Аслияб гьумералде

Цадахъ щуябго как бай

Цадахъ щуябго как бай

Цадахъ щуябго как бай

Цо-цоязда ккола какил гIуж, масала, маркIачIул какил гIуж бащдаб сагIаталдаса лъугIулин. Гьеб гьедин гьечIо. Амма хирияб буго как гIужда базе. Гьединго цо-цояз къаси рокъоре щведал цадахъ щуябго как бецIун бала. Гьебги бегьулареб жо буго, гьедин гьабулев чиги мунагьалде ккола.

 

Гьалмагъас бицунеб рагIана, эбелалъ абунин рокъове щведал какал цадахъ разе бегьулин абун. Аслияб жо бугин какал толеб гьечIолъи. Гьедин бегьуларо ва гьебги буго дин лъангутIиялъул хIасил. ГIуждаса как кватIизабулев чиясе мунагь буго. Гьединлъидал нилъеца кIванагIан хIаракат бахъизе ккола как гIужил авалалда базе. Мисалалъе, рогьалил какил гIуж байбихьула рогьалил битIараб хъахIлъи баккидал. Гьелъул гIуж лъугIула бакъул гор баккизе байбихьарабго.

Къалъул какил гIуж байбихьула бакъ битIун зоб бакьулъеги щун, гьеб тIерхьудехун гьелъ гьетIизе байбихьидал. ГIужги лъугIула бахъун чIараб жоялъул къалъуда бакъ бащалъидал букIараб бищун къокъаб рагIад малъичIого, гьелда тIадеги, гьеб бахъун чIараб жоялда бащадаб къадаралъ рагIад халалъараб мехалъ.

Бакъанил какил гIуж байбихьула къалъул гIуж лъугIидал. Гьелъул гIуж лъугIула бакъул гор тIубанго тIерхьиндал. 

МаркIачIул какил гIуж байбихьула бакъул гор тIубанго тIерхьиндал. Гьелъул гIуж лъугIула бакъ тIерхьун хадуб, бакъ тIерхьунеб рахъалдаса бакъул багIараб кунчIи тIерхьарабго.

Боголил гIуж байбихьула бакътIерхьул рахъалда букIунеб бакъул багIараб кунчIи тIерхьарабго. Гьелъул гIуж лъугIула рогьалида, битIараб хъахIлъи баккун хадуб.

Базе тIадаб, амма бачIого хутIараб паризаяб как бецIизе тIадаб буго. Гьеб бокьун тараб батаниги, гIузруялдалъун тараб батаниги. Масала, кIочон тун, макьидаса гIуж инегIан ворчIичIого хутIун. Амма бокьун таралдаги гIузруялдалъун хутIаралдаги гьоркьоб батIалъи буго. Бокьун тараб как бецIизеги ккола, гьеб теялъул гьесие мунагьги букIуна. ГIузруялдалъун хутIараб как бецIизе тIалъула, амма гьелъул мунагь букIунаро. Телевизоралъухъги балагьун, къваригIел гьечIеб ишалдеги руссун как кIочон тани яги гьединаб жоялдеги руссун кватIараб гIужалъ гурого кьижичIого рогьалил как кватIани, гьеб гIузруялдалъун хутIараб кколаро, бокьун тараб ккола. Как тарав чиясе букIунеб мунагь гьесиеги букIуна.

Как базе карагьалъулел гIужал ккола рогьалил как баралдаса бакъги баккун анкьго натIалъул къадаралъ бакъ борхизегIанги, бакъанил как бан хадуб бакъ тIерхьинегIанги. БитIун зоб бакьулъе бакъ бахун хадуб бакътIерхьудехун дагьаб бакъ гьетIизегIанги. Гьал лъабалго гIужазулъ какал разе карагьатаб буго, хIарамаб карагьалъиялъ.

Гьел гIужазулъ разе бегьуларо заманалда, сабабалда хурхинаричIел мутIлакъал суннаталги, сабабал хадур ккарал какалги. Масала, сапар бухьиналъул, истихараталъул, хIеж бухьиналъул какал.

Гьел гIужаз разе карагьалъуларо рецIулел какал - паризаял рукIа, суннатал рукIа. Гьединго карагьалъуларо (разе бегьула) паризаял каказул суннатал ратибатал, разе бегьула сабабал цере ккарал суннатал какалги. Масала, какичуриялъул мажгиталъул тахIияталъул, бакъ-моцI кквеялъул, цIад гьариялъул какал.

Как базе тIалъула бихьинал, цIуял, балугъал, гIакъилал, бусурбанал, рацIцIадал гIадамазда. БалугълъичIев чиясда как базе тIалъуларо. Эбел-инсуда тIадаб буго анлъго сон барабго лъималазда как малъизе, гьеб баян абун амру гьабизе. АнцIго сон бараб мехалъ как балеб гьечIони, гьезда кьабизе. ГIантал чагIазда как базе тIалъуларо. Капурчиясда как базе тIалъуларо, ай гьесда как баян абизе ихтияр гьечIо. Ахираталда как теялъул гIазаб гьесиеги букIуна. Аслуялда вукIарав капурчи бусурбанлъани, гьес тарал какал рецIизе кколаро, муртадасда тIалъула. ХIайиз-нифасалда йигей чIужугIаданалъги как базе бегьуларо. Гьеб заманалда тараб как бецIизеги гьелда тIалъуларо. ХутIарал жал чIужугIаданалъ мухIканго лъазаризе ккела.

 

Шамил МухIаммадов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...