Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Сабруйищ гьабилеб?

Дир ясалъул учительницаялъ, гьелъул дневникалда кIийилабги лъун, классалда ругезда гьеб бихьизабун батана. Гьеб сабаблъун яс тIубараб къоялъ гIодулей йикIана. Лъимералда гьеб хIал чIезабизейищ кколеб? Дарс лъазабун батичIеб мехалда, берцинго бичIчIизабизе бегьуларищ? Школалдеги ун учительницалъе питна гьабизе бокьун буго. Амма сабур гьабейилан ракIалъги абулеб буго. Щиб дица гьабилеб?

 

Салим, Буйнакск шагьар

 

ГIалимчиясул жаваб

ЧIахIиязулгун лъималазул гьоркьоблъиялъул бицун хирияв аварагас ﷺ абуна: «ЧIахIиязул адабги гьабуларев, гIисиназдаги гурхIуларев ва гIалимзабаздехун хIакъги цIунуларев чи дир умматалдасан кколаро», - ян. (АхIмад, ТIабарани)

ЧIахIиязул ва хасго гIалимзабазул адаб гьабизе лъималазда гьитIинго малъизе ккола. Школалда учителас тамихI мекъи гьабун бугин абун дуда ракIалда ккун батаниги, лъимералда цебе учитель какун, гьесда гIайибчIван кIалъазе бегьуларо. Гьедин кIалъани хадуб лъимералъ гьев учителасул адабги гьабизе гьечIо.

Адаб малъулел тIахьазда хъван букIуна: «Адаб гьабиялдалъун чи тIадегIанлъула ва гьеб теялдалъун гIодовегIанлъула», - ян.

Гьеб бакIалда дуе лъикIаб буго дарс лъазабичIолъиялда бан ясалъе гIадлу гьабизе.

Школалдеги ун, гьениб питна гьабизе бегьизего бегьуларо. Гьедин гьабиялдалъун суалги тIубаларо. Гьедин гьабизегIан, учительницаялда берцинго дурго лъимералъул цIалул бугеб хIалалъул цIех-рех гьабе. Гьеб мехалда бегьила, гIайибал чIвачIого, доб лъугьа-бахъиналъулги цIехезе. Лъималаз бицараб кидаго гуро битIараб букIунеб. Лъимералъ бицараб битIараб батаниги, берцинго гьаре учительницаялда хадубккун гьеб куцалда гуреб, лъимадул ракI бекулареб хIалалда гьабейин абун. Гьедин абуни, цIикIкIун хьул букIина учительницаялъулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIунизе.

 

Психологасул жаваб

Школалда лъималазе тарбия кьеялъул мурадалда учительницалъ хIалтIизабулеб нух битIараб гьечIо. Гьеб нух хIалтIизабидал лъимералъ байбихьула учительницаялъукьа хIинкъизе ва гьеб сабаблъун цIалиялъе ва гIамалалъе зарал ккезе рес буго.

ГьабсагIаталда къваригIараб жо буго школалда къимат щвей ясалъ битIун къабул гьабиялда тIад хIалтIи гьабизе. ГIайиб гурищха, ясалъул чан сон бугебали бихьизабун гьечIо. Школалда цIалулезул сонал халгьабун батIи-батIияб букIуна лъураб къимат къабул гьабиги. Масала, ункъабилеб классалде щвезегIан лъимералъ жиндиего къимат кьей гIемер бараб букIуна учителасул къиматалда, ай къимат лъикIаб щведал жалго лъикIалин ккун ва квешаб щведал - квешалин ккун. ГIумрудул гьеб завалалда учителасул балагьиялдалъун кьола лъимералъ жиндиего къимат. Дур лъимерги байбихьул классазда батани, учитель какун ва гьей мекъи йигин абун гьелда цебе хабар бицине бегьуларо. Гьеб сабаблъун гьелъул цIали нахъе ккезе рес буго ва цадахъ цIалулезулгун гьелъул рукIа-рахъинги квешлъизе буго. Цогидаб рахъалдасан бичIчIизабизе ккела. Масала, учительницаялъ гьедин гьабиялъул мурад гьей лъикI цIализе бокьи бугин ва гьелда лъалин духъа лъикI цIалун бажарулеблъи. Гьеб мехалда рес буго ясалъги кIиябго рахъалъул пикру къабул гьабизе.

Гьелдаго цадахъ ясалда бичIчIизабила школалда щвараб кIийилаб цо хасаб дарсиде хIадурлъичIолъиялъул хIасил букIин ва чиясул къадру-къимат борцунеб роцен гьеб гуреблъи. Амма гьеб кIийилаб щуйилалде хисизабуни, учительницалъ гьей киназдаго цее еццизеги рес букIин.

Учительницалъухъеги ун, берцинго бичIчIизабе ясалъ гьелъул адаб-хIурмат гьабулеблъи, амма гьеб ишалъ гьелъул цIакъго ракI бекун букIин. КIийилаб щуйилалде хисизабизе бокьун бугин абураб пикруги загьир гьабе. Гьеб мехалда учительницаялдаги бичIчIила ясалъул цIалиялде рокъобги кIвар кьолеб букIин.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...