Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

РахIатбахъи буго

 

Росгун цадахъ гIумру гьабулел руго якьадалъул цо гьитIинаб квартираялъулъ. Бертаде цебе нижер къотIи букIана дагьаб заманалдасан цIияб квартираялъуре рахъине. Амма Росас цIияб квартира арендаялъе гIарцухъ кьолеб буго ва живго парахаталда вуго. Якьадалъул жеги цо кIудияб гьойги буго гьеб кваритираялъулъ гIумру гьабулеб. БитIараб бицани гьединаб гIумру дир рекIее гIолеб гьечIо. Диего бокьараб квен гьабизе щолеб гьечIо, рокъой бокьараб ретIел ретIун йикIине рес кколеб гьечIо, киса кибего гьоялъул рас ва хIацIуги букIуна. Бищун гIоларо росасул дидехун бербалагьи. Сахаб къоялъ гьудулзабигун тирулев вукIуна ва къасе щведал кваназеги кванан кьижизе вахуна. Щиб дица гьабилеб?

 

СалихIат, Каспийск

 

ГIалимчиясул жаваб

Дур суалалъе битIун жаваб кьезе ккани росасухъ ва якьадалъухъги гIенеккизе ккола. Якьадалъул ва нусалъул гьоркьоблъи лъикI букIиналъе бищун цебе росас кьезе ккола лъикIаб кIвар.

Кин бугониги росгун кIалъани лъикIаб букIина. ГьитIинаб рокъор якьадгун ва гьелъул гьойгун цадахъ гIумру гьабизе цIакъ захIмалъун букIин бице. Дур ихтияр буго гьедин абизе ва амма абулелъуб цIакъ хIеренго, тенкезабичIого абе. ЦохIо дуе гуребги гьесиеги хIажатаб букIин бичIчIизабе.

Эбел хIажатайлъун ятани росасда тIадаб буго гьелъие хъулухъ гьабизеги ва гьей хьихьизеги. Нужее лъикI букIина якьадги гьеб рокъой тун нужерго рокъоре рахъине. Цинги якьад рехун тIечIого тIаде гъоркье гIемер хьвадизеги бегьиларищха. ГIарац гIунгутIиялдаги хIинкъуге, Аллагьасде ﷻ таваккал гьабун сабабал хIалтIизаре.

Ахирккунги абила гьой кето гIадинан рокъоб жаниб хьихьулеб хIайван гуро. Гьелъул хIацIуялдасаги биччараб квералъ гьелда хъваялдасаги нилъ цIунизе ккола. Нагагь хъвани шаргIалъ бихьизабухъе анкьго нухалъ чуризе ва гьелъул цояб ракьалдалъунги букIине тIадаб буго. Гьой хьихьизе бегьула масала, рукъ ва хIайван-боцIи хьихьизелъун ва ялъуни чанае ругьунабураб батани гьелъие хьихьизе бегьила.

Имам Нававияс бицана жиндасан пайда гьечIони гьой хьихьизе бегьулароян.

ГIемерисел гIалимзаби тIадрекъон гьой ккола болъонго гIадин нажасаб хIайван. Гьединлъидал рокъоб гьой хьихьизе бегьуларо. Гьелъие далиллъун Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Гьой ялъуни сурат (чIагоял жалазул) жаниб бугеб рокъор малаикзаби (рахIматалъул) лъугьунаро», - ян. (Муслим)

 

Психологасул жаваб

Гьеб цIакъ захIматаб суалги буго ва гьеб захIмалъиялдаса къватIир рорчIизеги нужей бигьаго букIине гьечIо. Гьелъул бищун захIматабги ккола росасе гьеб кинабго данде ккун букIин. Гьоркьоб заман арабгIан гьеб хисизабизе дуеги захIмалъизе буго, росасеги эбел жийго тезе бокьизе гьечIо гьелда квеш бихьиялда хIинкъун. Нахъе бахъичIого мунго рази гьечIолъи гьесие загьир гьабе. Гьесул эбелалдаса рази гьечIолъи гуреб жибго квартира цIакъго гьитIинаб букIиналъ гьениб гIумру кIиго хъизаналъе гьабизе захIмат букIин бихьизабе. Цойидасан абураб бичIичIони кIиабизеги абе, лъабабизеги абе. Амма ракI бекилебдухъ хъачIго кIалъаге. БатIияб иш букIана ресги букIинчIебани. Гьеб мехалъ сабруги гьабизе бегьилаан цIияб рукъ базегIан.

Нужер рукъги буго хIадураб. Росасде абе живгоги хIалтIизе вахъун нужерго квартираялъулъ рахъаян. КIудияй эбелалъеги бигьаяб жо батуларо нужерги ургъел гьабизе. Росасда бичIулеб гьечIони эбелгун бегьила кIалъазе. Кин бугониги росасда жиндаго бичIчIизе ккола гьедин гIумру гьабизе дуе ва гьесул эбелалъеги бигьаяб жо гуреблъи. ГIарцухъ квартираги кьун живго гьудулзабазда цадахъги сверун иш тIобаларо.

Гьой рокъоб хьихьиги цIакъ чуруклъи букIунеб жо буго. Нужго ругеб мехалъцин хIехьезе кIваниги лъимал гьарун хадусан щиб гьабилеб!? Гьелъул бугеб заралалъул бице росгун эбелалъеги. ШаргIалъ хIарам гьаби гуреб кIудияб заралгилъиха гьоялдасан бугеб. Дур рагIи къабул гьабичIого тезе рес буго ва амма Аллагьасул ﷻ амруялъе хилиплъизе нилъ бегьуларо.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна Аваргасухъе ﷺ вахIюги босун. Гьеб букIана Къуръаналъул тIоцебесеб аят, «ЦӀале» абураб.     Гьедин байбихьана 23 соналъ Къуръан рещтIине. Гьеб...


Луганскиялде сапар

ДРялъул делегация дандчӀвана Луганск шагьаралъул администрациялъул вакилзабигун ва рехсараб шагьаралъул бетӀерасул ишал тӀуралей Яна Пащенкогун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев; Россиялъул бусурбабазул цӀиял ракьалда...


ХIикматал махлукъатал

Медуза   Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600 миллион соналъ цебе ва чанго нухалда дунял хваниги гьел чIаго хутIанин абун.   Гьезда гьечIо ракI, гьуърал, гIадалнах, ракьа. Амма лъала чан...


Тарихалъул багьадур

КӀудиял имамзабазул цояв, гӀалимзабазул сайид, шафигӀияб мазгьабалъул къази, машгьурав тарихчи ва таржамачи ибну Халликан гьавуна 1211 соналъ (гьижрияб 680 сон) ГӀиракъалъул Эрбил шагьаралда.   Ибну Халликан ГӀиракъалда гьавуниги, гьесул тӀолабго гӀумру ана Мисриялда ва Шамалда. Гьесул...


Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?   Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма киназдасаго цо как бан тIубазабуниги щибго гьукъараб жо гьечIо. Амма щибалъе батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъугьиналдалъун гӀемераб заманги бан...