Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Росасейищ иней яги...

Эбел-инсуца хIаракат бахъулеб буго хех гьабун дун росасе кьезе. Гьезда ракIалде ккун буго, дун рукъалдеги ун, лъимал гьариялъул ригьалде яхун йигилан. Амма гьабсагIаталда дир аслияб мурад буго институталда цIали лъугIизаби ва хIалтIуде лъугьин. Дун хIинкъун йиго росасе индал дир гьеб мурадалъе квалквал ккелин абун.

ПатIимат, Гъуниб район.

ГIалимчиясул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, бихьулеб буго росасе индал чIужугIадан цеетIеялъе квалквал ккелин абураб пикру дур рекIелъ букIин. Амма гьеб буго мекъаб пикру. Щайгурелъул тарихалдасан нилъеда лъала росасеги арал, лъималги ругел руччаби гIезегIан тIадегIанал хъулухъазде рахиналъул хIужаби гIемер рукIин. Гьайгьай, битIараб буго, чIужугIаданги йикIине ккола цеетIурай, амма букIинисеб хъизамалъе квалквалги гьабун гуребха.

Гьединлъидал бищун лъикIаб букIина гьеб суал эбел-инсуда дандбани. Щайгурелъул эбел-эмен кколелъул жидеего зарал гьабунгицин лъималазе гIоло рухI кьезе хIадурал чагIи. РукIа-рахъин захIматаб гьаб заманалда гьезие бокьун батила лъикIав чиясул цIуниялда гъоркь берцинаб гIумру дуца тIамизе.

Аварагасул хIадисалда буго: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи нужехъе вачIиндал, ригьин гьабе. ГьабичIони, гьаб ракьалда питна байбихьила ва пасалъиги тIибитIила», - ян. (Тирмизи)

Ригьин гьабиялъулъ гIемерал пайдаби руго: лъимал гьариялдалъун наслу цIуни, уммат цIикIкIинабиялдалъун аварагасул разилъи, хун хадуб лъималазул дугIаялъул баракаталдалъун жужахIалъул цIаялдаса цIуни, гIисинго хварал лъималаз шапагIат гьаби. Хъизан гьабиялдалъун шайтIаналдаса цIунула, шагьват къинабула, дин цебетIезабула. Аварагасул хIадисалда буго: «Ригьин гьабурас иманалъул бащадаб цIунана», - ян.

Психологасул жаваб

Хъизан гьабиялъул суалалъе, киналниги рахъал хал гьабичIого, чIванкъотIараб жаваб кьезе захIмалъула. Хъизанги гьабичIого, цIалиги лъугIизабун хIалтIизе яхъиналде сунца гьесизаюлей йигейин абураб суал кье дуего. ГIемерисеб мехалда гьединаб мурад букIуна хъизан гьабун хадуб талихIаб гIумру букIиналда божуларел ясазул ва васазул, ялъуни гьезда гIемер рихьун ратула хъизан гьабун хадуб талихIаллъун гьечIел.

Цогидазул жаваб нилъеца кьоларо ва цогидазе ккараб нилъееги кколин ракIалде ккей мукъсанлъиги буго. Щивав чиясул гIамал-хасият батIи-батIияб букIуна, эбел-инсуца лъикIаблъун бихьизабураб бакIалде ани, ракI бухIизеги жоги хутIуларо. Дунялалдехун бугеб бербалагьи эбел-инсул нилъедасаги цIодораб букIунелъулха. Гьединлъидал росасе ун хадуб жеги цIикIкIун бигьалъи ккезе буго дур цIалуеги хIалтIуеги.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Куркъиялъул пайда

Риидалил заман тIаде щведал базараздагун тукабазда загьирлъула бищунго хириял нигIматазул цояб - куркъи. Гьелъул къимат гьабула лъикIаб махIалъухъ, гьуинаб ва беэнаб тIагIамалъухъ. Амма куркъи ккола тIагIамаб гьуинлъи гуребги, сахлъиялъе гIемерал пайдаял жал гъорлъ бугеб къиматаб кванил...


Нужее баяналъе

Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб сура щиб? – Сура «Тавба» «Табарака» жузалда жаниб чан сура бугеб? – 11 сура Бищун гIемер къокъал сураби кинаб Къуръаналъул бутIаялъулъ бугеб? – «ГIамма» жузалъулъ. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан...


ГIицIцIаллъун рачIуна ва уна

Цо нухалъ Абу Язид БастIамияв лъугьана пуланаб бакIалъул мажгиталъуве ва гIодов чIана цо факъигьасда сверун гьабураб горсвериялда гьоркьов. Данделъараз гьев гIалимасе кьолел рукIана батIи-батIиял суалал. Цояс цIехана пуланабги пуланабги жо нахъеги тун хварав чиясул ирсалдасан.   Цинги гьев...


Муфтияталда тӀобитӀана психологазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана психологиялъул рахъалъ церетӀурал специалистазулгун дандчӀвай. Гьениб гьоркьоб лъуна жакъасеб жамгӀияталда психологиялъул бугеб кӀваралда хурхарал суалал. Бицен гьабуна психология кӀвар бугеб ва тӀалаб цӀикӀкӀараб рахъ букӀиналъул, гьеб рахъалъ махщелчагӀаз гьабулеб...


Къиямасеб къоялъул гIаламат

Магьди ккола Аварагасул ﷺ яс ПатIиматил наслуялдаса, гьев загьирлъараб мехалъ гIадлу-низамалъул рахъалъ дунялго цIола. Дажал вуго капурав, халкъ къосинабулев, цояб бер беццав, кIиябго бералда бакьулъ капурчийин хъварав, жив Аллагь вугилан чIарав, жинда нахърилълъарал жалго толев, нахърилълъинчIезе...