Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Щиб дица гьабизе кколеб?

 

Дир гIумру буго талихIкъосиналъул кьерда. Дирго машина кьабизабуна, росгун гьоркьоса къотIичIого дагIбадулел руго, рокъоб рахIат гьечIого йиго, къаси макьу щоларо, гIемер свакан йикIуна. Дир гьудулзабаз абула гьеб хъалмач бугин ва бер тIолезухъе ине кколилан. Дида бичIчIулеб гьечIо щиб кколеб бугебали. Щиб дица гьабизе кколеб?

 

Х., Гъизилюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьаб дунялалда нилъее кколебщинаб жо буго ТIадегIанав Аллагьасул къадар ва цебеккунго хъвараб къисмат. Кинаб лъугьа-бахъин бугониги, рохел букIа, пашманлъи букIа, гьеб кинабго жоялда жаниб букIуна Аллагьасул хIикмат. Муъминчияс гьел лъугьа-бахъинал балагьлъун яги ишкаллъун рикIкIине кколаро, гьесда бихьизе ккола гьел лъугьа-бахъиназда нахъа вугев Халикъ, цебеккунго хъвараб къисматалдалъун нилъедаса щиб Гьесие бокьун бугебали ва Гьесул разилъи сундалъун бугебали.

Цо-цо къварилъаби ва талихIкъосинал тIаде рачIуна нилъер мунагьазухъ тамихIлъун, Аллагьасул ﷻ тIадкъаял тIурачIолъиялъухъ, гьел дунялалдаго рацIцIад гьаризелъун. Амма талихIкъосинал, балагьал ва ургъелаби ТIадегIанас хIалбихьиялъе ритIизеги рес буго. Нилъеца сабру бихьизабизелъун ва Аллагьасул ﷻ амру, цебеккунго хъвараб къадар къабул гьабизелъун - гьебги кIудияб талихI ккола.

ГIицIго къварилъиялде ккедал гурони загьирлъуларо инсанасул иманги ва Аллагьасде ﷻ бугеб таваккалги. Нилъеда ракIалде ккезе бегьула гьудулзаби яги гIагарлъи лъикI лъалин, амма гIумруялъул къварилъабаз ва захIматаб заманалъ гурони лъаларо гьел унго-унголъунги щал кколелали. Нилъгоцин тIубанго лъаларо, цо балагь дандчIвазегIан яги цо кинабалиго захIматаб ахIвал-хIалалде ккезегIан.

Дуда сверухъ лъугьунеб бугеб бичIчIизе бегьула мухIканго духъ гIенеккун, дуда сверухъ кинал гIадамал ругел, гIумру кин тIамулеб бугеб ва бищунго аслияб жо, дур БетIергьанасулгун бугеб гьоркьоблъиялъул, кигIан жавабчилъиялда дуца Гьесул амраби тIуразарулел ругелали балагьун.

Гадалкабазухъе ине бегьуларо. ТIоцебесеб иргаялда, гьеб хIарамаб буго, кIиабизе, гьезда жаниб лъикIлъи букIарабани, гьез цин къварилъабаздаса ва талихIкъосиназдаса эркенлъун жидерго масъалаби тIуразарулаан.

Гьеб суалгун росдал имамасухъе ялъуни муфтияталъ рихьизарурал Къуръаналдалъун дару гьабулезухъе ине лъикIаб букIина.

 

Психологасул жаваб

Гадалкаялъухъе ине кколаро. Гьездасан зарал гурони щоларо.  Гьелъ дуда абила хъалмач гьабун бугин ва хехго дару гьабизе кколин яги бицина битIараб жо ва цинги жиндирго рахъалъан гьерсалги тIаде журала, сахлъиялъул бераздалъун духъго балагьизе дуе захIмалъулеб куцалда. Цинги тIубараб гIумруялъ гьелъухъе хьвадулей хутIизе йиго мун, рокъоб бугебщинаб гIарацги гьелъие кьолаго.  Гьединлъидал гьарула, гьел къасдалги рехун тун, батIияб бербалагьиялдасан балагье ахIвал-хIалалъухъ.

ТIоцебесеб иргаялда, гьел балагьал руго щибаб хъизамалъулъ гIадатиял жал. БитIараб буго, захIматаб жо ккола гьоркьоса къотIичIого ратIалъиялъул ва хъизамалъул талихIаб гIумруялде хьулазул пикрабазда гIумру гьабизе. Нужер ракI бекараб жо ккола кидаго рокъоб бугеб дагIбади ва берцинаб гIумру гьабун хIухьбахъизе щунгутIи. Росасулги лъадулги гьоркьорлъаби ккола кидаго гIадин лъикIлъизабизе бакI бугеб рахъ. Гьединлъидал гьелде кинабго кIвар буссинабизе ккола.

Рос-лъади цоцада ричIчIун-гутIиялъе ва гьоркьоса къотIичIого дагIба-рагIиялъе гIемерал гIиллаби рукIуна.

Нужер ахIвал-хIалалъе рукIине бегьулел киналго гIиллаби ва гьел тIураялъул нухал цо жавабалдалъун жанире рачине рес гьечIо. Гьединлъидал гьеб суал тIубазелъун лъай бугев исламияв психологасухъе ани лъикIаб букIина.

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...