Аслияб гьумералде

Дудасанги бала

Дудасанги бала

Дудасанги бала

Мажгиталда цо-цо халлъулеб жоялдасан букIуна жамагIат гьабун жаназалъул как балелъул гIезегIанго чагIаз гьелъул кIвар гьабунгутIи. АскIор ругел тIаде рахъаниги хабар-кIалалда ялъуни телефоназде къулун чIей. Жаназаялъул как буго цо чанго чияс баниги цогиязда тIаса кколеб парз. Амма гьедин тей рекъараблъун гьечIо.

 

Щайин абуни, жакъа дуе базе бокьичIониги цо къоялъ дудасан цогияз базе ккезе бугелъул гьеб. Жаназаялъул какил бугеб кириялъул бицунаго, гьеб Аварагас ﷺ релълъинабулеб букIана Мадинаялда бугеб УхIуд мегIералда.

Цоги хIадисалда буго: «Бусурбанчи хвараб мехалъ, Аллагьасде ﷻ ширк гьабуларев кIикъого чияс гьесие дугӀа гьабидал, Аллагьас ﷻ (гьезул) гьесие гьабураб шафагӀат (мунагьал чури тIалаб гьаби ва дугIа) къабул гьабула», - ян (Муслим).

Жаназадул как баялъе буго чанго рукну:

ТIоцебесеб ккола ният гьаби. Ният гьабизе ккола паризаяб жаназадул какиейин абун. ЖамагIаталда балаго, ният хварасул цIар абун мухIкан гьабизе кколаро, имамас ният гьабурасдасанин абуни гIола.

КIиабилеб буго ункъо нухалъ «Аллагьу акбар» аби.

Лъабабилеб буго цогиял каказулъго гIадин ахиралда салам кьей.

Ункъабилеб буго тIоцебесеб «Аллагьу акбаралда» хадуб алхIам цIали.

Щуабилеб буго кIиабилеб «Аллагьу акбаралда» хадуб Аварагасде ﷺ салават битIи, кьучIаб рагIиялда абулеб буго салават битIулелъул агьлуялде битIизе тIадаб гьечIинги. Гьеб салаватги лъикIаб буго Ат-ТахIиятуялда хадуб битIулеб «Кама ссалайта» абураб салават букIине, амма цогидаб кинаб бугониги бегьула.

Анлъабилеб буго лъабабилеб «Аллагьу акбаралда» хадуб хварасе дугIа гьаби. Гьелъулги бищун къокъаб къадар «Аллагьумма гъфир лагьу вархIамгьу», жаназа чIужугIаданалъул бугони - «Аллагьумма гъфир лагьа вархIамгьа» абила, чангоял ругони - «Аллагьумма гъфир лагьум вархIамгьум». (МагIна: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца ﷻ гьесул мунагьал чуре ва гьесда гурхIа», - ян).

Анкьабилеб ккола хIалкIолев чи вахъунчIей. ВахъунчIезе хIалкIоларес гIодовчIунгоги базе бегьула.

Жаназадул как балелъул кантIизе ккараб бакI буго, имамасда хадуб балев чи цо «Аллагьу акбаралдаса» цогидаб абизегIан заманалъ гIузру гьечIого нахъа ккезе чIезе бегьунгутIи. Гьедин нахъа ккеялъ как биххизабула. Щайин абуни, щибаб «Аллагьу акбар» аби жаназадул какилъ цо-цо ракагIатлъун рикIкIуна.

КватIун вачIарав жаназадул какда нахъвилъани, как бухьун хадув гьев лъугьина «АлхIам» цIализе, цогидаз щиб цIалулеб бугебали халгьабичIого, цинги имамас «Аллагьу акбар» абун цогидалде лъугьиндал цIалулеб «АлхIамги» лъугIизе тун, гьезда хадув ина. Гьединаб къагIидаялда гьев вукIина, гIадатияб какилъ цIалулеб «АлхIамги» тун имамасда хадув рукугIалде арав кинниги. Хадуб имамас салам кьедал, гьес жиндирго хутIарал такбирал тIуразарила.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...