Аслияб гьумералде

Къабуллъизе ккани

Къабуллъизе ккани

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго Гьесда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал, бегьулел ва хIарамал жал.

 

ДугIа къабуллъиялъе руго рихьизарурал бакIал ва заман. Гьедин гьабурасул дугIа къабуллъиялде цIикIкIун хьулги буго.

Заман халгьаби. ДугIаялъе бищила хириял къоял, гIарафа къо, рузман къо, сардил ахирисеб заман, бакъ баккизе бугеб гIуж.

БакI халгьаби. ДугIа гьабила бакI халгьабун, масала, какил суждаялда, цIад балеб заманалда, как ахIиялдаги къаматалдаги гьоркьоб, паризаял каказда хадуб.

Имам Нававияс хъвалеб буго дугIа гьабилин ракI тамахлъараб мехалъги, ай ццим бахъун гьечIеб хIалалда вукIаго.

Къиблаялде руссин. ДугIа гьабулаго сунатаб буго къиблаялдеги вуссун гьабизе, квералги зодоре рорхун ва дугIа лъугIидал гьурмада рахъила.

ЛъикIаб буго гьаракь борхизабичIого гьаризе. ДугIаби гьаризеги лъикIаб буго Аварагас ﷺ гьарулел рукIарал.

МутIигIлъи, къасд ва хIинкъи букIин. ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ дугIа гьабила хIелун, мукIурлъун, хIинкъигун хьулалда. Щайин абуни, Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасда ﷻ нужеца гьаре хIинкъун ва мукIурлъун», - ян (сура «АгIраф», аят 55).

Жавабалда божи. ДугIа гьабулеб мехалъ нилъ божун рукIине ккола къабул гьабиялда, Аллагьасда ﷻ щаклъизе бегьуларо. Суфян бин ГIуяйнатица абуна, нужерго хIал лъаялъ нахъе къан чIогейин Гьесие дугIа гьабиялдаса. Щайин абуни, нагIана кьураб иблисалъе Аллагьас ﷻ жаваб гьабунин.

Чанго нухалъ гьабила. ДугIа гьабила лъаб-лъаб нухалъ ва ракIалда ккезе теларо Аллагьас ﷻ хехго жаваб гьабизе кколин абураб пикру. Гьелъги дугIаялъе гьабулеб жаваб кватIизабула.

Тавбу гьаби. ДугIаялъе жаваб хехго щвезе рес буго тавбу гьабиялъ ва гIадамазул кколеб хIакъ тIадбуссинабиялъ.

 

 

 

МухIаммад Насрудинов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...