Аслияб гьумералде

Рибаялъул баркатбахъи

Рибаялъул баркатбахъи

ХIурматиял бусурбаби, «Инсан» фондалъул баяналда рекъон, гIезегIанго дандчIвалел руго процентал кьезелъун чияхъа гIарац босарал яги банкалдасан лъикIаланго кIудияб къадар гIарцул кредиталъеги босун кIуди-кIудиял налъабакье ккун жидее кумек гьарун фондалде рачIунел гIадамал. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола рибаян жинда цIар БетIергьанас лъураб даран. Гьебги буго налъуда пуланаб къадар гIарцулги босун, нахъе кьолелъул гьелдаса цIикIкIун кьеялъул къотIиялда гьабулеб даран.

 

Гьеб какун Къуръаналда буго гьадинаб аят: «Ва гьал иман лъурал гIадамал! Нужеца кванаге рибаялдалъун щвараб боцIи-мал. Нуж ТIадегIанав Аллагьасдаса хIинкъа гьеб кваназе, нужго Аллагьасул ццин бахъиналдасаги гIазабалдасаги цIунараллъун хутIизе», - ян («Алу-ГIимран», аят 130). Гьединаб хIинкъи кьолеб буго Аллагьас гьеб ишалде гъорлъе лъугьунесе.

Гьелъул хIакъалъулъ свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: «ТIадегIанав Аллагьас рахIматалдаса рачахъана риба кваналев, ай гьеб хIалтIизабулев чи, гьес кьураб кваналевги, рибаялъе нугIлъи гьабуравги, гьелъие кагъат, ай къотIи хъваравги, гьеб жинца хIалал гьабуравги», - ян. Хал гьабе, бусурбаби! Иблис гIадин БетIергьан Аллагьас жив рахIматалдаса хъамулев пиша-гIамал кин хIалтIизе гьабулеб гIакъилав чияс?

Цоги абулеб буго: риба босулев чиясул садакъа, закагIат, гъазават, ай жигьад, хIеж ва как ТIадегIанав Аллагьас къабул гьабуларо. Свалат-салам лъеяв Аварагасги абун буго: «Бечедал чагIи Алжаналъуре лъугьуна фукъарааздаса щунусго соналъ хадуб», – абун. Гьал бечедал чагIи ккола шаргIияб нухалда гьабураб хIалалаб бечелъиялъул бетIергьаби.

ХIанафияв имамасдасанги бицана: рухI бахъиялда аскIоб иманалдаса ватIалъи гIемерисеб (тавбу гьабичIел) мунагьаздалъун букIуна. Гьедин, чи рухI бахъиялда аскIов иманалдаса ватIа гьавиялде бищунго хехаб мунагь – Аллагьасул лагъзадерида зулму гьаби ккола. Гьединлъидал, ва муъминчи, мун ТIадегIанав Аллагьасдаса хIинкъа, дуца Аллагьасул лагъзадерида зулмуги гьабуге, хIакъ гьечIого гьесухъа боцIи-мал бахъиялдалъун. Гьеб кутакалда кIудияб мунагь ккола. КIодолъи гIеларищ гьелъие рухI бахъиялда аскIоб иманалдаса ватIа гьавизе бищунго хехаб букIин.

ХIакъикъаталдаги зулмулъун ккола жинца кьуралдасаги цIикIкIараб къадар гIарцул нахъе тIалаб гьаби. Гьеб рибаялде гьоркьоре лъугьинго баракат бахъулеб ишлъун букIинго бихьуларищ кумек гьарун гьел «Инсан» фондалде кIанцIи. Гьезул гIемериселги цIакъ чарабухIун, кIанцIизе бакI тIагIараб бакIалде ккун рукIунин бицуна «Инсаналъул» хIалтIухъабаз. Аллагьас нагIанаги кьураб, халкъалда тIад зулму гьабилъунги кколеб, жиндаса баракатги бахъараб пиша тезе нилъер щивасул иманги гIакълуги гIезе ккела.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...