Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Ясалъ тату хвезабулеб буго...

КIудияй ясалъ тIубанго тату хвезабун буго дир. Гьелъул буго лъабго сон. КIиабилеб лъимер гьабидал, цо хIалалда толей гьечIо гьелъ дун. Кидаго жинде кIвар кьезе къваригIун букIуна гьелъие. ГьитIинай яс кьижизаюлагоги кIудияй гIодула, гьитIиналда кьабула. ГIамал хун буго гьелъул. Росги тIубараб къоялъ хIалтIуда вукIуна. Гьесул кумек дие щоларо. Гьеб сабаблъун гIемер гIодула дун. Киндай дица гьеб захIмалъи баччилеб?

Пирзият, Махачхъала

ГIалимчиясул жаваб

Дунялалъул рокъоб тIаде рачIунел захIмалъаби муъминчиясе Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи буго. ЗахIмалъаби сабруялда раччиялдалъун халлъула муъминчиясул иманалъул къуват ва Аллагьасул ﷻ къадаралда разилъи. Гьеб кинабго бичIчIизелъун Аллагьас ﷻ нилъее кьуралщинал нигIматазул пикру гьабизе ва гьелъухъ Гьесие ﷻ щукру гьабизе ккола.

Дур ццим бахъунеб буго лъималазул цояб гIенеккулеб гьечIолъиялда бан. Пикру гьабе, чан чIужугIадан йигей росасе ине бокьарай ва чан хъизамал ругеб лъимал кьоларого, гьезухъ гIащикълъун хутIарал!? ГIисинал, жеги лъай гьечIел лъимал гIенеккунтIиялъулъ ццим бахъун, хехдарун, хIал хисун лъугьине кколаро. Гьединаб мехалъ ракIалде щвезабе цере рехсарал масъалаби. Росги хIалтIичIони хъизан лъица хьихьизе бугеб? Гьеб кинабго дуда бичIчIани, гIисинал лъимал гIенеккунгутIи гьадингосеб жо батула.

Цебе бицаралъ магIна кьоларо росас, якьадалъ дуе кумек гьабизе кколарин абураб. Берцинаб хIалалда гьезда гьарани, чара гьечIого гьезул кумек щвела.

Россабаздаги кIочене бегьиларо хирияв аварагас ﷺ рокъоб чIужуялъе гьабулеб букIараб кумек, квербакъи. БукIуна мех рогьинегIанги гIисинал лъимал зигардун, кьижизе толареб. ТIубараб къоялъ лъималазе хъулухъ гьабун свакарай чIужуялъе кумек гьабизе ккела. Лъимал гIисинго ругеб мехалда, эбел-инсуца гьезда бихьизабизе ккола рокьи, тамахлъи, хIеренлъи, ургъел букIин. ТIубараб къоялъ хIалтIуда рукIун свакан ругониги, хIаракат бахъе, телефоналги рикIкIад лъун, лъималгун гаргадизе, гьезулгун ургъел бикьизе. ГьитIинаб мехалъ гьабураб гьезда цIакъго лъикI ракIалда чIолелъул.

Психологасул жаваб

ТIаде лъимер гьабизегIан эбелалъул тIолабго кIвар гъоркь бугелде буссун букIуна. ТIаде лъимер гьабидал, эбелалъул кIвар гьитIиналде буссиндал, кIудияб лъимералда гьеб бичIчIуларо ва гьелъ хIаракат бахъула цебе букIараб кIвар жиндехунго сверизабизе. Гьединаб щакдари лъималазда гьоркьоб кидаго букIуна. Эбел-инсуда гьеб бичIчIизе ккола. ТIаде лъимер гьабизегIанго кIудияб лъимерги, берцинаб мацI бицун, хIадур гьабун букIине ккола рукIине ругел хиса-басиязде.

ГьабсагIаталда бичIчIизе ккараб жо буго кватIичIого кинабго гIадатияб низамалде бачIунеблъи. Лъимал кIудиял гIола, гIакълу щола. Дуе бугеб ургъелги бичIчIула. Лъимал хьихьи бигьаяб ишги гуро, хасго росасул кумек щолеб гьечIони. Гьесдаги гIайиб щиб, тIубараб къоялъ хIалтIизе кколев вугони. Амма гIодоркъояз бегьула, лъималги рачун, къватIире рахъине ялъуни гьитIинаб лъимерги гьесухъ тун, кIудияй ясгун, азбар-къоноялде тиризе ине. Лъимадуе лъикIаб асарги гьабула гьелъ гьедин гьабулеб бугони. Гьелда тIадеги, бице гьелдаса хирияб лъимер гьечIеблъиялъул, кIудияй, гIакъилай гьей йикIиналъул. ГьитIинаб лъимер хьихьизе гьелъул кумекалде мун хIажат йикIинги бичIчIизабе. Лъималазе берцинаб мацI бицине ккола. Зама-заманалда тукаде унелъул цадахъги яче. ГьитIинаб лъимадуе босизе кколеб, гьелда цIехон босе. Гьедин гьабуни, кватIичIого хIасил кьезе буго.

Дагьаб заманалдасан кIудиялда бичIчIизе буго гьитIинай яц ялъуни вац сабаблъун гьелъие щибго хIинкъи гьечIеблъи. Ва эбел-инсуеги жий, гьитIинаб лъимерго гIадин, йокьулейлъи.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Черхалъул хIал баччулеб

ХIатIил кӀудияб килищ гӀицӀго килищ гуро.   Гьеб чIола тӀолабго черхалъе балансировка хӀисабалда, ай гьелъ тIубараб черх чIезабула битIун, чи дове-гьаниве вортун унаредухъ. ГьитIинаб лага букӀаниги, гьелъ черхалъул 40 процент гӀанасеб къадар жиндаго баччула. Гьеб гьечӀони нилъехъа ритӀун...


«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир. Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул...


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...