Аслияб гьумералде

ТIадегIанаб къо

ТIадегIанаб къо

ТIадегIанаб къо

Анасица бицараб хIадисалда хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Щив чи вугониги жинца мухIаррамалъул лъабго къоялъ кIал ккун, ай хамизалъ, рузманалъ, шаматалъ, БетIергьан Аллагьас гьесие хъвала щибаб къо рикIкIун ичIнусго соналъул гIибадат», - абун. Гьединго, имам Нававияс хъван буго: «Хириял моцIазул суннатаб кIал кквезе бищунго хирияб мухIаррам буго», - ян.

 

МухIаррам моцIалъул анцIа-билеб къо ккола ГIашура къо. Гьеб буго ГIарафа къоялда хадуб лъагIалида жаниб бищун хирияблъун рикIкIунеб къоги.

 

ГIашура къоялъул хиралъи

Ибну ГIабасидасан бицана: «Свалат-салам лъеяв Авараг Мадинаялде вачIиндал, гьесда ягьудиял ратана кIал ккун, цинги Аварагас гьезда гьикъана: «Гьаб къоялъ нужеца кIал кквеялъе гIилла щиб?» - абун. Гьез жаваб гьабуна: «Гьаб буго тIадегIанаб къо, жиндилъ Аллагьас Муса авараг хвасар гьавураб, фиргIавнги гьесул къавмги гъанкъизабураб ва гьеб къоялъ Муса аварагас щукру гьабун кIал ккуна», - ян. Цинги, Аварагас ﷺ абуна: «Ниж Муса авараг кIодо гьавизе цIикIкIун мустахIикъал руго нужедасаги», - ян. Хадуб, Аварагас ﷺ гьеб къоялъ кIал кквеян асхIабзабазда амру гьабидал, гьез абуна: «Я, Бичасул Авараг! Нилъеца кин гьеб къоялъ кIал кколеб, гьеб къо буго ягьудиязги насраниязги кIодо гьабулеб къо», - ян. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Исана нилъеца кIал кквела, тIасияб соналъ гьезда релълъенлъи гьабичIого букIине нилъеца ичIабилебги анцIабилебги къоялъ кIал кквела», - ян. Киниги хирияв Авараг ﷺ тIасияб соналде щвезегIан хутIичIо, гьаб захIматаб дунял тун Алжаналде вачун ана.

Гьединго, Ибну ГIабасица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца ГIашура къоялъ кIал ккве, ягьудиязде хилиплъиги гьабе, цебесеб яги нахъисеб къоялъ кIал кквеялдалъун», - абун.

Абу Къутадатица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Свалат-салам лъеяв Аварагасда гьикъидал ГIашура къоялъул хиралъиялъул, Гьес абуна: «ГIашура къоялъул кIалалъ араб тIубараб соналъул мунагьал чурула», - ян.

ЦIакъго хирияб буго ГIашура къоялъ мискин-пакъирасе садакъа кьезе, рокъор ругел чIужу-лъимал рохизаризе. Аварагас ﷺ хIадисалда абун буго: «Щив чи вугониги ГIашура къоялъ бесдал лъималазул бетIералда квер бахъун, ай гьезие кумек гьабун, Аллагьас гьесул квер хъвараб рас рикIкIун гьесул даража борхула», - ян. Абу Гьурайратица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги ГIашура къоялъ жиндирго хъизамалъе гIатIилъи гьабун, Аллагьас гьесие тIубараб соналъ гIатIилъи гьабула», - ян. Гьеб къоялъ цо диргьамалдалъун гьабураб садакъа Аллагьас ﷻ анкьнусазариде бахинабулаянги буго.

Ибну ГIабасица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги ГIашура къоялъ кухIлу бахун, гьесул берал киданиги унтиларо», - ян.

Гьеб къоялъ лъугьана гIемерал лъугьа-бахъинал. ГIашура къоялъ Аллагьас ﷻ бижана зоб-ракь, гIарш-курс, малаикзаби, гьеб къоялъ вачIана Адам авараг Алжаналдаса дунялалде ва гьеб къоялъ къабул гьабуна Аллагьас ﷻ Адамил тавбу, гьеб къоялъ гьавуна Аллагьасул ﷻ гьудул Ибрагьим авараг ва гьев цIаялдаса хвасар гьавуна. ГIашура къоялъ Юнус авараг вачIана ччугIил чохьониса къватIиве, Аллагьас ﷻ нахъе босана Аюб аварагасдаса унти.

 

ГIашура къоялъ цIалулеб дугIа

ТIоцебе цIалила 70 нухалъ «ХIасбуналлагьу ва нигIмал вакил, ва нигIмал мавла, ва нигIма ннасир». Хадуб, анкьго нухалъ гьаб дугIа цIалила: «СубхIаналлагьи мильаль мизани ва мунтагьал гIильми ва маблагъа рриза, ва зинаталь гIарши, ла мальжаа ва ла манжаа мина ллагьи илла илайгьи, субхIаналлагьи гIадада шшафгIи валь ватри, ва гIадада калимати ллагьи таммати куллигьа. Асъалука ссаламата бирахIматика я архIама ррахIимин. Ва ла хIавла ва ла къуввата илла биллагьил гIалиййил гIазим, ва гьува хIасби ва нигIмаль вакилу, ва нигIмал мавла, ва нигIма ннасиру ва салля ллагьу гIала саййидина МухIаммадин хайри халкъигьи ва гIала алигьи васахIбигьи ажмагIина».

 

ХIасан ХIажимухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...