Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Яс кин кантIизайилей?

 

Дир ясалдаса кIиго нухалъ кIудияв чияс гьарулей йиго гьей. Гьел руго цадахъ хIалтIулел. Ясги рази йиго. 20 сон гурони бачIей дир ясалъе гьев «херав» щайдай абун ккола ракIалде. Гьесул жиндирго мина-рукъ эбелгун цадахъ гIумру гьабун вуго. Щолеб харжги мукъсанаб буго. Дие бокьун гьечIо яс гьесие кьезе. Кин гьей кантIизайилей?

 

Х, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Ясалъул инсуца яги гьелъул валияс хIисабалде росизе ккола бахIарасул хасиятал. Гьей росасе кьезе бегьуларо гIамал-хасият квешав, диниял тIадкъаял тIураларев, гьелъул хIукъукъал цIунуларев чиясе.

Аварагас ﷺ абуна: «Диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи нужехъе вачIиндал, нужеца яс гьесие росасе кье, нужеца гьедин гьабичIони, ракьалда питнаги къадру-намус гьечIолъиги тIибитIила», - ян. АсхIабзабаз цIехана: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, мискинав вугонигийищ?» - абун. Аварагас ﷺ лъабго нухалъ такрар гьабуна: «Диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи нужехъе вачIараб мехалъ, нужеца гьесие яс росасе кье», - ян. (Тирмизи)

Гьелъул ихтиярал цIуниялъул ургъел гьаби ккола цIакъ кIвар бугеб иш. ГIаишатидасан бицана: «Ригьин гьаби ккола жавабчилъиялъул ва мутIигIлъиялъул цо хасаб форма, гьединлъидал эбел-эмен лъикIго ургъизе ккола яс лъие  кьелеяли абураб суалалда тIад», - ян.

ХIасанул Басриясде аскIове вачIана цо чи ва абуна: «ГIемерал бихьинал рачIунел руго дир яс гьарун. Лъие дица гьей кьелей?» - ян. ХIасанул Басрияс абуна: «Аллагьасдаса хIинкъулев чиясе кье. Гьесие гьей йокьани, гьелъул адаб-хIурмат гьабила, йокьичIони, гьес гьелъие зулму гьабиларо», - ян.

Нужер масъалалъулъги тIадехун рехсараб хIисабалде босун, нужецаго хIукму гьабизе ккола. Гьев чиясул хIакъалъулъ цIех-рехги гьабила, гIамал-хасият, диналдехун бугеб бербалагьи лъазабиялъул мурадалда. Щивасул гIумру батIи-батIияб букIине бегьула, амма бахIарав тIаса вищулаго, аслияб къагIидаялъ хIисабалде босуларо ригь яги гIарцул ахIвал-хIал.

 

Психологасул жаваб

Эбелалъул ургъел бичIчIулеб жо буго. Амма бичIчIизе ккола ясалъе гьукъа-къаял гьариялъ гIаксияб хIасил кьезе рес букIинги. Дуца гьев чи ясалъе каканагIан, гьелъ гьев цIунизе вуго, рекIелъ щаклъи бугониги.

Бищунго аслияб жо ккола ясалъулгун бухьен цIуни. Гьелъул хIукму какуге, кигIан гьеб мекъаблъун бихьаниги. «Гьев дуе данде кколаро» яги «щай дуе херав чи къваригIун вугев» абурал рагIабазул бакIалда абе: «Дие бокьун буго мун талихIайлъун йикIине», - ян. Берцинго кIалъаялъ дудехун мугъчIвай цIикIкIина.

ЛъикIаб букIина гьев чигун мунго кIалъани. Эбел-эмен ццим бахъинчIого кIалъани, ясалъеги бигьалъула гьеб ахIвал-хIалалъухъ батIияб рахъалдасан балагьизе.

Яс гIедегIизе ва хехдаризе гьаюге. Аслияб жо ккола дур квербакъи гьелда бихьи ва щиб кканиги дуда мугъчIвай гьабизе бегьулеблъи якъинго лъай.

Дур гIодобе биччараб, адаб-хIурматалъулаб гьаракь ва унго-унгояб ургъел кинаб букIаниги тIадецуй гьабиялдаса гIемерго къуватаб букIуна. ГIакълуялдалъун бихьизабураб рокьиялъ дур ясалъеги рес кьола хIакъикъат бичIчIизе ва битIараб тIаса бищизе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...