Аслияб гьумералде

ГIужазул мухIканлъи

ГIужазул мухIканлъи

ГIужазул мухIканлъи

Паризаял каказул гIужазул авалги ахирги кида байбихьулеб ва лъугIулеб?

1. Рогьалил какил гIуж байбихьула рогьалил битIараб хъахIлъи баккидал. Гьелъул гIуж лъугIула бакъул гор баккизе байбихьарабго.

2. Къалъул какил гIуж байбихьула бакъ битIун зоб бакьулъеги щун, бакъ тIерхьудехун гьетIизе байбихьараб мехалъ. Гьелъул гIуж лъугIула бахъун чIараб жоялъул къалъуда бакъ бащалъидал букIараб бищун къокъаб рагIад малъичIого, гьелда тIадеги гьеб бахъун чIараб жоялда бащадаб къадаралъ рагIад халалъараб мехалъ.

3. Бакъанил какил гIуж байбихьула къалъул гIуж лъугIарабго. Гьелъул гIуж лъугIула бакъул гор тIубанго тIерхьараб мехалъ.

4. МаркIачIул какил гIуж байбихьула кинабго бакъул гор тIерхьарабго. Гьелъул гIуж лъугIула бакъ тIерхьун хадуб, бакъ тIерхьунеб рахъалдаса бакъул багIараб кунчIи тIерхьарабго.

5. Боголил гIуж байбихьула бакътIерхьул рахъалда букIунеб бакъул багIараб кунчIи тIерхьарабго. Гьелъул гIуж лъугIула рогьалида, битIараб хъахIлъи баккун хадуб.

Какил гIужазул авалал лъазе рузнамабаздаса пайда босизеги бегьула.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...