Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Квер борхизеги нахъе къалев гьечIо...

Ахираб заманалда росасулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьечIо. Щиб дица гьабуниги, сундаго рази вукIунаро гьев. Гьелде тIадеги, кIалги ккун вугев чияс диде кверги борхула. Гьеб кинабго балагь гьесул эмен, ай дир вакьад сабаблъун буго. ЦIакъ захIматаб гIамалалъул чи вуго гьев. Лъималазе тIубараб къоялъ тарбияги кьола дица, рукъ-бакIги бацIцIадго чIезабула. Амма щиб дица гьабуниги вакьад рази вукIунаро, чорокаб мацI бицунгицин вагъула. Росасги дир адабхIурмат гьабуларо. Кидаго кIиабилей чIужу ячине йигин абун хIинкъаби кьолев вукIуна. Дица пикру гьабула дун хIалтIизе ккурай гъаравашцин йигодайилан. Нахъе инеги чанго нухалда хIалбихьана, амма лъималазе гIоло сабур гьабун чIана. Щиб дица гьабилеб?

М. Манапова

ГIалимчиясул жаваб

ШаригIаталъул нухги тун напсалъе бокьараб куцалда хьвадулев чиясда Аллагьасул ццим бахъуна. Цо-цо бихьиназда ракIалде ккола чIужу хIинкъизайи бахIарчилъи бугилан. ХIакъикъаталдаги гьев вуго загIипав чи. Руччабаздехун лъикIаб бербалагьи гьабиялде нилъ гьесизарулел гIемерал хIадисал руго.

Муслимица рицарал хIадисазда буго: «Нуж Аллагьасукьа хIинкъа руччабазе зарал гьабизе». «Нужеца руччаби къварид гьаруге». «ЧIужугун хIеренго вукIин ракI лъикIазул гIаламат буго, квешал чагIи руго жидеца руччаби хIакъир гьарулел ва гьезул хIурмат гьабуларел гIадамал», - илан абурал.

Пуланав чияс чIужу ячунелъул тIаде босула гьелъул гIумруялъего жавабчилъи, аманат ва талихIаб гIумру букIинаби. Дур лъималазул эбеллъун йигей гIаданалъул адаб-хIурмат гьабичIого тезе кин бегьулеб!? ШаригIаталда хIукму къотIизе ккани, кIиябго рахъалъухъ гIенеккизе ккола. Росасул эбелэмен рази ратани нужее лъикIаб букIина гьездаса рикIкIад гуреб, аскIоса-гIебеде нужеего рукъ базе.

Гьедин бугони чIужуялъулги рес букIина магIишат бачине ва росасул эбел-инсухъе инеги рикIкIад букIинаро. Дуеги лъикIаб букIина росасул эбел-инсул дурго эбел-инсулго гIадин адаб гьабизе. Дурго эбелэмен дуде рагъулаго гьабулеб сабру гьел рагъулеб мехалъги гьабуни, Аллагьас гьеб кирилъун хъвала. Гьеб суалгун росдал имамасда аскIоеги ине бегьила рекъараб жаваб щвезелъун. Аллагьас I кумек гьабеги.

Психологасул жаваб

Росас чIужуялде квер борхиялъул хIасилалда лъималазулги психикаялъе жагъаллъи ккола. КIиабилей чIужу ячине йигинги абун росас чIужуялъе хIинкъи кьейги ккола гьесул загIиплъи, тIаде рачIарал захIмалъабаздаса лъути.

Дир пикруялда, дур рос цIакъго инсуда варав вуго. Эмен вукIиналда бан щибго хисизабизеги гьес хIаракат бахъулеб гьечIо. Росасда ккун батула заманалдасан кинабго нухде бачIинин. Амма нилъеда лъала цо жо мурадалде щвезе ккани, кинаб бугониги кIвар кьезе кколеблъи. Росасе лъикIаб буго берцинаб кIалъаялдалъун мухIкан гьабизе щай эмен гIемер дуде вагъулевали.

Гьединго дуеги хъизан ва лъималазул психика цIунизе бокьун батани, кинаб бугониги хиса-баси гьабизе ккола. Хасго кIвар кьезе ккола вакьадгун лъикIаб гьоркьоблъи букIинелъун кин бугониги жигар бахъизе. Херал чагIазе бокьула жидедего кIвар кьезе.

Гьесул сахлъиялъул цIехон, араб гIумруялъул бицинабун хабар рекъезабуни, хьул буго гьесул дудехун бербалагьи лъикIаб рахъалде сверилин ва духъа ккарал цо-цо жагъаллъабаздеги гьес берал къанщилин абун. Росасул гIамал лъикIлъизе бокьун батани, гIемераб жоялде дуца берал къанщизе ккола. Гьес абуралде дандеги къацандичIого, сихIкъотIун чIани, гьесда бичIчIула живго мекъи вукIинги.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кредит босана...   Чияр счеталде гIемераб гIарацги битIун, щибго жоги гьечIого хутIана дун. ХIинкъун йикIана гьелъул хIакъалъулъ росасда бицинеги. Гьеб бахчизелъун дица кредит босана. Гьанже кредит бецIизецин кIолеб гьечIо, кьезе кколеб болжалги гIагарлъулеб буго. Щибдай...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...