Аслияб гьумералде

Какилъ карагьатал жал

Какилъ карагьатал жал

Нилъеца балеб какил пикру гьабизе ккола. Цо-цоял какилъ ругеблъи кIочон тун, къваригIунарел, амма как биххизабуларел пишаби гьарулел ратула. Масала, берал гIемер къанщи, бетIер хъаси ва гь. ц. Какилъ карагьатаб буго добе-гьанибехун гьумер буссинабизе. Гьумер добе-гьанибе буссинабичIебгIан заманалда Аллагь ﷻ как балев чиясде разилъиялдалъун балагьулилан бицараб хIадисги буго.

Махсаро гьабун гьумер добе-гьанибе буссинабизе карагьалъула, хIажалъи батичIони. ХIажалъи бугони, какилъ добе-гьанибе гьумер буссинабизе бегьула. Гьединго какилъ карагьалъула бераз, кIутIбуз, кьунсруз щиб бугониги ишара гьабизе. ХIажалъи бугони, карагьалъуларо. Масала, салам кьурав чиясе жавабалдалъун ишара гьабуни, гьеб бегьула.

Гьединго карагьалъула какилъ берал зодоре ралагьизаризе. Какичурун хадуб дугIа гьабулаго берал зодоре ралагьизаризе суннатаб буго. Бакъ-моцI, цIваби рижиялъул хIикматал рихьизе гIоло зодоре ралагьизе суннатаб буго. Какилъ карагьалъула хIухьел пузе, гьакIкIадизе, килщазул гьаракь бахъинабизе, килщал цоцалъ къазаризе, бетIер гIицI гьабизе, мегIералда, кIалалда квер лъезе. ГьакIкIадулев вугони, квегIаб квер тIад лъела.

Какилъ карагьалъула цояб хIатIиде хIал биччан чIезе, кIиябго хIетIе цоцазда цвизаризе бихьиназе карагьалъула (руччабазе суннатлъула), какилъ халат вахъун чIун свакарасе бегьула. Гьединго карагьалъула тIеренчехьалда тIад кверал лъезе, бихьинчияс рукугIалдаги суждаялдаги гIункIрукьал хьалбазда цвизаризе, мачIчIабазда чехь цвизабизе (чIужугIаданалъе суннатлъула). Карагьатаб буго сужда гьабулаго нодо гIодоб кьабизе, гьединго карагьалъула рукугIалда вукIаго бетIер мугъалдаса гIодобегIан гьабизе яги борхизабизе.

Гьединго карагьалъула цо жоялде хIалги биччан чIезе, гьеб бортани живги вортуледухъ. Карагьалъула какилъ цебехун яги кваранидехун хIацIу твизе, квегIидехун бегьула, мажгиталда хIарамлъула, гьениб хIацIу квегIаб гурдил къвалалде яги кверчIелалде твизе ккола. Карагьатаб буго чалмаялъул рагIал цо бакIалда къазабизе, ретIел данде къазе, гъуждул гуризе, кверчIел бакIаризе, бакьулъ бакI къазе.

ТIажу кквеялъул нияталда рачел къазеги, тIаждал чIоло бухьинеги бегьула. Карагьалъула къвалазда жаниреги регьичIого кверал гурдеялда, халгIаталда жанирго тун как базе. Гьединго карагьалъула имамасда хадуб как балес «амин» гуреб жо рагIун цIализе.

Гьединго карагьалъула какилъ тIатун цIализе суннатлъулеб жо балъго цIализе, балъго цIалулеб - тIатун цIализе. ГIемер хъуй букIиналъ тIатун гурого «АлхIам» цIализе кIолеб гьечIони, тIатун цIализе бегьула. Карагьатаб буго кIиябго цебесеб ракагIаталда Къуръаналъул суратал цIаличIого тезе, рукугI, сужуд, игIтилалда гьарулел азкарал гьаричIого тезе. Къула-ворхулаго «Аллагьу акбар», «СамигIаллагьу лиман хIамидагьу» абичIого тезе. Хасго «Магьдина», тIоцебесеб «АттахIийяту» гIадал какил абгIазал гьаричIого тезе. Гьединго карагьалъула тIоцебесеб «АттахIийяту» халат гьабизе, ай «Аллагьумма сали гIала МухIаммад» абураб бакIалда чIезе ккола.

Гьединго карагьалъула ахирисеб «АттахIийяту» лъугIун хадуб цIалулел дугIаби цIаличIого тезе. Имамасда хадуб как балесеги карагьалъула какилъ къула-ворхи ва цогидал жал имамасда цадахъ ккезаризе. Имамасда хаду-хадув вукIине ккола. Гьединго хIажалъи батичIони, карагьалъула имамасдаса борхатаб яги гIодобе ккараб бакIалда чIезе, мухъалдаса ватIаго чIезе, мухъилъ гьоркьоб чIобого бакI тезе, пасикъасда, бидгIачиясда хадуб как базе, паризаяб как балев чи суннатаб балесда нахъвилълъине. Гьединго карагьалъула какде векерун ине, какилъ гьарулел ишазулъ гIедегIизе.

Гьединго къечон, вакъун, хIадурараб кванде гъирагун яги цеве-данде балагьун чи вукIаго гьури, кIущ, гъиз хIалакараб хIалалъулъ, макьу бергьун, ццим бахъун букIаго, базаралда жаниб (гIадамазда гьоркьоб), хIамамалда (банялда, ретIел бахъулеб бакIалда бугониги), килисаялда, рацIцIадал хабзалалъ, мунагьал гьарулел бакIазда, боцIи-хIайванал хъолеб бакIазда, цересан гIадамал хьвадулеб бакIазда какал разеги карагьалъула. Амма цоги бакI балагьулаго гIуж борчIиялда хIинкъи бугони, ругелъубго базе ккола как.

Нилъеца кIванагIан хIаракат бахъизе ккола карагьатал жал гьаричIого тезе, хIарамлъиялъул бицинего бицинарин.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Алжаналда рукIунел хIурулгIинзаби

Руччабазул гӀемер гьикъулеб суал буго Алжаналда рукIунел хIурулгIинзабазул хӀа-къалъулъ. ГӀемерисезе бокьуларо росас цоги лъади ячине, ахираталда гьесие щвезе рес бугей хIурулгIин гьей ятанигицин. Кинниги Аллагь гIадилав вуго.   РитӀухъаб гӀумру гьабурал, БетIергьан разияб хIалалъ хьвадарал...