Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Хъалиян тезе кIолеб гьечIо

 

Школалда цIалулеб заманалдаса нахъе бухIулеб буго дица хъалиян. Дир гьудулзабазги цIалаан гьеб ва цо къоялъ дицаги байбихьана цIазе. ГьабсагIат дир буго 35 сон. Чанго нухалда хIалбихьана цIачIого тезе. Амма цо къварилъи тIаде бачIун ургъалилъе ккедал, квер жибго уна гьеб нажасалде цIан. Гьеб тезелъун спортзалалде хьвадизе байбихьана, хъалиян цIалелгун вукIунаро. Амма тIубанго тезе кIолеб гьечIо. Щибдай гьабун лъикI?

 

Гъази, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIолгодунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул баяназда рекъон, хъалиян цIалезул къадар 1,4 млрд чиясде бахуна. Щибаб анлъго секундалда жаниб хъалиян цIалезул цо-цо чиги хола. Хъалиян цIай кколеб буго щибаб соналъ 5,5 миллион чи хвеялъе гIилла.

Хъалиян цIалев чияс гIумруялда жаниб цо нухалдагIаги хIалбихьула гьеб тезе, амма дагьазда гурони кIоларо. Хъалияналъул заралалъул хъварал гIелмиял ва шаргIиял гIемерал тIахьалги руго. Гьединлъидал, хъалиян тезе кумек гьабулел малъа-хъваялги рехселин:

  1. Гьабгощинаб мехалда гIасилъаралъухъ Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьин гьарун тавбу гьаби, тIокIаб гьеб мунагьалде нахъе вуссине гьечIин абун щулияб ният гьаби. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца боцIи-мал Аллагьасул нухда хвезабе. Нужеца магIишат гIадада хвезабуге», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 195)
  2. Зам-зам лъим гьекъеялда тIадчIей гьабила. Гьекъолелъулги ният гьабила хъалиян тезейин абун.
  3. Сивак гIемер хIалтIизабила. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Сивакалъ кIал бацIцIад гьабула ва Аллагьасул разилъи тIаде цIала», - ян. Хъалиян цIазе бокьидал, сивак бахъила.
  4. Хъалиян рекIелъе рехулебщинаб жоялдаса рикIкIалъила. Мажгиталда жамагIат гьабун какал раялда тIадчIей гьабила.
  5. Хъалияналъул заралалъул пикру гьабила. Хъалияналъ гIумру къокъ гьабула, гьеб цIалезда аскIоре холелъур малаикзаби къаларо ва рухIбахъи мекъи ккезеги рес буго.

Аллагьас ﷻ цIунаги.

 

Психологасул жаваб

Хъалиян цIай ккола ракьалда тIад бищун тIибитIараб заралияб ругьунлъи. Дагьалго чагIазухъа гурони бажарулебги гьечIо гьеб рехун тезе.

Хъалиян цIалев чи бищун къосинавулеб жо ккола гьеб тезе кIоларин абураб пикру букIин. Цо-цояз абула бокьараб заманалда тезе кIолин, амма гьабсагIаталда тезе бокьун гьечIин абун. Гьеб кIиябго ккола шайтIаналъул гукки. ХIакъикъат халгьабидал, хъалиян тезе кIола, гьесие тезе бокьун бугони. Масала, 10 хъалиян цIараб мехалда, гьелда гьоркьоса ичIгояб цIалеб буго гьелда ругьунлъун вукIиналъ, ай гьадинго. ГIицIго цо хъалиян цIалеб буго бокьун.

Хъалиян рехун тезе бокьани, дагьабго яхI гьабизе ккола. Гьелдаго цадахъ бичIчIизе ккола гьеб бачIинахъего рехун тани, щибго къварилъиги букIунареблъи. Цо-цояз абулелъулха бачIинахъего рехун тезе бегьулеб рагIуларин абун. Гьеб буго гьадингояб ва кьучI гьечIеб хабар.  ГIалимзабаз цебего чIезабун буго бачIинахъего рехун тезе кколин ва гьедин теялдалъун черхалъе щибго заралги букIунарин абун.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей. ГIабдуллагь ибн Шакъикъидасан бицана: «Дица ГIаишатида гьикъана Аварагасул ﷺ кIалалъул хIакъалъулъ.   Гьелъ абуна: «Гьес кIал гIемер кколаан, хIатта нижеца абизегIан:...


Мунагьалдаса тавбуялде руссин

Нилъеда лъала гьаб дунялалда щивго чи чIаго хутIуларевлъи ва киналго хвезе рукIин, ай хIисаб-суал кьезе Аллагьасда цере чIезе рукIинги. Гьединлъидал, нилъеца хIалкIун тавбу гьабун, квешлъиялдаса лъикIлъиялде руссине хIаракат бахъизе ккола.   Мунагь кколарев чи вукIунаро, амма щиб мунагь гьабун...


25 нухалъ такрар гьабе

Ризкъи гIатIилъиялъе ругел сабабазул цIехолел чагIи гIемер рукIуна. Бищунго аслияблъун ккола жиндир заманалда как бай, ай киналго арканалги адабалги тӀуразарун.   Гьединго ризкъи тIаде цIалеблъун ккола зухIаялъул как бай, хасго кьижилалде цебе сура «ВакъигӀат»,...


Абу Юсупил эбелалъулгун АбухIанифал ккараб

АбухӀанифал мутагӀил Абу Юсупица абуна: «Дир эмен, Ибрагьим ибн ХӀабиб хвана, дун гьитӀинаб лъимерлъун эбелалда аскӀовги тун. Цо заманалдасан эбелалъ дун хӀалтӀизе витӀана партал хъахI гьарулеб тукаде. ХӀалтӀудаса дун унаан АбухӀанифал дарсазде, амма эбел кидаго хадуй ячӀунаан, дида нахъа...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ гIуна   Дица дирго лъимер ясли-ахалде битIичIо. Гьеб кидаго дида цадахъ букIуна. Ниж цадахъ хIала, цадахъ кванала. Дица лъимер сундасаго цIунула. Гьанжейин абуни вас школалде ине ккола. Дунги гьечIого гьенив вукIине ккола гьев. Гьебин абуни нижее захIмалъизе буго. Щибдай гьабун лъикI?...