Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьудул хисун вуго

 

Дир вуго гьудул. Цадахъ гӀуна ниж. Гьев ана бизнесалде, дун ана гӀелмуялде. Дица цо университеталда дарсал кьола. Цо-кӀиго соналъ цебе гьесул бизнес цIакъ цебетIун бихьана. Гьев бечелъана, гьесул сверухълъи хисана. Ниж цоцада гIемер рихьуларо, дир санагӀалъиги гьечӀо гьев дихъего ахӀизе. Амма бокьун гьечӀо гьудул камизе. Щиб дица гьабилеб?

 

Халид, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьудуллъи ккола божилъиялъул, ракӀбацӀцӀалъиялъул, цоцада ракӀ гурхӀиялъул, гӀаммал интересазул ва рокьиялъул кьучӀалда гӀадамазда гьоркьоб букIунеб гьоркьоблъи. МухӀаммад аварагас r абуна: «Инсан жиндирго гьудуласул диналда вукIуна, гьединлъидал нужер щивас халгьабе лъилгун гьудуллъи кколеб бугебали», - ян.  (Абу Давуд, Тирмизи)

БичӀчӀизе ккола гьев чиясулгун бухьен сундалъун букIарабали, кинал ругел гьесул хаслъаби, динияб рахъ, бетӀербахъи яги цогидал хасияталъул гӀаламатал. Цоцазда гьоркьоб гӀемераб гӀаммаб жо батун нуж цолъизарун рукӀинги хӀисабалде босун, дида ккола гьел хаслъаби гьесулъ гьанжеги цӀунун ратилин абун.

ХӀаракат бахъе гьесулгун бухьен кквезе, гара-чӀвари гьабе, гьев сунде машгъуллъун вугевали лъазабе, гьоболлъухъ ахIе яги гьесие дандчӀвазе санагӀатаб бакӀалде мунго а. Гьесда лъазабе дандчӀваялъул мурад гӀицӀго цоцада рихьи ва цебесеб заман ракӀалде щвезаби букIин.

Аллагьасул Расуласул r хIадисалда мугъчӀвайги гьабун, кӀвар бугеб жо ккола гьудуласулъ иман ва такъва букӀин. Гьединав гьудул нилъеда дандчӀвайдал, гьев нилъеца кӀиябго квералъ кквезе ва гьелъухъ ТӀадегӀанав Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе ккола. Щайгурелъул гьединав гьудул захIматаб мехалъ кумекалъе ватила, мекъи ккедал гьес витIизавила, гьев вохила дур бергьенлъабаздаса ва захӀмалъабаздаса, къварилъабаздаса пашманлъила.

 

Психологасул жаваб

Нужеда цебечӀун буго гьудуллъиялъул хIал гӀарцуца ва социалияб статусалъ хӀалбихьулеб. ГьабсагIаталда дур гьудул сверун ккун ругел чагIи ратизе рес буго гьесул гIарцуе гIоло аскIор чIун ругел. Гьесда гьеб бичIчIизеги рес буго. Унго-унгояб гьудуллъи гьесие къиматаб букӀине бегьула.

ХӀаракат бахъе гьесухъе ахӀизе, цинги абе: «ГӀенекке гьудул, дида бичӀчӀула гьанже дур гӀумруялъул батӀияб низам букӀин, амма дие кӀвар бугеб жо ккола нилъер бухьен къотӀичӀого букӀин», - ян.

Гьудуллъи унго-унгояб батани, гӀарцуца гьеб хвезабиларо. Амма лъайха гӀадамалги хисулеблъи. Дур гьудул ургъунго рикӀкӀалъани, гьеб гьесул иш буго, гьелда хурхун щибго гьабизе кӀоларо. Амма гӀемерисеб мехалда ракӀбацӀцӀадаб гара-чӀвариялъ кинабго хисизабизеги бегьула. Аслияб жо буго сихӀкъотӀун чӀечӀого, бугеб хIал загьир гьаби.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...