Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ГIагарлъигун ячIуна якьад

 

Якьадалъул гIадат буго, лъидаго цIарги бахъичIого, лъазеги гьабичIого, бачун гIагарлъигун нижехъе ячIунеб. Дие якьад йокьула ва гьей йихьизеги бокьула. Амма гьелда цадахъ бачIунеб гIагарлъиялъ нижехъ чанго къо бала. БитIараб бицани, дие гьеб цIакъ захIмалъун буго. Цо-цо мехалда росасулги тIубараб къо хола гьелги машинаялда рекIинарун доре-гьанире раччулаго. ДагIба гьабизеги дие бокьун гьечIо. Росги жиндирго эбелалда жо абизе нечола. Щиб нижеца гьабилеб?

 

Хатимат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьалбал къабул гьари ва гьезул хIурмат гьаби цIакъ беццараб иш буго. Абу-Гьурайратидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасдаги ﷻ иман лъолев, Къиямасеб къоялдаги божулев чияс гьобол кIодо гьаве ва гьединго Аллагьасдаги ﷻ иман лъолев, Къиямасеб къоялдаги божулев чияс гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIуне, Аллагьасдаги ﷻ иман лъолев, Къиямасеб къоялдаги божулев чияс лъикIаб бице ялъуни вуцIцIун чIа», - ян. (Бухари, Муслим)

Гьоболлъухъ иналдалъун гIадамазе зарал гьабизе, санагIалъи гьечIеб хIалалде гьел ккезаризе бегьуларо. Гьединлъидал, гьоболлъухъ унаго цIунизе кколел адабал руго. Гьезул бищун кIвар бугебги, тIаде унезда рачIунел рукIин лъазаби буго. Тохлъукьего рачIунел гьалбадерица рукъалъул бетIергьаби риха-хочизаризе, рахIат бахъараб хIалалде ккезаризе рес буго. Гьалбал рокьулареллъун нуж гьечIеллъиги бихьула, амма данде кколареб жо буго тохлъукьего гьел рачIин.

Эбелалда гIадин лъимер лъиданиги бичIчIуларо, гьединлъидал лъикIаб букIина дур росас эбелалда бугеб къварилъи бицани. Гьалбал рокьулеблъиги ва гьей къойил ячIаниги рохарал рукIинги загьир гьабун лъазабе, гьалбал рачIунел рукIин цебеккунго лъазабеян, ай гьел рачIиналде хIадурлъи гьабизе букIине.

Гьединаб мехалда ракIалда бугеб загьир гьабураб лъикIаб буго, гьебги рекIелъ ккун ццидакь рукIинегIан. РекIелъ ккунагIан гьениб кьалбал риччан, цоцада нахъасан гъибат-бугьтан гьабун, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи хвезецин рес буго. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Дур масъалалъулъ кIвар бугеб кIиго суал буго. ТIоцебесеб, гIагарлъигун якьад ячIунелъул гьелъ дуда цебеккунго лъазабулеб букIарабани, дуе гьеб данде ккезе букIанищ? БукIун батани, гьеб суал тIубазабизе бигьаяб жо буго. ХIадуризе рукIине цебеккунго лъазабеян якьадалъе баян гьабуни, гIезе буго. ЗахIмалъи тIаде бачIуна гьалбал рачIине бокьун гьечIони ва нужехъ сардал раялдаги инкар бугони. Гьеб суал росасда дандбараб лъикIаб букIина. ГIайибал чIвачIого рекIелъ бугеб загьир гьабизе бегьила росасе. Гьелдаго цадахъ бичIчIизабе гьабсагIаталда гьоркьоблъи къотIизабиялъул ниятги дур гьечIеблъи ва эбелалъулгун гьеб хабар гьесие бицине захIмат букIин дудаги бичIчIулеблъи.

 

хIадур гьабуна

Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...