул къеч ссвинабула, амма бачIарабго гIадин, хехгоги уна. Рамазан моцI лъугIун хадуб нилъер гIемерисезда цебечIараб масъалалъун ккола рухIияб цебетIей «нахъе ккезе» лъугьин. Хирияб моцIалъ рахсазда букIараб илбис цIидасан эркенлъула, къаси гьарулел рукIарал гIамалазгун ралел рукIарал каказ нух кьола макьуялъе, къад кIал ккун эркенго букIараб чехьалъги кваналеб жоялъе рагьула жиндирго къвачIа.

Гьединлъидал, кинха рамазаналъул гIамал хадубккунги цIунилеб?

Рамазан моцI ккола Аллагьасул ﷻ разилъи щвеялде бугеб нух, мунагьал чуриялъе сабаб. Къад заманалда квандаса инкар гьабиялдалъун чияс ругьун гьабула напсгун рухI хьул лъунщинаб гьелъие кьунгутIиялде, дагьалдалъун гIей гьабиялде, ругьунлъула жидерго мурадазда тIад кверщел гьабизе. Гьаб моцIалъ, Аллагьасе гIоло, квана-гьекъеялдасагун лазатаздаса рикIкIад чIезе кIолел нилъеда, хадурккунги бажарула гьукъарал, хIарамал жалаздаса инкар гьабизе.

Бусурбабаз хIаракат бахъула

Как: паризаял ва сардилъ ралел таравихIазул суннатал, дандчIвала азарго моцIалдасаги хирияб Лайлатул къадриялъул сардида.

Къуръан: Аллагьасул хирияб Калам рещтIана рамазан моцIалъ ва гьаб моцIалъ бусурбабаз цIакъго хIаракат бахъула гьеб тIубанго цIализе ва лъазабизе.

Садакъа: ифтар, кIал ккурав чи кваназавиялъул ажру жинцаго гьеб цоги нухалда кквеялда бащалъула. МоцIрол ахиралда кьола паризаяб Закатул фитIр, ресукълъиялда ругезги байрамалъул къо рохалида тIобитIизе букIине.

ЯхI-намус берцинаб гIамал хасият: кIал ккурав чиясе бищун рекъаразул цояллъун руго мацIгун гьабулеб гIамал чияе зарал кколелдаса цIунизе.

РакIбацIцIалъи: кIал кквей ккола цогидаздаса бахчараб гIибадат. Лъиданиги лъаларо мун кванаравищ яги кваначIищали. Гьеб буго иманалъул даража борцунеб роцен.

Рамазан моцIалдаса щвараб аслияб бергьенлъиги буго Аллагьасукьа хIинкъиялде рачин, Гьесул разилъи щвей.

 

МоцI лъугIи…

Рамазан моцI лъугIи букIине бегьуларо ахирлъун. Гьеб букIине ккола рухIияб рахъ куцаялъул институт лъугIун къватIире риччайлъун. Дипломги босун выпускник жиндирго лъай гIумруялъул нухда хIалтIизабизе унев гIадин, рахъун ккезе ккола нилъги гьеб моцIалда жаниса. Ругьунлъизе ккола гьеб моцIалъ гьабулеб букIараб гIамал хадубккунги гьоркьоб биччалареб хIалалда, низам цIунун, тIубазабиялде. Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасе бищун бокьулеб гIамал буго, гьитIинаб букIаниги, гьоркьоса къотIичIого гьабулеб», - абун (Муслим). Гьединлъидал, рекъараб буго хадубккунги гьабизе:

  1. КIал кквей гьоркьоб къотIизе тунгутIи. ХIаракат бахъила шавал моцIалъул тIоцебесеб анлъго къоялъ кIал кквезе. Гьединго кквела итни, хамиз ва рузман къояз, хъахIал къоялин абулел щибаб моцIрол 13, 14 ва 15-абилел къояз. Гьелъ черх куцала кIал кквеялъулаб гIибадат гьабулеблъун букIиналдаса тIунгутIизе.
  2. Сардилъ рахъун как бай. Рамазан моцIалъ гIемерисел ругьунлъун рукIуна сухIур гьабизе радакь рахъиндал как базе. Гьеб буго кутакалда кири кIудияб, Аварагасги ﷺ кIвар гьабулеб букIараб суннатаб как, ругьунлъараб гьеб гIамал такрар гьаби гьоркьоб къотIизе течIони, рамазан моцIалъулгун бухьен цIунараллъун рукIина.
  3. Къуръан. Рамазан моцIалъ гьабизе рекъараб гIамаллъун буго Къуръан цIали. Амма моцI лъугIидал гIемерисезул гьелде балагьи дагьлъула. Гьелъ, цIакъго-цIакъ рекъараб буго Аллагьасул Калам щибаб къойил, 10-15 минутгIаги тIаде биччан, цIализе.
  4. ТIубараб соналъго ифтар. Рамазан моцIалъ нилъ сахаваталлъун рукIуна, къачIала столал, гьоболлъухъе ахIула гIагарлъигун гьудулзаби, кваназарула мискинзаби. РачIа гьеб гIадатги гьоркьоб къотIизе биччаларин. Дагьаб бугониги, гьоркьоб къотIи гьечIеб садакъаялъ, буголъиялда баракатги лъола.
  5. ДугIа. Рамазан моцIалда абула дугIаялъе жаваб гьабулебиланги. ДугIа бугелъулха муъминчиясул бищун къуватаб ярагълъунги. Гьединлъидал, рамазаналъ нилъер гьариялъе Аллагьас жаваб гьабун букIаго, хадубккунги Гьесде ахIи балелъун рукIине ккела нилъ.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир. Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул...