Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине Намусаб

Гьикъизе нечараб бицине Намусаб

Мадугьалзабазул лъикIаб хIал гьечIо

 

Дир мадугьалзабазул рокъоб кидаго ахIи-хIур букIуна. Къацандула ва росас чIужу юхула. Цо къоялъ чIужу юхулаго гьоркьове лъугьарав дир квер бекана. Дица мадугьалалда абулеб букIана гьесде полиция ахIейилан. Амма гьей гIенеккичIо, хIатта гьесде гIайибцин биччаларо. Цо анкьалъ сихI букIинчIо, гьале жакъаги добго къец ва ахIи-хIур. СихIтун гьезухъ валагьун вукIинеги бокьун гьечIо, амма гъорлъе лъугьинеги гъира гьечIо. Щиб дица гьабилеб?

 

ГIумар, Каспийск

 

ГIалимчиясул жаваб

Хирияв аварагас ﷺ абуна: «РекъечIеб жо бихьарас квералъ гьеб хисизабе, гьединги бажаричIони - кIалалъ хисизабе, гьединги бажаричIони - ракIалъ гьелда разилъуге. Гьебги иманалъул бищун загIипаб даража буго». (Муслим)

Нилъеда сверухъ лъугьунеб рекъечIеб жоялда рази рукIине бегьуларо. КIолеб жо хисизабизе ккола. Амма гьабулеб жо букIине ккола гIицIго Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьабун, ракI-ракIалъ. Гьеб мехалъ нилъ къабул гьаризе рес цIикIкIун букIуна. ЛъикIаб пиша гьабулаго ният бацIалъи ккола дунял-ахираталда лъикIаб жаза Аллагьасул ﷻ рахъалъан нилъее щолеб жо.

Полициялде гьей инчIого чIеялъеги гIемерал гIиллаби ратула. Масала, хъизан биххизе бокьунгутIи, гьесдехун бугеб рокьи, лъималазда ракI гурхIи ва цогидал.

Дуего зарал кканиги рос-лъадуда гьоркьоб маслихIат гьабизе дуца хIаракат бахъиги цIакъ беццараб пиша буго. Гьелде тIадеги, лъикIаб букIина гьезда гьоркьоб маслихIат гьабизелъун кIиябго рахъалдаса гIагарлъиялда лъазабизе. Жеги лъикIаб букIина мадугьаласулгун гьоркьоблъи лъикI гьабун, духъего гьоболлъухъе ахIун, гьебго заманалда гIалимчиги ахIун, гьесие вагIза-насихIат гьабизе. Гьединго дурго чIужуялда ялъуни эбелалда гьаре гьесул чIужугун хабар бицун сабруялде гьей ахIейин абун. Гьебгун цадахъ дугIа гьабун Аллагьасда ﷻ гьаре мадугьалзабазе рекъел кьун рахIматал рещтIагийин абун. Хирияв аварагасги ﷺ абун бугелъул: «ЖабрагIил малаикас мадугьалзабаздехун лъикI вукIаян гIемер абиялъ дида ракIалде ккана ирсилаздасан гьел гьарилин абун», - илан. (Бухари, Муслим)

 

Психологасул жаваб

Гьеб масъалаялъулъ цIакъ цIодорго вукIине ккола. Жакъа кумекчилъун мун ватаниги, метерисеб къоялъ гIаксалда сверизе бегьула иш. Цо нухалъ кумек гьабидал къец ккарабщинахъе духъе рекеризе руго. Цинги дуда гьеб хехго чIалгIуна ва ццин бахъун лъугьуна мун. Дуда лъалареб гIемераб жо батула гьезул хъизамалда жаниб. Жакъа рагъаниги метералде рекъон, лъикI рукIине бегьула гьел. Гьел рекъела, амма вагъизе вортарав мун гьесие кидаго чIегIерго хутIила. Гьединлъидал сундулъго гьоркьохъеб хIал бищараб лъикIаб букIуна. Гьоболлъухъеги ахIун мадугьаласда бичIчIизабизе бегьула гьесул гIамал цIакъ берцинаб гьечIолъи. Гьеб хIалалда ругони, мадугьалзабаз адаб-хIурмат тезе букIиналдеги кантIизаве. Гьезукьа нечонгIаги гьеб гIамал толарищали гьес бихьизе.

ХIадур гьабуна

Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...