Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Кинаб тIаса бищилеб?

ШаргIалъ тIад гьабураб как-кIал гIадал парзазда хадуб хIалалаб боцIимал тIалаб гьаби бусурбанчиясда тIадаб буго.

Щуго соналъ цебе щуйилазда университет лъугIизабуна дица. Гьеле гьебгощинаб заман ана махщалида рекъараб хIалтIи щоларого. Гьал къоязда лъикIаб харж щолеб хIалтIи щвана. Амма дун хIалтIизе восараб компаниялъ къватIибе биччалеб буго шаргIалда рекъон хIарамаб продукция, ай гIаракъи ва тамахьо. Гьелдаго цадахъ гьалмагъас гIакълу кьолеб буго хIалалаб дурго бизнес гьабизе лъугьайилан. Гьеб иш дихъа бажариларин абураб хIинкъиги буго. Щиб тIаса бищилебали лъаларого дунги вуго.

Пайзула, Гъизилюрт район.

ГIалимчиясул жаваб

Хирияв аварагас абуна: «ХIалалаб ризкъи тIалаб гьаби хутIарал парзазда хадуб парз буго», - ян (Байгьакъи).

ШаргIалъ тIад гьабураб как-кIал гIадал парзазда хадуб хIалалаб боцIи-мал тIалаб гьаби бусурбанчиясда тIадаб буго. Бусурбанчияс хIалалаб боцIи тIалаб гьабизе ккола, амма гьеб налъи цогидал парзазда, ай исламалъул щуябго рукнабазда бащалъуларо. Гьеб налъи тIубазе ккола къойил чарагьечIого гьелде хIажатас, масала, хъизан-агьлу хьихьизелъун ва гьелда релълъараб.

Амма рес бугел чагIазе ризкъи тIалаб гьаби тIадаблъун букIунаро. ТIадегIанав Аллагьас боцIи-мал бижун буго инсанасул хIажат тIубан хутIараб заман Аллагьасе гIибадаталъе биччазелъун букIине. Кваназе ва гьекъезе гьечIони, гIибадаталъе рухI букIунарелъул. Гьединлъидал абизе бегьула инсанас хIалалаб ризкъи тIалаб гьабиялъул аслиябго мурад Аллагьасе гIибадат гьаби бугин. Дур суалалъе жаваб кьолаго абила, хIарамаб жо гьабулеб бакIалда хIалтIизе хIарамаб букIуна.

Хирияв аварагас абуна: «Аллагьасул нагIана буго мехтизарулеб жоялъе, гьеб гьекъолесе ва гьекъезабулесе, гьеб бичулесе ва бичун босулесе», - ян (Абу Давуд, Ибн Мажагь, Ал-ХIаким)

Гьанибго рехсезе бегьула ГIалиасхIабасул ккараб лъугьа-бахъинги. Цо къоялъ мажгиталъуве лъугьунаго как бан бахъинегIан пуланав чиясухъе кьола чу кквезе. Мажгиталъуса къватIиве вачIиндал жибго чуги тун гьелда тIад букIараб чIолохъжоги босун ун ватула гьев. Цинги кIиго диргьамги кьун ГIали-асхIабас чапар витIана базаралде цIияб чIолохъжо босизе. Базаралде вачIиндал ГIалиасхIабасул чIолохъжо бикъарасда тIаде ккола чапар. Гьесухъа кIиго диргьамалъухъ чIолохъжоги босун, чапар тIадвуссуна.

Цинги ГIали-асхIабас абуна: «Сабру гьечIолъиялъ цо-цо гIадамаз хIарамаб боцIухъ босула къайи. Аллагьасукьа хIинкъун сабруялда рукIаралани гьебго къайи хIалалаб боцIухъ босизе кIолаан гьезда», - абун.

Психологасул жаваб

БитIараб нух тIаса бищизе дудаго лъалеб батула, амма божилъи гIолароо вуго мун. ШаргIалда борцинчIонигицин гIакълу бугев чиясда лъала чорхое зарал бугеб жо гьабизе бегьулареблъи. Гьедин инсанасе зарал гьабулел жал къватIире риччалеб бакIалда хIалтIиялъ бичIчIизабула чияе кколеб заралалдаги нилъ разияллъун рукIин.

Кин бугониги чияе зарал гьаби яхIалъ къабул гьабуларо. Гьединаб бакIалдаса щвараб гIарцудаги баракат лъоларо. ГIемер рагIула абулеб хIарамаб хIалтIудаса щвараб гIарац кибе арабали лъачIого тIагIанин абун. Дуе лъикIаблъун бихьизабураб хIалалаб хIалтIуде божилъи гьечIони, гьебги гьабичIого тезе бегьула. ЛъикIаб рукIарахъиналъул чагIаз бицуна хIалтIул авалалда цIакъ гIемерал захIмалъаби раччизе кканин. КIвар бугеб жо буго хIалтIул нухда битIараб, намусаб, хIалалаб рахъ тIаса бищи.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...