Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Бихьиназул бераздаса кин цIунилей?

 

Нухдасан унаго машинаги аскIоб чIезабун, диргун лъай-хъвай гьабизе лъугьун рукIана цо гIолилал. Дун росасдаги йиго, черх бахчараб ретIелги ретIуна, гьеб нухалъги дун лъимерги коляскаялда лъун уней йикIана. Рос щакдаризе гурин абун, гьесда гьеб лъугьа-бахъин кин бицинебали лъаларого йиго. Гьеб хабар лъани гьес дун къватIиецин йиччазе гьечIо. Цин ракIалде ккола бицинего бицинарин абун. БицинчIого тун хадуб гьесда гьеб къватIисан рагIани, рокъоб дагIба ккелинги хIинкъун йиго. Щиб дица гьабилеб? Бихьиназул бераздаса кин цIунилей?

 

СалихIат, Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бихьиназде хитIаб гьабун хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МухIаммад , хIарамаб бакIалде ралагьиялдаса берал цIунейин абун, хIарамаб хIалалъ хIалтIизабиялдаса жидер гIавратги цIунейин абун. Гьедин хьвади гьезие лъикIаб буго ва гьел къабихIаб, хIарамаб жоялдаса цIунулелги руго. ХIакълъунго, Аллагь лагъзадерица гьабулеб гIамал лъалев вуго», - ян. (Сура «Ан-Нур», аят 30)

Гьаб аяталда бер цIуни цебе рехсана гIаврат цIуниялдасаги. Гьеб бер букIиналъе гIоло зинаялъул чапар ва къабихIаб иш жиндалъун байбихьулеб бакI. ГIали-асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Мун валагьуге чIагояв яги хварав чиясул мачIчIалде», - абун.

Жеги, ГIали-асхIабас бицана аварагас ﷺ абунин: «ГIали, дуца цо нухалъ бер щвараб бакIалде кIиабизе бер балагьуге! Дуе изну буго авалаб бер балагьиялъулъ, амма кIиабизе валагьизе изну гьечIо», - абун. Гьаб хIадисалъул магIна буго, Аллагьас ﷻ инсанасе бер жиндалъун балагьизе бижун бугелъул, гьеб балагьун букIуна ва гьеб хIарамаб жоялда тIаде ккезеги бегьула. Гьедин хIарамаб жоялде тIаде бер щвараб мехалъ, гьеб нахъе босизе ккола. Гьедин гьабичIого валагьун чIани яги тIадвуссун валагьани, гьелъул мунагь букIуна.

 ГIайиб гурищха, напсалъе бокьараб гьабун цебе бицаралда гIамал гьабизе цIакъго захIматаб жолъун рикIкIунеб буго цо-цояз. Жеги къабихIаб ишлъун ккола росасда йигей гIаданалде гIолилазул хиял лъей. Гьелдаго цадахъ, бихьиназе хIарамаб бугебго гIадин руччабазги жигар бахъизе ккола гьединал лъугьа-бахъиназулъе жалго ккунгутIизе.

Цогиги, ГIали-асхIабас бицараб буго аварагас ﷺ асхIабзабазда гьикъанин: «Руччабазе бищун лъикIаб щиб бугеб?» - абун. АсхIабзаби кIалъачIого чIана. Хадубги ГIали-асхIабас бицана: «Рокъове щведал ФатIиматие (аварагасул ﷺ яс, ГIали-асхIабасул чIужу) гьеб суал кьуна дицаян. Гьелъ абуна: «ЧIужугIаданалъе бищун лъикIаб буго гьелда щивго вихьичIого (чияр бихьинал) ва гьей лъиданиги йихьичIого йикIин», - абун. ГIали-асхIабас гьеб хабар аварагасда бициндал, гьес ﷺ абуна: «ФатIимат дидасан бутIа йиго», - ян. (Ал-Баззар)

ЧIужугIаданалъе къваригIел букIун гурони къватIие яхъине рекъараб букIунаро. КъватIие яхъунелъулги, жийго яхъинчIого, цадахъ цонигиял рачине беццараб буго. Унеб нухги бихьинал дагьаб, хIинкъи гьечIеб тIаса бищила. РетIунеб ретIелги, черх бахчараб батаниги, бихьиназул бер тIаде цIалареб букIине ккела. Гьел киналго шартIал цIунун хадубги дуца рехсараб такрарлъани, нахъбахъичIого росасда бице. Росгун цадахъ къватIие яхъине гIамал гьабе кидаго.

 

Психологасул жаваб

Дур суалалдасан бичIчIула росас къватIие йиччачIого телин абураб ургъел дуе букIиналъул. ХIакъикъаталдаги гьеб буго бищун ахиралда мун хIинкъизе ккараб жо.

Берцинаб хIалалда гьесие баян гьабизе бегьула тохал гIадамазул цIун бугин гьаб дунял, лъимергун цадахъ уней гIаданалъулцин лъай-хъвай гьабизе лъугьунел камулел гьечIин абун. Росасда бицараб лъикIаб буго, хадуб гьесда къватIисан рагIидал хабар ккечIого букIине.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...