Аслияб гьумералде

Вакъун чи хутIилароан

Вакъун чи хутIилароан

Вакъун чи хутIилароан

ГIалимзабаз абула щивав чияс жиндаго тIадаб закагIат бахъулеб букIарабани, вакъарав чи вукIинароанин. Амма нилъеда рихьула мискин-пакъирлъиялда ругел ва гьелдалъун бичIчIулеб буго гIадамаз закагIат ккун чIезабун бугеблъи. ЗакагIат бахъиялъулъ баракат букIуна. Гьеб ккола исламалъул аслабазул цояб ва гьеб тIадаб букIиналъе далилги буго Къуръанги, хIадисги, ижмагIги. Гьелде инкар гьабурав чиги капурлъула.

Аллагьас ﷻ закагIат тIад гьабиялда жаниб гIемерал хIикматалги пайдабиги руго. ЗакагIат бахъиялъ мискинлъи тIагIинабула, мискиназдаги бечедаздаги гьоркьоб вацлъи-гьуинлъи щулалъизабула, ракIал сахаватлъизарула, къарумлъиялдасаги бахиллъиялдасаги ракIал рацIцIад гьарула, боцIи цIубазабула, боцIуда баракат лъола, боцIудаса балагьал нахъчIвала.

ЗакагIат бахъичIеб месед-гIарац, цIаялъ махх кинниги багIаризеги гьабун, гьеб бахъичIел ва хазинаде цIунарал гIадамазул надаздаги, хьалбаздаги, мугъаздаги цвизабула, гьезул гьанги бежизабула. «Гьаб буго закагIат бахъичIого нужеца хазинаде цIунараб боцIи, гьанже гьелъул гIазаб чIаме», - ян гьезда кIалги гьикъула. Къиямасеб къоялъ закагIат бахъичIого тарал хIайванал, бищунго чIахIияздеги сверун, гьез закагIат бахъичIев боцIул бетIергьанасда лълъурдул тункула, мерхьула ва гьедин гIазабалда вукIуна МахIшаралда гIадамазул хIисаб-суал гьабун бахъинегIан. ЗакагIат бахъичIеб боцIи, рас хIуларал, кIиябго беразда гьоркьоб кIиго тIанкI бугел чIахIиял аздагьабазде, борхьазде сверула ва гьел закагIат бахъичIесул габуралдаги жемула. Цинги борхьазги абула: «Ниж ккола дуца закагIат бахъичIеб боцIи», - ян.

ЗакагIат ккола мискинзабазул боцIи, дунялалда кьечIеб закагIат Аллагьас ﷻ ахираталда бецIизабула. Чи хвараб мехалъ гьес нахъе тараб боцIудаса васият тIубалалде, ирс бикьилалде, садакъа гьабилалде, бахъичIого тараб закагIат бахъизе ккола. ЗакагIат бахъичIеб боцIуде балагьал рещтIуна, баракат гьечIолъи бихьула.

ЗакагIат тIалъулев чи вукIине ккола бусурбанав. БалугълъичIеб лъимералъулги гIантав чиясулги боцIуда закагIат тIалъула, амма гьезул боцIудаса закагIат валияс бахъула, гьеб тIалъулеб къадаралде боцIиги бахине ккола, боцIуца лъагIелги сверизе ккола.

ЗакагIат тIалъулел боцIул тайпаби

ЗакагIат тIалъула месед-гIарацалдасаги рукъалъул хIайваназдасаги, дармил къайиялдасаги, пихъидасаги, тIощалидасаги, рекьулел мугьаздасаги, магIданаздасаги, ракьулъ бахчун батараб месед-гIарцудасаги.

Месед-гIарцудаса закагIат бахъизе кида тIалъулеб?

Цо чиясул рокъоб 80 грамм меседил, 560 грамм гIарцул лъагIалица хутIани, гьелъул 2,5 процент яги кIикъого бутIа гьабун цо бутIа закагIаталъул бахъизе ккола.

ЧIегIерхIайваназдасаги гIияздасаги закагIат кида бахъизе тIалъулеб?

ЧIегIерхIайванал яги гIиял ругони нисабалде щварал (закагIат тIалъулеб гъоркьияб къадар) яги тIадехун арал, гьезда тIад лъагIелги сверани, лъагIалил гIемерисеб заманалда кIалцIи кьун хьихьизе ккечIого гIалахалда кванан тIуралелги ругони, закагIат бахъизе тIалъула. 30-39-ялде щвезегIан чIегIерхIайваналдаса - цо лъагIел бараб бече бахъула, 40-59-ялде щвезегIан - кIиго сон тIубараб бахъула, 60-69-ялде щвезегIан - цо сон бараб кIиго бече бахъула.

70-79-ялде щвезегIан - цо сон тIубарабги, кIиго сон тIубарабги кIиго бече, 90-99-ялде щвезегIан - цо сон бараб лъабго бече, 100-109-ялде щвезегIан - цо сон бараб кIиго бече, кIиго сон бараб цо бече бахъула, 110-119-ялде щвезегIан - цо сон бараб цо, кIиго сон бараб кIиго бече бахъула. Гьелдаса хадуб щибаб лъеберго чIегIерхIайван халгьабун - цо сон бараб, щибаб кIикъого чIегIерхIайван халгьабун - кIиго сон бараб бече бахъула.

ГIиязул 40-120-ялде щвезегIан - цо сон бараб гIиялъажо яги кIиго сон бараб цIелжо бахъула. 121-200-ялде щвезегIан - кIиго гIиялъажо бахъула, 201-399-ялде щвезегIан - лъабго гIиялъажо бахъула, 400-ялдаса - ункъо гIиялъажо ва гьелдаса хадуб щибаб нусгоялдаса - цо-цо гIиялъажо бахъула.

ТIощалидаса, пихъидаса закагIат кида бахъизе тIалъулеб?

ТIощалил бачIин мугь бацIцIад гьабун 5 вускъуялде бахани (гIага-шагарго 900 литр) яги гьелдаса тIаде ани, закагIат бахъизе тIалъула. Гьеб тIощел цIадалъ лъалъараб батани, гьелъул анцIго бутIа гьабун цо бутIа бахъула. Амма баччараб лъеца яги каналалъуса бачаралъ лъалъараб батани, анцIил бутIаялъул бащалъи бахъула. Масала, 60 къалиялдаса - лъабго къали. Пихъазул абуни, цIолбодасаги чамасдакалдасаги гурони закагIат бахъизе тIалъуларо. ТIощалил гIадаб къадаралде, ай щуго вускъуялде цIолбол бачIин бахани, гьелдасаги анцIил бутIа бахъула, цIадаца лъалъараб батани. Масала, 300 сахIалдаса - 30 сахI бахъула. Баччараб лъеца яги каналалъуса бачараб лъеца лъалъараб батани, анцIил бутIаялъул бащалъи бахъула. Масала, 300 сахIалдаса - 15 сахI.

Дармил къайиялда закагIат кида тIалъулеб?

ХIайванал, рукъзал, ракьал, машинаби, квен-тIех, ххам-кIач, ай сундул даран гьабулеб батаниги, даран гьабулев чияс закагIат бахъиялъул суал мухIкан гьабизе ккола. Гьединлъидал цо чияс, масала, рамазан моцIалъул байбихьуда цо къайи босани даран гьабиялъул нияталда, тIасияб рамазан тIаде щварабго гьес гьеб къайиялъул багьа чIезабизе ккола, цинги гьеб багьаги, даран гьабун щвараб хайирги дандкьабизе ккола. Гьеб кинабго 85 грамм меседалде яги 590 грамм гIарцуде бахун батани, яги гьелдаса цIикIкIун батани, гьеб киналдасаго 2,5 процент бахъизе ккола. Щибаб 1000 гъурщидаса - 25 гъурущ. Даран гьабун щвараб хайиралъухъ жиндиего нахъе тезе ракь, мина, къайи, машина босун батани, гьеб жиндаса закагIат бахъулеб боцIуде гьоркьобе унаро. Даран гьабулеб къайи лъагIел сверилалде рукъалъего тезе къасд ккани, гьелдасаги закагIат тIалъуларо. Дармил къайиги закагIаталъе кьезеги бегьуларо, гIарцудалъун бахъизе ккола. ДаранчагIаз цIакъ кIвар кьезе ккола закагIат бахъиялъул иш мухIкан гьабиялде.

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


ЧIор речIчIиялъул турнир

ГӀахвахъ районалъул гӀадамазда гьоркьоб «Лучник» клубалда тIобитIана чIор речIчIиялъул турнир.  Турниралъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана МахӀачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултанов, Шамсудин Шамсудинов - ГӀахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ва «ГIахьвахъ...


Рукъалъул мучари, гъаран

Гъаран (укроп) (латиназул мацӀалда Anethum ) — сельдереязул хъизаналъул лъагӀалилаб хералъул гъветӀ, гьелъул цохӀого цо тайпа ккола махӀ жиндаса бугеб гъаран (мугIрул мучари), яги хурул гъаран. ГӀалхул гъаран бижула ГьитӀинаб Азиялда, Шималияб Африкаялда, Ираналда ва Гималаязда. Бекьулеб ва...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана     Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб...


ЦIияв ректор

Саида Сиражудинова тӀамун йиго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректорлъун. Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан баркала загьир гьабуна цеве ректорлъун вукӀарав НухӀкъади БахIмудкъадиевасе, гьес гьабураб хӀалтӀухъ. Баркалаялъул гӀаламат хӀисабалда гьесие сайгъат...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, школалъул нухмалъулевгун, мадрасаялъул ректоргун цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун. Гьезулгун...