Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Васасул гIамал хисулеб буго

КIиго соналъ цеве хвана дир рос. Вас дицаго хьихьун вуго. Халлъулеб буго васасул гIамал хIинкъараб лъугьунеб букIин. Кьерилаздаса хIинкъула ва гьездаса рикIкIалъизе хIаракат бахъула. Щибдай дица гьабун лъикI?

ПатIина, МахIачхъала.

ГIалимчиясул жаваб

Гьеб букIине рес буго эбелалъ, ай дуца кьолеб тамахаб тарбия сабаблъунги. Амма кIочене бегьуларо гьев жеги гьитIинав чи вукIинги. Нилъеца кьолеб тарбиялдасаги нилъер мисалалъ цIикIкIун асар гьабула лъималазе.

ГIадада гурелъул абулеб: «Лъималазе гуреб, нужеего кье тарбия, лъималаз чара гьечIого нужедаса босула мисал», - илан.

Васасе тарбия кьезе эмен гьечIолъиялъ буго гьединаб тамахаб гIамал гьесул. Бихьинчи кинав вукIине кколевали бихьизабулев чи кколелъулха эмен. Амма эмен гьечIони, мисал босизе бесдал эмен вукIуна, ялъуни кIудияв эмен, имгIал, кIудияв вас ва цогидал гIагарал чагIи. Васасе тарбия кьезе бихьинчи тухумалда ватичIони, бищун лъикIаб букIина аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул гIумруялъул гьесие бицани.

ГьитIинаб къоялдаса нахъего ругьун гьаве дурго хIалтIабазул ва гIиси-бикъинал захIмалъабазул бицун гьев ургъизе тIамизе ва ракI батулеб калам гьабизе. Руччабаздехун бихьинчи кинав вукIине кколевали бице. Жавабчилъиялъухъ ва ритIухълъиялъухъ гьесие данде щиб бугониги лъикIаб жо гьабе.

Гьеб кIиябго тIабигIат ккола бихьинчиясулъ бищун кIвар бугеблъун. Рокъоса-гIебеде захIматаб гуреб, бихьиназул хIалтIи малъе ва кумек гьабуралъухъ баркала кьезеги кIочонге. Кинаб бугони спорталде машгъул гьаве. Гьениб къаркъала щулалъи ва васалгун журан вукIиналъ, ракI къвакIизабула.

Психологасул жаваб

Бищун цебе лъазе ккела гьединаб гIамал щивав инсанасулъ рижи букIин. Гьединлъидал эбел-эмен ругезулги вас хIинкъаравлъун лъугьине рес буго. Кинабго бараб буго кьолеб тарбиялда ва мисал бихьизабиялда. Кидаго гуро бажарулеб умумузда васал къвакIараб гIамалалъул лъугьинаризе. КигIан бокьаниги цо-цо мехалда гьелъул гIаксалдаги ккун батула. Сверухълъиялда хIинкъи букIунин абун кидаго лъимер хIинкъизабулеб бугони, гIемерисеб мехалда гьединаб лъимер загIипаб лъугьуна.

Гьебги букIуна цохIо жинцаго лъимер хьихьулей чIужугIаданалъул. Гьединалъ аскIоса кьуризе толаро лъимер, ретIел бихъун батани ягъула лъимаде. Кьерилаз вухизе рес бугин абун лъимер хIинкъизабулеб бугони, гьединаб лъимер бахIарчилъияблъун лъугьин щакаб жо буго. ТIоцебесеб иргаялда, эбелалъ васасда жиндирго хIинкъи бихьизабичIого, бичIчIизабизе ккола гьесда аскIой парахалъиялда ва цIуниялда гъоркь гьей йикIин.

Гьединго бичIчIизе ккола, лъималазулъ букIунеб хIинкъи гьезие гIадатияб жо букIин. ХIинкъанинги абун лъимералда гIайибчIван тIубаларо. Гьесда бичIчIизабизе ккола хIинкъи киназулго рекIелъ букIунеблъи, амма хIинкъидал цо бакIалдаса лъутарал цIукIаби кколеллъи. БахIарзалги хIинкъулеллъи, амма гьел лъутулареблъи. Лъималазда бичIчIизабизе ккола гьел нилъер мугъчIвалел хIубал кколеллъи. Гьезухъа ккараб гъалатIги «гIочIода чIвазе» лъикIаб гьечIо.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...