Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Хъизан цIунизе кIвеялда хIинкъун йиго

Эбел-эмен ратIалъидал кутакалда къварилъун, рахIатхун йикIана дун. Цебе дида кколаан талихIаб хъизан бугин нижерилан. Амма эбел-эмен ратIалъидал дир рекIелъ гIажаибаб хIинкъи бижана. Росасе индал дидаги хъизан цIунизе кIвеларин хIинкъун йиго дун. Гьеб сабаблъун дун гьаризелъун вачIарав цо лъикIав васасе жаваб кьолеб гьечIо. Щиб дица гьабилеб?

Марина Маликова

ГIалимчиясул жаваб

Ригьин биххичIого букIине ТIадегIанав Аллагьас рослъадуда гьоркьор цIунизе кколел хIукъукъал нилъеда малъун руго. Амма цо-цо захIматаб хIал букIун, гIамал данде ккечIого ригьин биххичIогоги хутIуларо.

Рослъадуе ригьин биххи захIматаб жо буго, амма лъималги ратани, гьеб захIмалъи кIицIул цIикIкIуна. Эбел-эмен кидаго рокъор къацандулел ругони, гьитIинаб лъимадул жеги къвакIичIеб психикаялъе кутакаб зарал букIуна.

Гьединал захIмалъаби дудаги рихьун руго. Амма Аллагьасда цебе битIараб иш тIаса бищиялъе пардавлъун гьеб лъугьине бегьуларо. Аварагасги абун бугелъул: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи яс гьарун вачIани нахъчIваге. НахъчIвани ракьалда балагьал ва пасалъаби тIоритIила», - ян.

(Тирмизи) Цогидазде дандеккун, хъизан биххичIого букIине хIалтIизарулел алатал, къагIидаби хIалбихьиялдалъун дуда лъикI лъала. Цоги нухалъ цIидасан лъикI ургъе ва дуе лъикIлъи бокьаразулгун рукъалде иналъул суал дандбай. Цинги росасул разилъи тIалаб гьабун, хъизан биххиялде рачунел гIиллабаздасаги цIунизе хIаракат бахъе.

Абу Гьурайратидасан бицана кинай лъади бищун лъикIай йигейилан аварагасда гьикъидал, гьес абунин: «Жиндихъ валагьидал рос вохулев, амру гьабидал гьеб тIубазабулей, жийго бетIергьанаб боцIи-мал хвезабиялъулъ ва гьесие бокьулареб гIамал гьабун данде яхъунарей», - илан. (АхIмад)

Психологасул жаваб

ГIурусазул аби буго: «Обжёгшись на молоке, и на воду дует», - ян.

Гьединаб хIинкъи рекIелъе бачIиналдаса цIунизе ккола нилъ. Дур эбел-инсуда гьоркьоб ккаралъ кьоларо магIна киназулго гьедин букIунин абураб. Киналго гIадамал гIамалалъул рахъалъан цоцада релълъараллъун рукIунаро. Гьединлъидал эбел-инсуда гьоркьоб ккараб дургун росасулги гьедин ккезе рес бугин абураб жоялъе щибниги аслу ва гIилла гьечIо.

РекIелъе рачIунел гьединал хIинкъабаз гIумрудул рахIат хвезабула. ГьабсагIаталъ росасе ине хIинкъарай мун дагьаб нахъа мунго цохIо хутIиялъулъги хIинкъизе йиго. Цинги тохлъукьего гIамал мекъав чиясе росасе инеги рес буго.

Лъазе ккола дургун росасул гIумруялъул талихI эбел-эмен ратIалъиялда бараб гуреб, дуда бачине лъаялда бараб букIунеблъи. Ригьин биххиялда кидаго хIинкъун йикIиналъ мун ячуна росасдехун щакдариялде ва кидаго гьес гьабулелда хъаравуллъи гьабиялде.

Гьединаб рукIа-рахъиналъ росасул бадиб дур къимат бортизе ва квешаб гьоркьоблъиялде рачине рес буго. ТIадеги, гьесда аскIой мун цIунарайлъун, талихIайлъун йикIин бихьизабуни гьес дур адабги гьабула ва букIине кколеб хIалалъ хъизамги бачуна.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...