Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьабулеб пиша, бицунелдаса цебе ккезабе

 

Дир гьудулас гьабизе ракIалда бугеб киназдаго бицуна. Цинги гьабизе букIараб лъугьинчIеб мехалда гьудулзаби тIад релъула ва сверухъ ругезул берзукь гьев божи гьечIевлъун лъугьуна. Кин гьесда бичIчIизабилеб, гьабулеб пиша, бицунеб каламалдаса цебе ккезе кколеблъи?

 

ГIали, Хасавюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьудулзабазулгун, чIахIиял чагIазулгун мушавара гьаби беццараб иш буго. ХIажат букIинчIониги хирияв Аварагасцин ﷺ дандбалаан гьабизехъин бугеб иш асхIабзабазда ва цо-цо мехалда рокъоб руччабазда.

ХIудайбиялъул къотIиялъул заманалда Бичасул Расулас ﷺ щивав хIажичиясде амру гьабуна къурбанги хъун хIежалдаса къватIиве лъугьаян. Аварагас ﷺ амру хисизабиялде хьулгун хIажизаби къурбан хъвезе гIедегIулел рукIинчIо, чанго нухалъ Аварагас ﷺ такрар гьабуниги. Цинги Авараг ﷺ рокъове лъугьана ва жиндирго чIужу Уммусаламатида дандбана. Гьелда бичIчIулеб букIана гьелъул малъа-хъваялде хIажатав чи Авараг ﷺ гьечIевлъи, амма гьесул мурад тIубан гьелъ абуна, гIадамазда хIукму хисулареблъи бихьизе дуцаго гIиялъажоги хъун, хIажичиясул ретIел тIаса бахъеян. Аварагасги ﷺ гьелъ малъухъе гьабуна ва киналго гIадамалги гьесда нахърилълъана.

Мушавара гьабиялда цадахъ кIочене бегьуларо гIадамазул бер ккезеги рес букIин. ГIемерал чагIазда цебе мурад бициндал, гьезул цоясулгIаги квешаб бер бугони, гьелъ нахъчIвала инсан анищлъун бугеб гьабиялдаса. Гьебго хIал батула дур гьудуласулги. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Гьабулеб иш рагIалде бахъине бокьани гьеб бахчун гьабе, щибаб лъикIаб пишаялъул жахIдачи вукIуна», - ян. (ТIабарани)

Цоги, кинаб бугониги иш гьабизе бокьидал, тIоцебе Аллагьасде таваккал гьабе, цинги унго-унголъунги дуе лъикIлъи бокьаразда дандбазеги бегьила, амма гIадамазул цIураб бакIалда гьединал ишал къватIире рахъичIого тараб лъикIаб буго. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуца щибго жоялъул хIакъалъулъ абуге, МухIаммад ﷺ, дица метер гьабизе бугин абун, дуца гьеб рагIиялда цадахъ «иншааЛлагь» абун гурони. Цо къотIи гьабулеб мехалъ дуда Аллагь ﷻ рехсезе кIочани, дуца Гьев рехсе дуда ракIалде щвараб мехалъ…», - ян. (Суратул «Кагьф», 23-24 аятал)

Ахиралдаги абила, лъилгун мушавара гьабулеб бугебали инсанасда лъазе ккола. Цере ккарал чагIазда дандбалеб жо букIунаро гьеб. Сверухъ ругел гьудулзаби гьесда тIад релъанхъулин абураб жоялда тIасанги абила, хIакъикъиял гьудулзаби гьудуласда тIад релъанхъизе гьечIо.

 

Психологасул жаваб

РукIуна гIадамал рекIелъ бугебщинаб бицунел. Гьедин бициналъул мурадги жалго цIакъал рукIин гIадамазда бихьизаби бокьи букIуна. Гьезда ккола, гьабизе бугеб бициналдалъун гIадамазги гьезул хIурмат гьабулин абун. Амма гьелъул гIаксалда букIуна. ГIемер кIалъалев, амма абураб гьабуларев чи гIадамаз санго гьавуларо.

Кинниги нилъеца абухъе гуреб, батIайисан батизеги бегьула иш. Масала, гьесул гIамалго батизе бегьула гьединаб ва рокъор ругел эбел-инсудаса ирсалъе щвараб батизе бегьула гьеб гIамал. Кин бугониги, дур гьудул гьев ватани, дуе лъикIаб буго гьевгун кIалъазе ва гьединаб гIамал гIадамазда бичIчIуларин абун баян гьабизе. ХIакъикъияв гьудул мекъи ккараб битIизабулев матIулъун вукIине ккола.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...