Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Ине бакI гьечIо, щиб гьабилеб?

Росгун ятIалъана, амма цо рокъор гIумру гьабулел руго. Рукъги гьесул буго. Ине бакI дирги гьечIо. Лъималгун цадахъ эбел-инсуца къабул гьаюлей гьечIо. Лъимал гьечIого ине дидаги кIоларо. ТIамураб цIаралъухъги балагьичIого, росасул эбел-инсуцаги абулеб буго, гьанийго чIайин абун. ВукIарав росасеги ургъел гьечIо. Гьев гьекъолдула, лъималазул ургъелго гьабуларо. Щиб дица гьабилеб?

ГIаишат, МахIачхъала

ГIалимчиясул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда лъазе ккола, лъабабго цIар тIамун батани, вукIарав росасе мун чияр чIужу кколейлъи. Гьелъул магIнаги ккола, цее гIадин гьевгун цадахъ, цогидав чи гьечIого, жалго цохIо чIезеги, къабул гьабизесеб гIилла гьечIого гьевгун гаргадизеги бегьунгутIи. ЛъикIаб букIина гьеб суалгун росдал имамасде аскIое ани.

Кин бугониги лъазе ккола, лъималазе къваригIараб жо чIезабизе, нуж ратIалъун ругониги, инсуда тIадаб букIин. Яс йигони - гьей рукъалде инегIан, вас вугони - кIудияв гIун гIарац жиндаго батизе кIвезегIан. Лъимер инвалид бугони, инсуца гьелъул тIолабго гIумруялъ жаваб кьезе ккола. ГьабсагIаталъ лъималазул къайимлъун мун ятани ва рукIине бакIги батичIони, вукIарав росасда тIадаб буго нужее рукIине бакI тIалаб гьабизе. Росасул эбел-инсуда аскIой чIезе рес букIинги, цо рахъалдасан лъикI буго. Лъимал хьихьизе ва гьезие тарбия кьезе гьезул кумек щвела.

КIочонге, захIмалъаби Аллагь рокьулезде хIалбихьилъун риччала ТIадегIанас. Щиб хIалалъулъ нилъ ругониги Аллагьасе ﷻ щукру гьабун сабруялда рукIине жигар бахъизе ккола. Гьебгун цадахъ лъазе ккола, эбел-эмен ратIалъи лъималазе захIматаб жо букIин. Инсулгун хурхен лъималазул тIагIине биччаге. Гьевгун дандчIваялдасаги лъимал махIрум гьаруге. Нужго ратIалъун ругониги, лъималазе эбел-инсул битIараб тарбия щвезе ккола. Кин иш кканиги, лъимал тIоцебесеб бакIалда лъезе ккола. Исламияб лъаялде ва берцинаб тIабигIаталде лъимал ругьун гьаруни, кIудиял гIедал гьезул баркала щвела.

Психологасул жаваб

ВукIарав росасул эбел-инсуе кинабго букIараб хIалалда цIунизе бокьи кIиго гIиллаялдалъун батизе рес буго. Ялъуни гьезие бокьун буго гIадамазда гьезул васасул иш лъикI бугин ккезе, ялъуни унго-унгого лъималазул ургъелги гьабун, жидедаго аскIор рукIине гьел бокьи.

ВукIарав росгун цо рокъор гIумру гьабизе диналда бегьизабунгутIигун цадахъ, лъималазул психикаялъеги гьеб кутакалда заралияб буго. Гьезда бихьичIого букIунаро кидаго эбел-эмен къацандулел, дагIбадулел ва мадугьалзабаз гIадин гIумру гьабулеб букIин.

ВукIарав рос батIаго, нуж гьесул эбел-эменгун цадахъ чIеялъулъ авалалдасан дуе бигьалъи букIина, рукъ балагьизе ккеларо, амма хадуб захIмалъизе рес буго. ЗахIмалъи тIаде бачIиналде дурго эбел-эменгун кIалъан гьеб суал тIубазабизеги ккела. Гьез мун къабул гьаюнгутIиялъеги гIилла батизе рес буго, гьезул разилъиги гьечIого мун росасе ун йикIин ялъуни гьезие бокьун батуларо росгун мун ятIалъизе, ай лъимал гьечIого мун ячIунареблъиги лъан, ургъунго абун батула нужер хъизан биххизе бокьунгутIиялъ. Гьеб суалалъулъ гIемерал ричIчIуларел жал руго. Кин бугониги, кида-къадниги гьез мун лъималгун цадахъ къабул гьайизе йиго. КIалалъ къабул гьаюларин абуниги, лъималазул ургъел букIуна ва гьезие бокьиларо жидерго яс, лъималгун цадахъ, захIмалъиялда гIумру гьабулей йикIине.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...