Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Яцалдехун хIасад

КIудияй яцалдехун дир хIасад букIуна. Гьей берцинайги лебалайги йиго. Дунин абуни лъиданиги халлъуларо. Цо-цо мехалда гьей хвелародайин абурал пикрабигицин рачIуна ботIролъе. Дида лъалеб гьечIо диего кколеб бугеб жо…

Муъминат, Кизляр

ГIалимчиясул жаваб

Гьеб мунагьалъул, балагьалъул кIодолъиялъул бицуна ракьалда тIад тIоцебесеб чIвай-хъвей хIасад сабаблъун букIиналъ. Адам аварагасул вас Къабилица хIасад гьабуна вац Гьабиледехун. ТIадегIанав Аллагьас Гьабилил къурбан къабул гьабидал ва Къабилил къурбан къабул гьабичIеб мехалъ хIасад гьабун Къабилица жиндирго вац чIвана. Бичасул Расулас абуна: «ХIасадалъ лъикIаб гIамал бухIула цIаялъ цIул бухIулеб гIадин», - илан (Абу Давуд, ибн Мажагь).

Гьелъул магIнаги ккола хIасадалъ инсан гьабураб лъикIаб гIамалалдаса махIрум гьавулин абураб. Бищун квешаб жо буго хIасад - рекIел унти букIин инсанасда лъачIого хутIизе бегьулеблъи. Лъалареб мехалъ гьелдасаги кинха ватIалъилев? Гьеб унтуе дару балагьизе тIадаб буго ТIадегIанав Аллагьас Куръаналдаги абун бугелъулъ (магIна): «Дуца дун хIакъир гьавуге кинабго халкъ тIаде бахъинабулеб къоялъ. Жиндилъ лъималаз ва боцIи-малалъ щибго мунпагIат гьабулареб къиямасеб къоялъ дун гIодовегIан гьавуге.

БетIергьан Алагьасда цеве купру-ширкалдаса, нипакъалдаса ва хIасадгун ццим бахъиялдаса ракI бацIадавлъун вачIарав муъминчиясе гьесул иманалъ ва лъикIаб гIамалалъ гурони цоги щибго жоялъ мунпагIат гьабулареб Къиямасеб къоялъ» (сура «Аш-ШугIараъ», 87-89 аятал). Гьединго хIасадалъ цогидал мунагьалги цIала тIаде.

Масала, ракIалъ хIасад гьабун гурого гьес хIаракат бахъула хIасад гьабулесе зарал гьабизе, гьев нигIматалдаса махIрум гьавизе. Гьеб балъгояб жоги гуро. ХIасадчияс жинда хIасад гьабулесул рахъалъ гъибат-бугьтан гьабула, гьесда ццин бахъун вукIуна, гIадамал гьесда данде чIезарула, гьев къватIив чIвазавула. Гьединлъидал аварагас абуна: «Инсанасулъ лъикIал тIабигIатал рукIуна хIасад жиндилъе бачIинегIан», - илан. Кинха хIасадалдаса рацIцIалъилел? ТIоцебесеб иргаялда, лъазе ккола нигIматал рикьулев ТIадегIанав Аллагь вукIин.

Гьеб куцалда инсанас цогидасдехун хIасад гьаби ккола Аллагьасул хIукмуялде данде вахъинлъун. Гьединго бичIчIизе ккола берцинлъи ялъуни боцIи-мал гIемер букIин инсан талихIавлъун вукIин кколареблъи. Гьелдасаги кIвар бугеб жо ккола ракI ва тIабигIат берцинлъи. ХIасадалдаса ва цогидал рекIел унтабаздаса бищун лъикIаб дару ккола хIакъикъияв шайихасул тарбиялде лъугьин.

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, бичIчIизе ккараб жо буго гIадамазул дудехун бербалагьи дурго дудехун бугеб бербаагьиялда бараб букIин. Масала, дуда ракIалде ккани мун берцинай, лебалай гьечIин абун, дудаго лъачIого дудаса загьирлъулел гIаламатаз сверун ругездаги гьедин ракIалде ккезе буго. Гьединлъидал дуцаго дурго къимат гьабизе ккола. Яцалда бащалъизейин абунги мун лъугьине бегьуларо.

Къабул гьабизе ккараб жо буго мун батIияй йикIин ва дур яц батIияй йикIин. Щивав чи Аллагьас жидедаго хассал гIаламаталгун, сипаталгун рижун руго. Гьелда разилъунгутIи Аллагьасул хIукмуялда разилъунгутIи ккола. ХIаракат бахъизе ккола къойидаса къойиде нилъелъ Аллагьас лъурал гIамал-хасиятал, тIахьал цIалун, гIелму тIалаб гьабун, черх къуватлъизабун камиллъизаризе. Гьел жалазде мун машгъуллъани цогидал жалазде юссине заманго гIоларо.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...