Рамазаналъ кIал биччани…

ГIузруялдалъун яги гIузру гьечIого бичараб кIал бецIизе ккола. ГIузруялдалъун тараб кIал бецIизе ккола, амма мунагь букIунаро. ГIузру гьечIого тараб кIалалъул мунагьги букIуна, гьеб бецIизеги ккола. Исана хутIарал кIалал гIузру батичIони, тIасияб рамазан бачIиналде рецIун лъугIизаризеги тIадаб буго. Ресги букIун рецIичIого тани, рецIичIого теялъул хIакъги батула ва щибаб сон рикIкIун бецIичIого тараб кIалалъул мудалги тIаде рачIуна.
Масала, къого соналъ цебе кквечIеб лъеберго кIал батани, ресги букIаго къого соналъ гьелги рецIичIони, гьесда анлънусго муд тIалъула мискинзабазе кьезе. ГIузруялъе гIоло кIал кквечIони, гьеб гIузруги хвезегIан тIасан инчIони, гьес кIал бецIизеги мудал рикьизеги кколаро. Ресги букIун кIал кквечIого цо чи хвани, гьесул хутIарал кIалал гIагарав чияс рецIизе ккола яги гьес нахъе тараб боцIудаса щибаб кIал рикIкIун муд бахъила. Гьесул боцIи нахъе хутIун батичIони, бокьарав чиясе ихтияр буго гьесул мудал рахъизе, налъи бецIизе ихтияр бугебго гIадин.
Аллагь гIемер рехсезе, свалат гIемер битIизе, дугIа гIемер гьабизе лъикIаб буго кIал ккурав чиясе. Хасго кIал биччан хадуб гьабила гьаб дугIа: «Аллагьумма лака сумту, ва гIала ризкъика афтIартIу, ва бика аманту, ва лака асламту, ва гIалайка таваккалту, ва рахIматика ражавту, ва илайка анабту, загьаба ззамау вабталлатил гIурукъу, ва сабатал ажру иншаАллагь».
МагIна: «Я дир Аллагь. Дица Дуе гIоло кIал ккуна, Дур ризкъиялдалъун дица кIалги биччана, Дуда дица иманги лъуна, дун Дуеги мутIигIлъана, Дуде дица таваккалги тIамуна, Дур рахIматалда дир хьулги лъуна, Дудехун дунги вуссана, къечги тIаса ана, бидурихьалги риччана, Аллагьасе бокьун батани кириги щвана. Я цIоб гIатIидав Аллагь, Дуца дир мунагьал чуре. Щибаб рецц Аллагьасе жинца дие кIал кквезе кумек гьабурав, кIал биччазе ризкъиги кьурав. Я дир Аллагь, Дуца дие тавфикъ кье кIал кквезе, сардилъ тIаде вахъинеги Дуца дие гьунар кье, Алжаналдеги Дуца ниж лъугьинаре саламалдалъун».
Сахлъизе хьул гьечIеб унтиялъ яги херлъиялъ кIал кквезе бажарулеб гьечIони, гьес щибаб кIал рикIкIун цо-цо муд бахъула. Къинай гIаданалъ яги лъимер хахизабулей гIаданалъ лъимералъе зарал ккеялда хIинкъун кIал кквечIони, кIалги бецIизе ккола щибаб кIал рикIкIун мудги бикьизе ккола.
Гьанжесел гIалимзабаз мудалъул къадар чIезабун буго 600 грамм. Буго дагьа-дагьаб батIалъи бугел бакIалги. Гьеле гьеб къадар шагьаралда гIемерисеб бетIербахъи гьабулеб жоялдаса мискинзабазе яги пакъирзабазе кьезе ккола. Масала, шагьаралда гIемерисеб ролъ кваналеб батани, гьелдаса рахъизе ккола мудалги. Цо чиясе чамалиго муд кьезеги бегьула, амма чамалиго чиясе кьуни рекъараб буго. Мискинзабазулги пакъирзабазулги цо тайпаялъе кьуни бегьула, кIиябго тайпаялъе кьуни хирияб буго.
Мудал, гьел батIаго рахъулев чиясул росулъ, яги шагьаралда кьезе тIадаб гьечIо, ай цоги росулъ, шагьаралда ругел мискинзабазе, пакъирзабазе кьуниги бегьула. («ХIашиятул Жамал», том 3. гьум. 457). АбухIанифа имамасда аскIоб шафигIиязул ролъул мудалъул бакIалда хIанафиязул бащадаб сахI ролъул кьезе ккола. («Аль-фикъгьуль исламийя», том 3. гьум. 1743. «Тафсирул КъуртIуби», том 1. гьум. 192). (Бащдаб сахIги хIанафиязда аскIоб 1 кг. 900 грамм ккола). («Аль-фикъгьул исламийя», том 1. гьум. 143).
Гьаб заманалда ролъул мудазул бакIалда гIарац кьун толел гIадамаз цин АбухIанифада нахъги рилъун багьа кьезеян ният гьабизе ккола, хадубги гьес бахъизе бихьизабураб къадаралъул (1 кг. 900 граммалъул) багьа яги гIарац кьезе ккола. Щай абуни, шафигIиясда аскIоб кквечIого тараб кIалалъул (фидят) цо муд ккола, ай 600 грамм. Гьединлъидал гIарац бахъулеб бугони, ХIанафияс бихьизабураб къадаралда бахъизе ккола.