Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Махсароде кколев вуго

 

Цо ясалъ дир вац махсароде кколев вуго. Гьев вуго гIолохъанчи, ресалдаги вуго. Хъизан гьабизе бокьун букIин бичIчIизабун букIана гьес дида.  Дица ялагьун йикIана гьесие данде кколей гIадан. Амма гьоркьоб заман иналде, жиндаго ятанин бахIарайиланги абун, кIалъан вачIана гьев. Гьей йиго вацасда цадахъ хIалтIизе лъугьарай практикантка. Дие цIакъ рекIее гIечIо гьей яс. Бихьулеб буго гьелъие гьесул бечелъи хIажат букIин. Дида кколеб  буго цощинаб сихIругIаги гуребдай гьелъ гьабун бугебилан абун.   Дие бокьун букIана гьей чIезайизе, амма вацасул ракI буссинабизе бокьун гьечIо. Гьесда лъалеб гьечIо щиб гьабулеб бугебали.

 

ХIава, Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

БахIарай тIаса йищиялъулъ эбел-инсуца кумек гьабизе ккола. ГIолохъабаз бищунго гIемер кIвар кьола бахIаралъул сипат-сураталде. Гьеб гуро талихIалъул аслу-кьучIги. Гьединлъидал, бахIарай тIаса йищулаго, битIараб букIинаан Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ нилъее тарал малъа-хъваязде кIвар кьуни.

Абу Гьурайратидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «ЧIужугIадан лъадилъун ячуна гьелъул бечелъиялъухъ, насабалъухъ, берцинлъиялъухъ ва диналъухъ балагьун. Ками ккечIого букIине, диналда йигей ялагьизе хIаракат бахъе», - ян (Бухари, Муслим).

Гьесул даражаялде данде кколей бахIарай ялагьизе бокьун букIанин абулелъул лъазе ккола, хIадисалъулъ рехсарал хаслъаби рукIин, хасго динияб рахъ ва лъикIаб гIамал-хасият. КIвар бугеб жо ккола дур вацасулги гьелго хаслъаби рукIин, гьеб мехалда хьул букIуна гьел цоцазда ричIчIиялде ва хъизам лъикIлъиялде.

Гьединлъидал дуца гьел киналго рахъал хIисабалде росизе ккола ва вацасе гIакълу кье лъади тIаса йищулаго гьел хаслъаби хIисабалде росеян.  Гьелдаго цадахъ кIвар бугеб жо ккола вацасе йокьарай ясалъул къадру гIодобегIан гьабичIого тей. ГIицIго дуе рекIее гIечIин абураб жо гIоларо. Амма дуда лъалеб бугони гьей дур вацасе мустахIикъай гьечIейлъи ва гьелъ гьесие сихIру гьабун букIин, гьеб чIезабизе ккола мухIканал далилаздалъун.

Бищунго аслияб жо, дугIа гьабе. БетIергьанасда ﷻ гьаре гьей яс гьесие данде кколарей ятани, вац гъалатIаздаса цIунеян яги гьей мустахIикъай ятани, ригьнада баракат лъегиян.

 

Психологасул жаваб

Вацасул ургъел букIин бичIчIула, амма кIвар бугеб жо ккола гьоркьоблъиялъе зарал ккечIого букIине гIакълуялдалъун хIалтIи гьаби. ХIаракат бахъе гьевгун парахатго кIалъазе: гьикъе сунца гьей ясалдехун цIаравали, ракI-ракIалъ хIаракат бахъе гьесул рекIел хIал бичIчIизе. Исламалда ригьнадухъ аслияблъун кколаро даража ва бечелъи. Такъваялъул ва ракIбацIцIалъиялъул кIвар цIикIкIараб букIуна. Гьей  яс квешай йигин дуда ккун батани, вацасда берцинго бичIчIизабе цин мухIканлъи лъазабеян. 

Гьелдаго цадахъ гIайибал гIунтIизариялдаса рикIкIалъе - нужер хIинкъи тасдикъ гьабичIони, вацасул ццим бахъине бегьула ва гьелъулгун бухьенги жеги цIикIкIун щулалъизе рес буго. Гьелъул бакIалда, хIеренго пикраби загьир гьаре, нуж гьесул рахъалда рукIиналда ва гьесие лъикIаб гурони бокьун гьечIолъиялда тIадчIейги гьабун. Рес батани, гIагарлъиялъул чагIиги гъорлъе раче, гьезул пикру гьес къабул гьабизе бегьула.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...