Аслияб гьумералде

ХIасад ккола

Ахир лъикIаб кколаро

ХIасад ккола

Хиянат гьаби буго кутакалда рекъечIеб, лъикIаб гуреб гIамал. АскIов вугев божарав, жинде мугъчIвай гьабизе бегьилин кколев вукIарас гьеб гьаби, кIиго нухалъ цIикIкIун унтулебги букIуна. Щайин абуни гьез хиянат гьабилин ракIалдецин кколеб букIунарелъул.

 

Гьединал лъугьа-бахъиналин абуни гIезегIан ккана жакъа къоялде щвезегIанги. Масала, Муса аварагасул вацгIал Къарун вукIана Мусада цадахъ вукIарав, БетIергьанасе ﷻ гIибадат гьабиялъе гIемераб заман тIамурав, Мусаца тIаса рищарал кIикъогоязул цояв ва Аллагьгун ﷻ Синай магIарда Муса кIалъалелъул гьенивги вукIарав.

Къарун вукIана цIакъ язихъав чи. Мусаца гьесдаги жеги кIиго асхIабасдаги хасаб гIелмуялъул бабал малъула. Къарун, гьес малъаралда гIей гьабун чIоларо, ва цогидалги бабал лъазаризе лъугьуна, ай Мусаца малъичIел. Гьелъул хIасилалда Къарунида лъала гIадатиял магIданазул багьаял ганчIал гьаризе ва гьедин бечелъула. Цинги гьесулъ баккула чIухIи, хIасад, ракIхъублъи гIадал тIабигIатал. КIудиял рукъзал ран, щиб бокьаниги бокьараб гьабизе бечелъи щун вугев Къарун гьелда къокълъун чIоларо. Чорхолъе бачIараб, жидеца чиясулъ бугеб дагьабниги мадараб лъикIлъи-гIамал хвезабулеб, хIасад, ракIчIегIерлъи сабаблъун гьев лъугьуна гIадамазда гьоркьор батIи-батIиял гьерсал тIиритIизарун, Мусае зарал гьабизе. ХIакъикъаталдаги Муса Аллагьасул ﷻ расул вукIин лъалеб букIаниги. 

Доб заманалда рукIарал шаргIиял хIукмаби ричIчIизаризелъун Мусаца гIадамал данде ахIидал, Къаруница цIехола гьел хIукмаби аварагасе хасиятал ругищилан абун. Ругин жаваб кьола Мусацаги. Гьеб мехалъ Къарун лъугьуна киназдаго цеве Муса аварагас зина гьабунин абун гьесде гIайиб гIунтIизабизе. Жинцаго бицунелъе далиллъун гьес йихьизаюла, цебеккунго гIарацги кьун, Мусада рогьо базе хIадур гьаюн йикIарай цо гIадан. Амма чияс кинал анищал, хьулал гьаруниги, Аллагьас ﷻ Жиндиего бокьухъе билълъанхъизабула. Аварагзабиги БетIергьанасул ﷻ цIуниялда гъоркь рукIуна. Аллагьас ﷻ течIо гьей гIаданалъ гьереси бицине, гьелъул гIаксалда, Аллагьас ﷻ гьей тIамуна битIараб бицине ва кин жий Къаруница Мусаде гьереси гIунтIизабизе хIадур гьаюн йикIараяли.

 

 

ХIасад ккола Аллагьас жиндир лагъасе кьураб нигIмат захIматлъун гьеб гьесда тIаса ине бокьи. Аварагас ﷺ абулеб буго: «ХIасадалъ лъикIал гIамалал кванала цIаялъ цIул кваналеб гIадин», - абун. ТIоцебе дунялалда ккараб мунагьги гьеб буго. Иблисалъ Адам аварагасде хIасад гьабуна, гьесул кIудияб даража бихьун ва инкар гьабуна гьесие сужда гьабизе. Цинги хIасадалъ иблис бачана Аллагьасде гIасилъиялде.

 

 

 

Жиндирго вацгIал, божилъи гьабун бану исраилазда гьоркьоса рищаразул цояв, Аллагьгун ﷻ кIалъалелъул аскIов вукIарав гьес гьабураб хIалихьалъи бихьарав Мусал кутакалда ццим бахъуна ва Аллагьасде ﷻ вуссун квешаб дугIа гьабула гьесие. Аллагьас ﷻ тамихI гьабуна Къаруние. Гьев ва кинабго гьесул бечелъи ракьалъ жанибе цIан ана. 

Гьединаб талихIкъараб вакъигIат ккана Къарунил хъантIи ва хиянат сабаблъун. Аллагьасул ﷻ аварагасе хIалае чIун, муъминзабазда гьоркьов вукIаравани, гьевги хвасарлъилаан, БетIергьанасул ﷻ разилъиялдалъун ахираталда Алжаналдеги инаан.

Гьесул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналда абун буго, Къарун абулев бахилав, залимав чи вукIанин Муса аварагасул къавмалъул цояв. Гьес жиндир агьлуялъе зулму, къварилъи гьабунин. Аллагьас ﷻ жиндие кьурал нигIматазе шукру гьабичIого, гьезде инкар ккураздасаги вукIанин. Цинги Аллагьасул ﷻ амруялдалъун гьев ракьалъ ккунин ва жаниве вачанин абун (суратул «Къасас»).

Гьединаб жо буго ракIхъублъи, хIасад, цогияздехун квешаб бералдалъун балагьи, хиянат гьаби. Гьеб гIицIго цоги чиясдехун гIамал мекълъиялда къокълъун хутIулеб жоги гуро, гьеб буго живго БетIергьанасдехунги ﷻ гIамал квешлъи.

Гьеб буго жиндир заманалда, Аллагьасе ﷻ мутIигIлъичIого, иблисалъги гьабураб гIамал. Жакъа раккарал цо-цо хиянатчагIиги руго гьебго нухалда рилъунел, жидер ракIазулъ беццлъиялъ, Аллагьасул ﷻ вализабазе зарал гьабизе лъугьарал. Амма гьезда кIочон толеб буго цере рукIарал жалго гIадазул ккараб къисмат, ахир. Аллагьас ﷻ гьел къватIир чIвазарула. БетIергьанас ﷻ гьезул щибго цебетIезе тезе гьечIо, гьечIеблъи бихьулебги буго къобахъанагIан. ХIапдезе лъугьараб гьвеялъул кинаб хIал букIунеб аскIоса унес гамачI кодобе босизе хиял гьабуни, гьединаб хIал лъугьун буго гьезулги. 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...