Аслияб гьумералде

Сужда гьаби

Сужда гьаби

Сужда гьабулеб мехалъ гIемер бихьула гIунгутIаби. Цо-цояз хIатIил кIилщал ракьуда хъвазаруларо. Сужда тIубалареб мехалъ как кин тIубалеб? Нилъеца какда хурхараб щинаб жо лъазабизе ккола. Гьеб буго щибав чиясул тIадаб борчлъун. Гьединлъидал ракIалде ккана суждаялъе дагьабго баян кьезе.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Сужда анкьго лагаялда тIад гьабула: кIиялго хIатIаздаги (ай, хIатIил килщазул жанисеб рахъалъул цо бутIаниги ракьалда цуялдалъун). Килщазул мугъаб рахъ ракьалде цун тани как малъуларо (гIузру батичIони), кIиялго накабаздаги, кIиялго квераздаги (ай, кверзул килщазулги цо бутIагIаги ракьалда тIад лъеялдалъун), нодоялдаги (ай, гьоркьоб пардав гьечIого) нодоялъул цо бутIа ракьалда тIад лъеялдалъун. Нодоялда ругъун батани, унтиги цIикIкIунеб бугони, пардавги букIаго сужда гьабила.

Гьеб анкьабго лага ракьалда цадахъго лъезе ккола. Масала, нодо ракьалда лъелалде хIатIал ракьалдаса рорхани, сужда малъуларо. Нодоялъул бакIлъиги ракьалде гIунтIизабила. Масала, тамахаб квасалда яги мочалкаялда нодо хъварабго борхани сужда малъуларо. БатIияб жоялъе гIоло суждаялдеги инаро.

Масала, гьурмаде вортун унаго гIодове щвараб мехалъ суждаялде сверизабуни, гьеб малъуларо, тIадеги вахъун цIидасан суждаялде ине ккола. Сужда гьабулев чиясул гъоркьияб рахъ (ай, рохокъотIи) борхатго букIине ккола тIасияб рахъалдаса ай, кIигъуждуздасаги бетIералдасаги.

ТIасияб рахъ гъоркьиялдаса борхун яги дандбитIун бугони сужда малъуларо. ГIузру бугев чи бажарухъе къулила. Суждаялда, ай, анкьабго лага гIодобги лъун «СубхIаналлагь» абизегIанги лъалхъила.

ГIодоб тункараб сагIаталъ лъалхъичIого бетIер борхани, сужда малъуларо. Как балев чиясул нодоги черхалда баччараб гьесда тIад ретIараб жоялда тIад жив вагъариялдалъун багъарулеб жоялда, ай гьес тIад ретIараб ретIелалда лъезеги бегьуларо, лъуни сужда малъуларо.

ХIасил - суждаялъул анлъго шартI буго: анкьго лагаялъ сужда гьабиги, сужда гуреб жоялъе гIоло гIодове къулунгутIиги, суждаялда лъалхъиги, гъоркьияб рахъ тIасияб рахъалдаса борхатго букIинги, нодоялъул бакIлъи ракьалде гIунтIизабиги, черхалда баччараб жив вагъариялдалъун багъарулеб жоялда тIад нодо лъунгутIиги.

Нодоялъул дагьабниги бакI ракьалда хъвачIони, как бегьуларо. Гьединго как бегьуларо хIатIил килщазул тIасияб рахъ ракьалда лъуниги. Гьаб цебехун рехсараб жоялъул цонигияб камуни, суждаги малъуларо, какги тIубаларо, воре цIодорлъи гьабе!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...