Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Васасул гIамал холеб буго

 

Дир йиго гIурай кIиго ясги тIоцебесеб классалда цIалулев васги. Дида бихьулеб буго вас яцазул асаралда гъоркь гьев гIолев вукIин. Дие бокьун гьечIо гьев «эбелалъул васин» абухъе гIезе. Бокьилаан лъазе щиб дица гьабилебали?

 

Х,. Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

Нилъер диналъ кIудияб кIвар кьола хъизамалъул бухьенал цIуниялде. Гьеб, тIоцебесеб иргаялда, хурхараб букIуна эбел-инсуда ва лъималазда. Гьединго кIвар кьола гIагарлъиялъулгун букIине кколеб гьоркьоблъи гьабиялдеги.

Эбел-инсуда, рос-лъадуда ва лъималазда хадуб бищунго гIагараллъун рикIкIуна вацал-яцал. Гьел цадахъ цо рокъор гIола ва гьелъ лъугьинабула гьезда гьоркьоб щулияб, рухIияб бухьен.

ГIабдуллагь бин ГIамр бин ГIасица бицана Аварагас ﷺ абунин: «ГIисиназдаги гурхIуларев, чIахIиязул адаб-хIурматги гьабуларев чи нилъедасан кколаро», - ян. (Тимизи)

Гьединлъидал гьитIинал вацал-яцазда тIадаб буго чIахIиязул адаб гьабизе ва батIи-батIиял суалазда хурхун гьезул пикрабазухъ гIенеккизе. Амма чIахIиязда тIадаб букIуна гьитIиназда гурхIел-рахIму ва гьезул ургъел гьабизе, хасго гьезие гьеб хIажатаб ахIвал-хIалалда. Гьединлъидал, кIудиял яцазул тIадкъаял васас тIураялъулъ ва гьез малъараб гьабиялъулъ щибниги ургъел гьабизе ккараб жо гьечIо.

Амма васасдаги бичIчIизабизе ккола яцазул ургъел гьабиги гьел цIуниги гьесда тIад бугеб жавабчилъи кколеблъи. Эмен гьечIеб мехалда, бихьинчи хIисабалда, хъизамалъул ургъел гьабизе кколеблъи гьесда лъазе ккола.

 

Психологасул жаваб

Дур вас, гьитIинаб къоялдаса нахъе, яцазул асаралда гъоркь гIуна. Гьел руго гьес мисал босулеллъунги. Гьединлъидал асар гьабизелъун къеркьезе яги ясаздаса гьев ватIа гьавизе хIажалъи гьечIо.

ГьитIинав вацас квешаб иш гьабуни, гьелъул жаваб гьес кьезе ккола. Гьесул ишазухъ яцазе тамихI гьабизе бегьуларо. КIвар бугеб жо ккола васасда жавабчилъи малъи ва гIицIго унго-унгоял лъикIал ишазухъ гьесие рецц гьаби. Гьединабго жо ккола ясазулги - гьезда ракIалде ккезе кколаро вац цIикIкIун вокьулев вугин эбел-инсуе абун.

Хасго кIвар кьезе мустахIикъаб буго гьоркьохъей ясалъулгун васасул гьоркьоблъиялде. ГIемерисеб мехалда гьей йикIуна гьесда тIад кверщел гьабизе хIаракат бахъулейлъун. КIвар бугеб жо ккола гьезие гьудуллъиялъулаб гьоркьоблъи гIуцIизе кумек гьаби. Жеги кIвар бугелдасан ккола васас, жиндирго кIудияй яцгун цадахъ, гьоркьохъей яцалда данде тIадецуй гьабизе биччачIого букIин - гьелъ кидаго гIадин рачуна гьоркьоса къотIичIого дагIба-рагIиялде.

Хъизаналъул ахIвал-хIал гIодобе биччарабго, ясалгун цадахъ хIалтIи гьабизе бегьула васасул божилъи цIикIкIинабиялъул мурадалда. Гьеб гьабизе бегьула ясаз гьесда хадуб халгьаби чIезабиялдалъун ва гьесул рахъкквезе байбихьиялдалъун. Васасе хIажатаб жо ккола яцал жинда божулел рукIин лъай.

Гьединго пайдаяб букIуна вас спортивияб секциялде витIизе. КIвар бугеб жо ккола гьесул гIелалъул васазул гьудуллъиялъулаб, квербакъи гьабулеб къокъа букIин. Гьесие къваригIуна жиндирго икъбал ва божилъи лъазе бегьулеб сверухълъи.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

«Халкъазул цолъи - улкаялъул къуват» абураб гӀолилазул форум тӀобитӀана Луганскиялда. Гьеб гӀуцӀана Дагъистаналъул муфтияталъ исламияб культураялъул фондалъул квербакъиялдалъун. Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионаздаса рачӀарал гӀахьалчагӀаз, гьезда гьоркьор бусурбабазул ва...


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун кколеб гIелму тIалаб гьабизе беццараб буго. ХIаракат бахъила Къуръан цIализе, азарго хIадис лъазабизе ва нус-нус тIехь цIализе.   Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ, хирияв Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатал лъазарила ва гьезда рекъон...


ХIикматал махлукъатал

Крокодилал ккола чIахIиял, лъелъги ракьалдаги гIумру тIамулел рухIчIаголъаби. Гьел ккола дунялалда ругел хIайваназул бищун церегосезул цоял.   Абула крокодилазул 28-гIанасеб тайпа бугин. Гьелги рикьула лъабго хъизамалде: - ХIакъикъиял крокодилал: бищунго гIемераллъун кколел, жидер...


ГIайна ХIамзатовалъе кьуна ХӀурматалъулаб грамота

Жигараб хIалтIухъ ва хасаб рагъулаб операциялъулъ гӀахьаллъаразе гьабураб кумекалъухъ ХӀурматалъулаб грамота кьуна ДРялъул ЖамгӀияб палатаялъ ДРялъул муфтиясул гӀакълучIужу  ХӀамзатова ГIайнае. Гьеб шапакъат кьуна Дагъистаналъул ЖамгӀияб палатаялъул председатель Черкесов ГӀазизбекица, хасаб...