Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ГIагарлъиялъе квешав чилъун лъугьун вуго

 

ГIемераб заман буго дир тахшагьаралда гIумру гьабулелдаса. Дагьаб цебегIан заманалда дида гьарун букIана росулъ вугев вацасул васасе хIалтIи кьейилан. Дица гьесие квартира ккуна ва дирго жавабчилъиялда гъоркь гьев нижер компаниялде хIалтIизе восана. Гьедин гьевги хIалтIулев вукIана. Амма кватIизегIан клубазда вукIун, хIалтIуде кватIун вачIунаан. Дица гьев хIалтIудаса нахъе гьавуна. Гьевги росулъе вуссана. Гьанже дун гIагарлъиялъе квешав чилъун лъугьун вуго. Тахшагьаралъулазул гIамал бахун бугин дидеян абула гьез. Гьоркьоблъиги хвана. Гьеб битIараб бугищ?

 

ГIабдуллагь, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьаб дунялалда нилъеда кIвезе гьечIо нилъер хIакъалъулъ жидеего бокьараб гуреб къагIидаялъ гIадамал пикру гьабизе тIамизе. Нилъер иш ккола сверухъ ругездехун ракIбацIцIадаллъун ва рес букIухъе лъикIаллъун, жавабчилъияллъун рукIин. Гьебги лъицаялиго нилъер къимат гьабизелъун гуреб, гIицIго Халикъасул ﷻ разилъи тIалаб гьабун. Диналъги гьедин малъула.

Вацасул васасе кумек гьабизе тIаде боси цIакъ лъикIаб иш буго. Кумек гуребги, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи лъикI гьаби ккола гьеб.

ГIагарлъиялъ щиб абуниги, хIаракат бахъе данде берцинаб гIамал бихьизабизе. Гьелъул гIаксалда, гьез гьабураб квешлъиялде данде лъикIлъи гьабе. Квешлъиялдалъун жаваб гьабуни, нилъецаго гьабураб лъикIлъиялъул ажру-кириялдаса махIрумлъиялда хIинкъи буго.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Жинца цохIо зарра гIадабги лъикIлъи гьабурав чиясда гьелъул лъикIаб жаза бихьизе буго. Жинца цохIо зарра гIадабги квешаб гIамал гьабурав чиясда гьелъул квешаб жазаги бихьизе буго», - ян (суратул «Залзалат», аят 6-7).

 

Психологасул жаваб

Дица дагьаб кIодо гьабулеб батила, амма, дир пикруялда, дур бакIалда бокьарав чиясги гьедин гьабилаан. Гьаниб масъалалъун букIине бегьулеб жо буго, дов васасул эбел-эмен вас гIайибияв вукIиналда мукIурлъизе кIолеб гьечIолъи.

Дида ккола, гIагарлъиялъул гIемерисезда бичIчIун батулин мун витIарав вукIин, амма цо-цо гIиллаялъе гIоло гьезие бокьун батуларо гьеб битIараб пикру загьир гьабизе. ГIадатияб къагIидаялъ гьеб хьвада-чIвади хасиятаб букIуна конформистазул яги загIипаб хасияталъул гIадамазе. Конформисталги ккола гIемерисезул пикрабазда, нормабазда яги хьвада-чIвадиялда рекъон рукIунел гIадамал, жалго рихьичIого рукIине ва дагIба-рагIи ккечIого букIине. Гьелда бан, гьелъие гIоло гьезда ццим бахъиналъул пайдаго гьечIо.

ГьабсагIаталда нужеда ракIалде кколеб батани, батIияб къагIидаялъ гьабизе рес букIинчIин абун, цебе аралъул ургъел гьабизе ккеларо.

Живго васасдаги гьесул эбел-инсудаги жалго мекъал рукIин бичIчIизе бокьуларого батизе бегьула, хасго вас жеги кIудияв гIун гьечIин абураб жоялъе. Гьелдаго цадахъ, дуда квешав чиян аби гIемерго бигьаяб батула. ГIумруялда жаниб цо-цо мехалда гьединаб жоги камуларелъулха. Гьез гьоркьоблъи хвезабуниги, нилъеда тIадаб буго гIагарлъигун берцинго рукIин. Кида-къадниги гьезда бичIчIила жалго мекъи рукIараблъи. КватIичIого васги кIудияв гIела, ва рес буго, баркала загьир гьабун духъе гьев вачIине.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...