Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Росасе ине бокьун буго

 

 

ГIагарлъиялъ гIакълу кьолеб буго хъизаналдаса ватIалъарав чиясе росасе унгейин абун. Щайгурелъул гьединав чияс лъади гурей, лъимал хьихьизе, квен гьабизе гIадан ва рукъалъул хIалтIухъан ялагьулей йикIунин абун. Щиб дица гьабилеб?

 

Халисат, Гъизилюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Аллагьасда ﷻ рихараб гIамал ккола рос-лъади ратIалъи. Гьеб ккола гIицIго хасал ахIвал-хIалазда гурони хIалтIизабизе бегьулареб жо. Гьелъие гIиллаби рукIине бегьула тIубанго батIи-батIиял. Бихьинал сабаблъун гуро кидаго хъизамги биххулеб. Гьединлъидал ригьин гьабилалде цебе цIех-рех гьабизе ккола вукIинесев бахIарасул ялъуни бахIаралъул гIамал-хасияталъул, диналдехун бугеб бербалагьиялъул ва гь.ц.

Аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда буго: «ЧIужу ячуна ункъо жоялъухъ балагьун: бечелъиялъухъ, насабалъухъ, берцинлъиялъухъ ва диналъухъ. Нужеца дин бугей тIалаб гьае, дур кверал хIурул цIела», - ян (Бухари, Муслим).

Имам Нававияс гьаб хIадисалъе шархI гьабун абуна: «ГIадамаз бахIарай тIаса йищулелъул гьаб ункъабго хасияталъул цояб тIаса бищула ва ахиралда халгьабулеблъун ккола динияб рахъ. Аварагас ﷺ ахIулел руго динияб рахъалде кIвар кьезе. «Дур кверал хIурул цIела» абурал рагIабазул магIнаги ккола, «гурони, мун баркаталдаса махIрумлъизе вуго» абураб.

ЧIужугIаданалъги тIаса вищизе ккола Аллагьасукьа ﷻ цIикIкIун хIинкъулев.

ГIенекке эбел-инсул, Аллагьасукьа хIинкъарал гIагарлъиялъул чагIазул пикруялъухъ ва бищунго аслияб жо – рекIел ахIиялъухъ. ТIадегIанав Аллагьасде дугIагун руссине бегьула дуда битIараб нух бихьизабеян, истихар гьабе. Аллагьасул ﷻ Расуласул ﷺ цогидаб хIадисги кIочене бегьуларо: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи  яс гьарун вачIиндал  гьесие гьей росасе кье, гурони ракьалда питна ва пасалъи тIибитIила». (Тирмизи)

 

Психологасул жаваб

Лъалеб жо буго лъимал ругев чияс ялагьизе йигеблъи гьесул лъималаздехун лъикIаб бербалагьи гьабулей гIадан. Гьелъул бокьараб магIна гьабизе бегьула, амма хехго яги кватIун гьесул лъималазул ургъел гьабиялъул жавабчилъиялъул цо бутIа нужеде тIаде ккола. Гьеб иш тIубазе мун хIадур йигищали балагьиялдаго цадахъ, лъазе ккола гьев хIадур вугищ лъикIав рослъун вукIинеян.

Гьаниб халгьабизе ккола гьесул цо-цо ишазухъ. ТIоцебесеб иргаялда, гьесул психологияб рахъ, жиндирго хIалтIуде машгъуллъи ва цогидабги. Гьесул ругищ квешал гIамалал, масала, жиндирго йикIарай чIужу какулеб ва лъимал гьелда данде чIезарулеб. Гьединаб гIамал батани, гьесдаса рикIкIалъизе лъикIаб букIуна. Амма цебе аралъул гьес бицунеб батичIони, жавабчилъи бугевги ватани, гьесие росасе ине бегьунгутIи букIинаро.

Дур гIагарлъиялъул хIалги бичIчIула. Гьезие бокьун батиларо жидерго яс лъимал ругев, ватIалъарав чиясе кьезе. Амма гьезулгунги бегьула берцинаб накъит гьабизе. ГIаммаб къагIидаялъ босани, вукIинесев росасул хIалтIи ккола дур гIагарлъиялъулгун суал рагIалде бахъинабун лъади цIунизе ва йохизайизе бажарулев чи жив вукIиналда гьел божизари.

 

ХIадур гьабуна  Жабир Мажидовас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...