Аслияб гьумералде

ЧIунтизе ва биххизе буго

ЧIунтизе ва биххизе буго

ЧIунтизе ва биххизе буго

 

Цебе заманалда вукIарав цо къиралас гIемераб харжги гьабун бан буго чIухIараб кIалгIа. Гьеб бан лъугIидал, сверухълъиялда ругелги ахIун, тепсиги гIуцIун буго.

 

Тепсиялда квана-гьекъон лъугIидал, къираласул вазирзабаз гьалбадирида цIехон буго, нужеда бихьулеб кIалгIаялда кинал рукIаниги гIунгутIабиго ругищилан абун. Киназго абун буго гьечIин, цIакъ берцинаб кIалгIа бугин абун. Ахиралда тIаде вачIарав кIигоясда цIехедал, гьез абула кIалгIаялъул кIиго гIунгутIи бугин абун. Гьел рачун туснахъ гьарула ва заманалдасан къираласухъе рачуна. Гьес нахъеги цIехола гIунгутIабазул хIакъалъулъ. Цинги гьез абула гьаб кIалгIа кида-къадги чIунтизе букIин кколин цо гIунгутIи ва гьелъул хважаин хвезе вукIинги кколин кIиабилеб гIунгутIи.

Къиралас битIараб бугин абула ва цIехола биххулареб, хважаин холареб бакI букIунабдайин абун. Гьез бицун буго ахираталъулги Алжан-жужахIаялъулги хIакъалъулъ. Гьеб мехалда цIакъ ракI бакъван лъугьун вуго къирал. ГIадада ун бугин жиндир заманилан кIалъан вуго гьев. Къиралас гьезда гьарун буго даимаб рокъобе босулеб жо малъейилан абун. Гьезин абуни къирал ахIун вуго ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабиялде. Къираласги гьезул ахIи къабул гьабун буго ва тавбуги гьабун Аллагьасде вуссун вуго.

Хириял диналъул вацал ва яцал. Гьаб дунялалда бугебщинаб жо, кигIан гIемераб ва къиматаб батаниги, нилъеда тIаса уна. КигIан гIумру халатав чиясги дунял тола. Гьебги бичIчIун нилъ рукIине ккола чIахIи-чIахIиял хъулби ралел, чIухIарал машинаби росулел гурел, ахираталде къачIадулеллъун.

 

 

 

КАНТIЕ

Гьаб дунял ва гьелда жаниб бугеб берцинлъи ТIадегIанав Аллагьас бижараб мехалъ, хирияб Къуръаналда дунялалъул мисал бачана инсанасда гьелъул хIакъикъат бичIчIизе ва Жинцаги абуна (магIна): «ТIадегIанав Аллагьас нужее мисал бачунеб буго, гьаб дунялалъул чIаголъиялъул, гьеб буго зодиса балеб цIадалда релълъун, цинги гьеб цIад жубала ракьулъан баккулеб гIурччинлъиялда, цинги гьеб гIурччинлъи сверула бакъвараб хариде ва гьеб херги уна гьороца босун. Аллагь кинабго жоялда хIал кIолев вуго» («Алкагьф» 45).

 

 

«Тавпикъ кьеги щивасе,

Щукру гIемер гьабизе,

Гьаб ракьалда Аллагьас

Кьунщинал нигIматазухъ.

Тавпикъ кьеги гIолезе

ЧIухIи гIодоб рехизе,

ЧIабаралде ралагьун

Гьоркьо-гьоркьор хьвадизе».

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...