Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Росасе ине хIинкъун йиго

 

Кутакалда талихIаб хъизан букIана нижер эбел-инсул. Щиб ккарабали лъаларо, гьез хIукму гьабуна ратIалъизе. Гьелда хадуб рекIелъ хIинкъи бижана дир. Гьале 25 сон буго, амма хъизан гьабизе цIакъ хинкъун йиго. Гьарун чагIиги рачIун рукIана. Гьале ахиралдаги лъикIаб тухумалъул гIадамал рачIана. Росасе ун хъизан цIунизе кIвеларин хIинкъун йиго дун. Щиб дица гьабилеб?

 

Хадижат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Ригьин биххичIого букIине ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рос-лъадуда гьоркьор цIунизе кколел хIукъукъал нилъеда малъун руго. Амма цо-цо захIматаб хIал букIун, гIамал данде ккечIого ригьин биххичIогоги хутIуларо. Рос-лъадуе ригьин биххи захIматаб жо буго, амма лъимал ратани, гьеб захIмалъи кIицIул цIикIкIуна.

Эбел-эмен кидаго рокъор къацандулел ругони, гьитIинаб лъимадул жеги къвакIичIеб психикаялъе кутакаб зарал букIуна. Гьединал захIмалъаби дудаги рихьун руго. Амма Аллагьасда ﷻ цебе битIараб иш тIаса бищиялъе пардавлъун гьеб лъугьине бегьуларо. Аварагасги ﷺ абун бугелъул: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи яс гьарун вачIани, нахъчIваге. НахъчIвани ракьалда балагьал ва пасалъаби тIиритIила», - ян. (Тирмизи)

Цогидазде дандеккун, хъизан биххичIого букIине хIалтIизарулел алатал, къагIидаби хIалбихьиялдалъун дуда лъикI лъала. Цоги нухалъ цIидасан лъикI ургъе ва дуе лъикIлъи бокьаразулгун рукъалде иналъул суал дандбай. Цинги росасул разилъи тIалаб гьабун, хъизан биххиялде рачунел гIиллабаздасаги цIунизе хIаракат бахъе.

Абу Гьурайратидасан бицана кинай лъади бищун лъикIай йигейилан аварагасда ﷺ гьикъидал, гьес ﷺ абунин: «Жиндихъ валагьидал рос вохулев, амру гьабидал гьеб тIубазабулей, жийго бетIергьанаб боцIи-мал хвезабиялъулъ ва гьесие бокьулареб гIамал гьабун данде яхъунарей», - илан. (АхIмад)

 

Психологасул жаваб

ГIурусазул аби буго: «Обжёгшись на молоке, и на воду дует», - ян. Гьединаб хIинкъи рекIелъе бачIиналдаса цIунизе ккола нилъ.

Дур эбел-инсуда гьоркьоб ккаралъ кьоларо магIна киназулго гьедин букIунин абураб. Киналго гIадамал гIамалалъул рахъалъа цоцада релълъараллъун рукIунаро. Гьединлъидал эбел-инсуда гьоркьоб ккараб дургун росасулги гьедин ккезе рес бугин абураб жоялъе щибниги аслу ва гIилла гьечIо. РекIелъе рачIунел гьединал хIинкъабаз гIумрудул рахIат хвезабула.

ГьабсагIат росасе ине хIинкъарай мун дагьаб нахъа мунго цохIо хутIиялдасаги хIинкъизе йиго. Цинги тохлъукьего гIамал мекъав чиясе росасе инеги рес буго. Лъазе ккола дургун росасул гIумруялъул талихI эбел-эмен ратIалъиялда бараб гуреб, дуда бачине лъаялда бараб букIунеблъи.   Ригьин биххиялда кидаго хIинкъун йикIиналъ мун ячуна росасдехун щакдариялде ва кидаго гьес гьабулелда хадуб хъаравуллъи гьабиялде. Гьединаб рукIа-рахъиналъ росасда цебе дур къимат бортизе ва квешаб гьоркьоблъиялде рачине рес буго. ТIадеги, гьесда аскIой мун цIунарайлъун, талихIайлъун йикIин бихьизабуни, гьес дур адабги гьабула ва букIине кколеб хIалалъ хъизамги бачуна.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...