Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Махсаро квеш бихьула

 

 

Дир гьудулалъ, кколарел суалалги кьун, жиндасаго дир ракIбуссинабулеб буго. Дир щибаб рагIиялда хадуб халккун йикIуна гьей. Жинцаго махсараби гьарула, амма жиндиего гьабураб махсаро квеш бихьула. Амма гьелъ дие киданиги хиянатлъиги, хIалихьалъиги гьабичIо.  Дие гьелдаса ятIалъизе бокьун буго. Щиб дица гьабилеб?

 

Х., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Имам Гъазалияс гьудул кинав вукIине кколевали абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна: «ЛъикIав гьудул ккола, мун цо кинабалиго къагIидаялъ ритIухълъиялъул ва лъикIлъиялъул нухдаса рикIкIалъараб мехалъ, дур гIунгутIабиги мунагьалги рихьулев, мун битIараб нухде вачине хIаракатчилъи бихьизабулев. Гьес жиндаго тIадаб борчлъун рикIкIуна дуе кумек гьаби», - ян.

Имам Гъазалияс абуна: «РакIбацIцIадав гьудул ккола дур гIайиб лъараб мехалъ, гьеб загьир гьабизе хIаракат бахъуларев, лъикIлъиялъул хIакъалъулъ рагIараб мехалъ, гьеб анцIго нухалъ цIикIкIун бихьизабулев чи; дуе лъикIлъи гьабураб мехалъ, гьес гьеб рекIелъ цIунула (бахчула) ва дудаса пайда бихьараб мехалъ, гьесда кIочон толаро; тIаса лъугьин дуца гьаридал гьев тIасаги лъугьуна», - ян.

Цоцазе квербакъи гьаби ккола гьудуллъиялъул бищунго кIвар бугел ва къиматаб хасиятазул цояб. Щивав муъминчиясе къваригIуна рухIиябгун яхI-намусалъул рахъалъ цебетIеялъе кумек гьабулев гьудул. Гьеб ахIвал-хIалалда нужер гьоркьоблъиялъе къимат кьезе ккола. Гьей унго-унголъунги лъикIлъиялде мун ахIулей лъикIай гьудал ятани, ракIбацIцIадай гIадан йигони, цинги лъикIаб букIуна гьелъул захIматаб хасият букIаниги, гьелъулгун гьоркьоблъи лъугIизабизе гIедегIичIого чIей.

Дур гьудул унго-унголъунги лъикIай ятани, ай рагIи кколей, хиянат гьабуларей, цинги гьей тун ине, щиб кканиги, лъикIаб букIинаро. Гьелъул гIамал-хасият захIматаб батани, сабру гьабун насихIат гьабизе ккела.

КIвар бугеб жо ккола гьудуллъи гьабизе разилъулеб мехалъ Аллагьасе гIололъун ният букIин.  Аварагас ﷺ хIадисалда абун буго: «Инсан жиндирго гьудуласул диналда вукIуна, гьединлъидал, цIодорго вукIа мун лъилгун гьудуллъи гьабулев вугевали», - ян.  (Тирмизи, Абу Давуд)

Гьединлъидал дурго гьудулалъул гIунгутIабаздехун сабру гьабе. Гьелъ гIемерал суалал кьей гьей квешай йигин абураб жо кколаро. Махсара гьелда квеш бихьулеб батани, гьабичIого те дуца. Гьабгощинаб заманалда дуе хиянат ва хIалихьалъи гьабунгутIи буго гьей лъикIай гьудул йикIиналъул гIаламат.

Аварагас ﷺ цо хIадисалда абуна: «КIиго чи гьудулзабилъун ругони, жиндирго гьудул цIикIкIун вокьарав ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гьев цIикIкIун вокьула», - ян (Тирмизи).

 

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, нужеца лъазабизе ккола квешлъи киб бугебали. Цо-цо мехалъ кIиго квешлъиялда гьоркьоса дагьаб тIаса бищиялъул суал букIуна. Цо рахъалъан бичIчIула гьоркьоблъи цIуниялъул къварилъи букIин гьелъ ццим бахъинабиялда яги гIайибал чIваялдаса хIинкъиялъ. Цогидаб рахъалъан, гьоркьоблъи биххани, нужее захIмалъизеги хадуб ракI гурхIизеги рес буго.

Цо-цо мехалда гьадинаб ахIвал-хIал рагIалде бахъинабизе ккани, гьелде гIадатияб къагIидаялъ балагьизе ккола: бищун дагьаб зарал гьабизе бугеб жо тIаса бищизе ккола. Дур масъалалъулъ бихьулеб жо ккола, цо дагьаб заманалъ гьудулалдаса рикIкIалъизе лъикI букIина. Биччанте жиндирго хьвада-чIвади жинцаго битIизабизе.

Амма бухьеналъул ва адабалъул рахъалъ балагьани, битIараб букIинаан гьелда хIеренго абизе, дуего данде кколарел жал. Дагьабниги жиндирго лъай бугей йигони, гьелда гьеб бичIчIизе кIвела ва заманалдасан жиндирго хьвада-чIвади хисизабила. Гьелда дур рагIаби квеш рукIинеги рес бугебха. Щайгурелъул, гIемерисез критика лъикI къабул гьабуларо, хIакъаб жо абулеб.

Цогидаб рахъалъ босани, дуе захIмалъизе бегьула гьелда битIахъего абизе - киназдаго гурелъулха рагьун, лъилниги квешаб хьвада-чIвади бихьизабизе кIолеб.

Гьединлъидал байбихьизе бегьула хIеренго: дурго гIумруялъул ва дурго хIакъалъулъ гьелъие бицунеб жо дагь гьабе.  Заманалдасан гьелда бичIчIила цо кинабалиго гъалатI жинхъаго ккараблъи.

 

ХIадур гьабуна

Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


ШайтIаналдаса гIамал

Ццим бахъин ккола инсанасул тIабигIияб рекIел хIал, нилъер диналда жибги муъминчиясе кIудияб хIалбихьилъун рикIкIунеб. Ццим бахъун лъугьараб заманалда жиндаго тIад кверщел гьабизе бажари ккола, хирияв Аварагас ﷺ абураб кинниги, черхалъул загьирияб гуреб, унго-унгояб къуваталъулаб (рухIияб)...


АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзаби рукIана Аварагасда ﷺ цIикIкIун нахърилъарал чагIи ва гьесдаса мисалги босарал.   Нафвал Хузалияс бицана: «ГӀабдурахӀман ибн ГIавф вукӀана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахӀана. Нижеда цебе лъола чед. Цинги гIодизе лъугьуна, хвезегӀан Аллагьасул аварагасги ﷺ гьесул...


Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

ГӀадамазда гьоркьоб рагӀул гуреб бухьеналъул бищунго кӀвар бугел формабазул цояблъун рикӀкӀуна черхалъул мацӀ. Багъа-бачариялдалъун, гьурмада бугеб мимикаялдалъун ва ишарабаздалъун гӀадамаз рагӀаби гьечӀого загьир гьаризе бегьула жидерго пикраби ва рекӀел хӀал. Черхалъул мацӀалдалъун баянлъулел,...


Салаваталъул хиралъи

Салаваталъул хиралъиялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал гIезегIан руго. Бокьун буго салават цIалиялъул хIикмат рехсезе. Аварагасде ﷺ салават битIи ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагарлъиялъе ва Гьесул амру тIубаялъе бищунго кIвар бугел нухазул цояб.   Салават цIалулеб мехалъ кIвар...


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...